Анищаб хIалтIи – талихIалъул кIул

Унсоколо росдал №2 школалъул байбихьул классазул тIадегIанаб категориялъул мугIалим, Россиялъул гIаммаб лъай кьеялъул хIурматияй хIалтIухъан ккола Зарема МухIамадова. Эбелги учительницалъун йикIиналъ батила, школалда цIалулеб заманалдаго гьелъулги анищ букIана учительлъун яхъине.

ДГПИ лъугIизабун хадуб, гьале 30 сон буго З. МухIамадовалъул гIолеб гIелалъе лъайгун тарбия кьолеб бугелдаса.

ХIалтIулъ бергьенлъаби щвезе ккани, хIажалъу ла щибаб къойилаб захIмат, ракI-ракIалъго бокьизе ккола жиндирго хIалтIи. Заремал дарсазде щведал бихьула гьей гъваридаб лъайги психологияб бичIчIиги бугей махщелчIужу йикIин. Гьелъ дарсазда хIалтIизарулел батIи-батIиял къагIидабаз ва хIаяз кумек гьабула лъимал пикру гьабизе ругьунлъиялъе.

ГIундузда рагIаралдаса беразда бихьараб цIи кIкIун ракIалда чIолин абулелъул, дарс кьей пайдаяб куцалда иналъе учительницаялъ хасаб кIвар кьола дарсазда информациялъулаб технология хIалтIизабиялде. Лъай кьеялда цадахъго З. МухIамадовалъ хIаракат бахъула лъималазе лъикIаб тарбия кьезеги. Гьеб мурадалда пайда босула классалъул сагIтаздаса, эбел-инсул собранияздаса ва дарсил заманалдасаги. Гьале Заремаца тIоритIарал классалъул сагIтазул цо-цо темаби: «Кин хьвадизе кколел школалда, рокъор ва гIаммал бакIазда?», «Классалда жаниб кинаб гьоркьоблъи букIине кколеб?», «ТIабигIат цIуне», «КIудиязул адаб гьаби – гьитIиназда тIадаб борч» ва цогидалги. Тарбия кьеялъулаб хIалтIулъги гьелъие кумек гьабула умумузул комитеталъул членал Амраъ МухIамадгIалиевалъ, ПатIимат МухIамадовалъ, Лаюза МухIамаевалъ, Халисат Ибрагьимовалъ ва цогидазги.

Зарема гIахьаллъана районалда тIобитIараб «ЛъагIалил учитель» абураб къецалда. Гьединго ДРялъул муфтияталъ тIобитIараб «Берцинаб гIамал-хасият куцаялъул меседилал къагIидаби» абураб республикаялъул къецалда Унсоколо росдал №2 школалъ ккуна кIиабилеб бакI. Къецалда гIахьаллъизе лъимал хIадур гьаруралъухъ Заремае кьуна ХIурматалъул грамота.

Школалъул завуч Муъминат МухIамадовалъ абуна: «Зарема йиго жавабчилъи цIикIкIарай, лъималазе лъикIаб лъай кьезелъун цIи-цIиял къагIидаби ралагьулей, кIвахI гьечIей педагог. Гьелъ кIвар кьола цIалдохъаби гIурус мацIалъ бацIцIадго кIалъазе ругьун гьариялдеги. ВПР тIобитIулелъул кидаго тIадегIанал хIасилал рихьизарула гьелда цере цIалулел лъималаз», — ан.

ХIалтIулъ рихьизарурал лъикIал хIасилазе гIоло З. МухIамадовалъе щвана школалъул дирекциялъул, райадминистрациялъул, лъай кьеялъул управлениялъул рахъалдасан ХIурматалъул грамотаби ва гIарцулал сайгъатал. Амма гьелъие гьеб киналдасаго хириял руго цIалдохъабазул эбел-инсуца ракIракIалъго абулел баркалаялъул рагIаби.

МухIамад ГЪАЗИМУХIАМАДОВ