НекIсияб тарих — нилъер бечелъи

Щибаб росулъ гIадин батула рокъо-рокъоб гIуцIараб музей. Гьениб букIуна умумузул тIагIел-алатги, некIсияб тарихалъул хIужабиги, хIалтIизабулеб букIараб цебесеб къайиги. Масала, БежтIа росулъ руго муниципалияб идарабазул лъабго ва жеги лъабго – рокъор гIуцIарал музеял. Росдал тарихалъул ва маданияб ирсалъул бицунел музеял гIуцIун руго ЛъаратIа районалъул ТIохьотIа росулъа Къурбан КIулизановас, Шамил районалъул Зивури росулъа ХIамзат ХIамзатовас ва цогидазги.

ЦIунтIа районалъул Шагьикь росулъа Абулмуслим МухIамадовас лъугIизабуна Северияб Осетиялъул Алагир шагьаралъул Рохьил техникум. Гьенив цIалулаго, Абулмуслим ва курсцоял ана Цейское кIкIалахъе сапаралъ. Гьениб батана гьитIинабго рукъ ва гьенибе данде гьабун бугоан гIемераб къайи. Гьелъухъ халгьабулаго, Абулмуслимидаги ракIалде ккана Шагьикь росулъ гьединабго музей гIуцIизе.

Техникумги лъугIизабун, Абулмуслим хIалтIана росдал школалда географиялъул учительлъун. ВукIана рохьихъанлъунги. Пенсиялде аралдаса хадуб гьесул ракIгъолеб пишалъун лъугьана гIагараб ракьалъул музей гIуцIи.

1996 соналда Абулмуслимица бана мина. Гьелдаса нахъе бакIарана музеялъе къайиги. «Дица кIиго рукъ хIадурана музеялъул къайи лъезе. Умумузул некIсиял алатал ракIарулел ругин рагIидал, росуцояз байбихьана дихъе гьел раччизе. Гьеб хабар тIибитIана районалдаго, ва щибаб росулъа рачIана батIи-батIиял экспонатал. Гьедин къайи гIемерлъана ва берцинго гьеб сокIкIине ресги букIинчIо. Гьединлъидал исана музеялъе тIадеги рукъзал разе ккана», — ян бицана А. МухIамадовас.

Музеялда руго машгьурал районцоязул стендал, Кавказалъул рагъул гIахьалчагIазул ретIел -хьит, ярагъ, байрахъал ва батIибатIиял рагъазулъ гIахьаллъарал цIунтIадерил бахIарзазул тарих рагьулел хIужаби. Хасаб бакI ккола умумуз хIалтIизарулел рукIарал алатаз. Цояб рахъалда сокIкIун буго руччабазул кверзул устарлъи загьирлъулеб къайи. Щибалъул буго хаслъиги. Масала, шватаби хьухьула Дагъистаналъул гIемерал росабалъ. Амма цIунтIадерил «гедоби» гIадинал лъилниги рихьичIо. Гьел хьухьулаан жидецаго дургъараб кунги хIалтIизабун, батIи-батIиял расеналгун. БежтIадерил руччабаз щватаби – «цIинда» – хьухьула, цо чанго тIеренаб кунги цадахъ ккезабун. Руго гьел хьухьулел батIибатIиял къагIидабиги. ЦIунтIадерил «гедоби» риццалъиялъул рахъалъ релълъун рихьана бежтIадерил хьухьарал хьитазда («гьаькIаьялда»).

ЦIунтIа район бечедаб буго рохьазулги иццал-лъаразулги рахъаз. А. МухIамадовасул музеялде щварав чиясда бихьула гьел рохьаздагун мугIрузда гIумру гьабулел гIалхул хIайваналги хIанчIиги – гьезул цо-цоял, чIагоял гIадин, эхетун руго музеялъул рокъор.

Ахираб заманалда гьединал гIадамазул хIаракаталъул къимат гьабизе байбихьана, хасго магIарухъе туристал рачIине лъугьиндал. ГIадатияб ишлъун лъугьунеб буго вачIарав гьоболасда росдал музей яги музеялда гIадин къайи сокIкIараб пуланав чиясул рукъ бихьизаби. Камуларо гьалбал Абулмуслимил музеялдаги. Туристал гурелги, гьанже гьесухъе рачIуна росдал школалъул цIалдохъабиги районалде щварал гьалбалги. Музеялъул къайи-алаталъулгун лъайхъвай гьабулаго, гIолеб гIел куцала ватIан бокьулеблъун, умумузул адаб-хIурмат гьабулеблъун. Гъираялда лъазабула гьез гIагараб ракьалъул тарихги маданияб ирсги.

Араб гIасруялъул кIикъоабилел соназ Чачаналде гочинабуна цIунтIадерил тIолабго жамагIат. ГIагараб ракьалде тIадруссунгутIизеян абун, рухIана гьезул росаби, билана, тIагIана тарихалъе кIвар бугеб чанго тIагIел-алат. Жакъа А. МухIамадовас гIадин, цIунтIадерил щибаб росдал цо-цо тарих бокьулез хIаракат бахъулеб буго некIсиял, умумузул рукIарал экспонатал, тарихалъе кIвар бугел материалал ракIаризе.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА