Шагьруханил шигIрабазул сордо

Дир кечӀ — хӀалтӀи буго, хӀал канлъи буго,

КочӀое жугьаби тӀураб гӀетӀ буго.

Дир бакъан — чармие чучулеб хӀасрат,

Чагургун дир кверзукь кьурдулеб алат.

 

Гьеб хадусел къояз къотӀизе гьечӀо,

Къаникье дун индал бачина васас.

Заман хехдарунин биххизе гьечӀо,

Хадур гъураз гурищ борхулеб дунял.

                                             Ш. ТIАЛХIАТОВ

А. Пушкиница шагIир релълъинавун вуго цIакъго тIадегIанаб гIамал-хасияталъул инсанасда. Амма жакъа кочIолгун кочIохъанасул къиматги, гьезул къалмикьа къватIире рачIарал рагIабазул магIнаги бичIчIулел ва гьелъул къиматги гьабулел чагIи цIакъго дагь руго. Гьеб рекIеда унтиялъин Ш. ТIалхIатовас гьадин абулебги бугеб:

Дида халкъалъ абула

Мун гӀабдал ватилилан,

ГӀарац кьолеб гьечӀони,

 КучӀдул хъвалел щайдила.

 

… Дие кечӀ — рикъзи буго,

Вакъун вукӀананиги,

 РакӀ дир гьелъий хӀалтӀула,

ХӀан-нах гьелъ кьечӀониги.

Амма нилъеда гьоркьор унго-унгоги кочIол магIнаги бичIчIулел ва рагIул къиматги гьабулел чагIи жеги рукIин бихьизабуна Гъуниб районалда, ГI. Хачаловасул цIаралда бугеб централияб библиотекаялда, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, шагIир Шагьрухан ТIалхIатовасул юбилеялда хурхун тIобитIараб мажлисалъ.

Данделъиялъул аслияб мурадлъун букIана шагIирасул асаразулгун цIалдолезул лъай-хъвай гьаби ва гьесул шигIрияб бечелъи машгьур гьаби. Щайгурелъул, Гъуниб районалъул СалтIа росулъ гьавурав Шагьруханил гIумру республикаялда ва гьеб гуреб къватIибги, батIи батIиял бакIазда хIалтIун ун букIиналъ, цIалдолезда абизегIан лъикI лъаларо. ТIадежоялъе, гьев вуго ахIи-хIур гьечIев, дунго-дунилан цеве кIанцIуларев, ракI рагьарав, хIалимав инсан. Гьединлъидалин Шагьруханица жиндирго гӀумруялъул хIакъалъулъ абулеб бугеб:

Дун дирго гӀумруялда

РакӀ рекъарав чи вуго.

РикӀкӀен гьабунагӀан къо

Къеркьон аравги вуго.

…БацӀцӀалъи намусалъул

Сабураб хинкӀил лазат.

Хисиларо дица гьеб

Гьагъаб хӀарамаб гьанахъ.

Дие дирабго гӀадаб

ТӀагӀамаб букӀунаро.

ТӀад хӀакъ ккараб щибгӀаги

Щаяли бокьуларо.

Кив хIалтIаниги, щиб ишалда вугониги, кучIдул хъвай гьес течIо. Гьел рахъана газетаздагун журналазда. КъватIибе биччан буго 15 тIехь.

Абизе ккола Ш ТIалхIатовас 80 сон тIубаялда хурхун тIобитIараб тадбир унго-унгояб «шигIрабазул сордоялде» сверанилан. Гьеб къоялъ шагIирасда юбилей баркизе рачIун рукIана гIезегIан гьалбал. ШагIирасул ватIан СалтIа росдал жамагIаталъулги гьениве вачIинчIев чиго хутIичIо. Мажлисалда бан библиотекаялда гIуцIун букIана «Салам, дир мугIрул!» абураб юбилярасул тIахьазул цебелъейги.

Берцинго бачунеб некIсияб магIарул бакъаналда гъоркь, Ш. ТIалхIатовасул гIумруялъул хIа къалъулъ бицунеб видеоролик бихьизабун лъугIидал, данделъи рагьана ва нухда бачана Гъуниб районалъул маданиябгун хIухьбахъиялъулаб централъул директор, Дагъистаналъулгун Россиялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан ПатIимат Абакаровалъ. Гьелъ рехсана шагIирасул гIумруялдаса цо-цо кIвар бугел лъугьа-бахъинал. Бихьизабуна ТIалхIатовасул шигIрияб гьунаралъул аслияблъун гIагараб ракьалде рокьи, эбелалъул сурат рагьи, руччабаздехун адаб-хIурматгун рокьи, лъикIлъи гьаби ва гIаданлъи кколилан. Гъуниб районалъул бетIер Расул ХIусеновас, Шагьрухан ТIалхIатовасда юбилейги баркун, райадминистрациялъул рахъалдасан кьуна Баркалаялъул кагъат.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна ва гIандалазул бечедаб тарихалъулги, маданияталъулгун адабияталъулги, шагIирасул асаразул бугеб кIваралъулги бицун, кIалъай гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас.

Шагьруханил къватIире риччарал тIахьазул редактор, шагIир, «Гьудуллъи» журналалъул жавабияй секретарь ТубхIат Зургьаловалъ бихьизабуна шагIирасул кучIдузул хаслъи, гIадан лъикIлъиялде ахIиялъе гьесул кучIдузулъ бугеб асар.

Ш. ТIалхIатовасул гIумруялъул нухалъул цоцо «балъголъабиги» рагьун, гьесул кучIдузул хIакъалъулъ бицун кIалъана Шагьруханил росуцояв, педагогияб захIматалъул ветеран МухIамад МухIамадрасулов, СалтIа росдал бегавул Шамил Каримов, росдал школалъул авар мацIалъул мугIалим Хадижат Анатова ва цогидалги.

«Цолъе, магIарулал!» абураб жамгIияб къокъаялъул нухмалъулезул цояй Мадина Урдашевалъги шагIирасе гьарана халатаб гIумругун берцинаб херлъи ва гьелъ ТIалхIатовасе кьуна «Цолъе, магIарулал!» къокъаялъул рахъалдасан Баркалаялъул кагъат, каранда бана гьебго къокъаялъул хасаб гIаламат.

Чорхол сахлъи гьечIолъиялда бан мажлисалда гIахьаллъи гьабизе кIвечIей Шагьруханил мадугьал, мугIалим-ветеран Аминат ХIажиевалъ гьенибе цIализе битIун бачIана шагIирасе сахсаламалъи ва цIи-цIиял борхалъаби гьарун хъвараб кагъат.

КIалъаязда гьоркьо-гьоркьоб Гъуниб, СалтIа ва ХIотIочIиб росабазул школазул цIалдохъабаз пасихIго цIалана шагIирасул кучIдул.

ЛъикIаб тадбиралъе лъикIаб кечIилан абухъего, шагIирасул рагIабазда кучIдул ахIана Ирайгьанат МухIамадовалъ, Раисат ГъазимухIамадовалъ, ТIалхIат ГIумаровас, Юсуп Синдикъовас, МахIач МухIамадовас ва шагIирасул яцалъул вас Иманшапи ГIалиевас.

Гьелдаса хадуб букIана гIаммаб сухIматгун миллиял кьурдаби. Гьенив гIолохъанчиясул чIанкIгун кьурдулев Шагьруханихъ балагьун, кинха ракIалде щвеларел, гьес 70 сонил ригьалде вахиндал хъван букIараб кочIодаса мухъал:

Лъабкъоялда анцӀго — гӀемерищ, дагьищ,

— Дидани гьеб ккола квергӀанаб нухин.

Кини таралдаса, гьанжелъизегӀан,

Гьаб дуниялалда дица нахъ тараб…

Абула рохелалъ херавги бахIар гьавулилан. Гьединлъидалин дидаги юбилярасе 80 сон — гьеб унго-унгоги квергӀан гьитIинаб нух бугин ккана. Гьелъги батила, «Биччанте ракI гIолохъанав, рохелгун гьими гьарзаяв ва гIамал бахилав шагIирас жеги цоги ункъогоги сон базе», — йилан абун, ракIракIалъ гьаризе бачIараб. Данделъиялъул ахиралда юбилярас цIадолезе жиндирго тIахьал рикьана ва ракIалде щвеялъулал суратал рахъана.

 МухIамад АБАКАРОВ, мугIалим ва журналист