Даимлъиялде боржине бугеб кечI

Расул Макъсудов

ТалихIалъул цIураб гIолиллъиялъул кечI. Зодоб бугеб цIваялъегицин гьелъ жиндирго цIар кьола. Гьелда лъаларо гIодосан ине. Гьеб гIицIго гьаваялдасан букIуна. Гьеб кечIалъ жиндирго балъголъи гIицIго мугIрузул тIогьазда тIавап гьабулел ругел цIумазе гурони гьурщуларо. Гьелда канли бихьуларо. Нухда дандчIварал захIмалъабиги гIанлъулаго, гьелъ тIаса бищула гIицIго борхалъи. ГIумруялъул борхалъи. Къисматалъул борхалъи. Лъилха букIунареб гьединаб гьайбатаб кечI гIолохъанлъуда. БотIрол расазда гIумруялъул савуялъ баулел лахIзатазгицин чан нухалъ гьелъул сариназухъе тIадруссинел нилъ.

Буго гьединаб кечI Хунзахъ районалъул Самилахъ росулъа (Гъулхъутан) Расул Макъсудовасулги.

Наслабазул бухьен

Самилахъ росдал гьоркьохъе б школаги лъугIизабун, Расул цIализе лъугьана МахIачхъалаялде, авто дорожнияб колледжалде. 2020 соналда Расул ахIана РФялъул армиялъул кьеразулъе. ГIолиласул рес букIана, армиялда гьабулеб хъу лухъалъул болжал лъугIидал, ракълилаб гIумруялде тIадвуссине. Амма Расулил кечIалъ сапар хисана – гьаб нухалда гьелъ тIаса бищана ВатIаналъул парахалъиялъул хъаравуллъуде боржине, жиндирго кваркьидакь Расулил гIумруги цIунун – гьале кIиабилеб сон буго гIолилас СВОялда гIахьаллъи гьабулеб бугелдаса. Чанго нухалда рагIана дида гьев гIолиласул гьунаразул хIакъалъулъ бицунеб. Бокьун букIана гьесул хIакъалъулъ хъвазе. ГIумруялъул 22 сон гурони гьечIев гIолиласул каранда кенчIана тIадегIанал шапакъатал. 2022 соналъул июналда Расулие щвана «За боевые отличия» медаль, 2023 соналъул октябралда гьев мустахIикълъана Жуковасул медалалъе. Расулидаго цадахъ гьенив вуго гьесул имгIал ХIажиги.

Гьавуна ва гIуна Расул гIадатияб магIарул хъизамалда. Эбел ПатIимат хIалтIулей йиго Самилахъ росдал библиотекаялда, кIодоэбел Рукъият ккола шагIир. КIодоэбелалъул цIар рагIидал, ракIалде щвана Самилахъ росулъ гьелъул цIияб тIехьалъул цебелъеялъулаб тадбиралда дунгоги гIахьаллъун йикIараблъиги.

Цо нухалда дица бицен гьабуна МухIамад Манаповасе Расулил хIакъалъулъ хъвазе бокьун бугилан абун. Гьев гIемер щолелъулха Самилахъалде кIодоэбелалъухъе. Ва гьесги рицана дие гIемерал ракIалдещвеял Расулил хIакъалъулъ.

— ТIоцебесеб иргаялда, гIадан хIисабалда, гьев вуго кутакалда ракI лъикIав, гIадамасда цалхун кIалъаларев, ракIбацIцIадав, гьитIиназегун кIудиязе кумекалъе ватулев гIолохъанчи. Дида гьев цIакъго лъикI лъала. Студентлъиялъул заманалда Расулгун цадахъ цо бакIалда гIумру гьабуна дица. Дида бицунебги рагIун букIана гьитIинав Расулица, зама-заманалдасан рокъор ругелги данде гьарун, жив КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи вугилан, рагъда ккараб-таралъул бицунилан. Гьединал кепал лъугьа-бахъинал дагьалги рукIана. Гьес нижги, цадахъ гIумру гьабун ругел студенталги ва тIаде рачIарал гIолилалги, данде ракIарун бицунаан нижее хабар, жив рагъул гIахьалчи вугиланги абун. «Рагъул ветеранас» нижее бицунаан жиндаго бихьараб къоялъулги рагъул кьогIлъиялъулги хIакъалъулъ. Гьеб хIалалда тIаде кIвар кьун бицине, дуда щибгIаги лъалеб рагъул кьогIлъиги захIмалъигиян релъулаан ниж. Гьесул букIараб махщелги, киналго гIенеккиледухъ хабар бицинеги. Бихьулищха, гьесда бичIчIулеб букIун буго жиндир къисматалъулъги дов «ветеранасул» къисмат такрарлъизе букIин.

ПатIиматица бицуна, ургъалилъе ккун, жий къварилъахъдизе байбихьидал, жакъа жиндир кьерилалги гьенир рукIаго, ВатIаналда цебе тIадаб борч тIубазе ресги букIаго, рокъов чIезе къасд кколеб гьечIилан абун. Кир ругониги, Аллагьас ккезе хъвараб жоялдаса нилъ рорчIуларилан ракI-макI гьабулила Расулица…

Ва гьале – гIемераб мех иналдего живго Расулги ккана гьениве. Амма гьанже гьес гьениб бихьулеб захIмалъи-къварилъи бахчизе хIаракат бахъула. КигIан ниж цIехолданиги, Расулица гьанже бицунаро СВОялда дандчIвалел захIмалъабазул. Дица гьесда ракIалде щвезарула кидаялиго нижее хабар бицунев вукIарав «рагъул ветеран». Пикру гьабизеги бачIуна гIумруялъ инсан хисизавулеб куцалъул. Додинав аваданав, махсара гIемерав Расул кIудияв гIун вугоан жиндирго саназдасагицин, — ан бицана МухIамадица.

Гьалеха гьадинал руго жакъасел гIолилал. Гьадинабго буго гьезул кечIги. БахIарчиял умумуз нилъехъе цIунизе кьураб, нилъецаги хадусел наслабазухъе кьезе бугеб. Даимлъиялде боржине бугеб кечI. Такрарлъулеб буго наслабазулъ бахIарчиял умумузул къисмат. Наслабазул бухьен – гьелъулъ бугебщинаб бахIарчилъи!…

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА