Пачалихъияб кумек бугони, кинабго нухда уна

15-16 январалда Москваялда, ВДНХялда, тӀобитӀана «ГьитӀинаб ватӀан – Россиялъул къуват» абураб ТӀолгороссиялъул форум. Гьелда гӀахьаллъана тӀолабго улкаялъул росабазул бегавулзабиги районазул ва шагьаразул бутӀрулги.

Рузман къоялда редакциялде гьоболлъухъ рачӀун рукӀана рехсараб форумалъул гӀахьалчагӀи – БежтӀа участокалъул бетӀер Шамил Арадахов ва БежтӀа росдал бегавул МухӀамад МухӀамадов. Форумалда гӀуцӀун рукӀарал тадбиразулги участокалда гьабулеб хIалтIулги хӀакъалъулъ гьезулгун гара-чIвари гьабуна нижеца.

— Бегавулзабиги муниципалитетазул бутIрулги гурел, батIиял чагIи рукIанищ форумалда?

— Форумалда гӀахьаллъана 7500-ялдаса цIикIкIун чи. Щиб рахъ хӀисабалде босаниги, тӀад кӀалъазе бакӀ гьечӀеб тӀадегӀанаб даражаялда гӀуцӀун букӀана кинабго. Форумалъул гӀахьалчагӀи цо гостиницаялда рукӀиналъ, рес щвана, официалиял тадбираздаса хадубги цоцазулгун гара-чӀваризеги, улкаялъул батӀибатӀиял регионазул вакилзабигун лъай-хъваял гьаризеги, хӀалтӀул суалал-масъалаби дандразеги.

Росабазул бегавулзабигун муниципалитетазул бутIрул гурелги, форумалда рукIана СМИязул вакилзабиги, артисталги, пачалихъиял ва жамгIиял хIаракатчагIиги. Форумалдаса рази рукIана киналго. Кутакалда рохизаруна, гьединаб форум щибаб соналда тIобитIизе бугилан Владимир Путиница абураб мехалдаги.

— Муниципалияб хъулухъалъул, ай бакIалъул самоуправлениялъул, хIакъалъулъ цIияб федералияб закон къабул гьабиялда бан, абулеб буго «росдал бегавул» абураб хъулухъ букIине гьечIин, росдал гIадлу гьабулев чилъул староста тIамизе вугин абун. Гьелъул хIакъалъулъ щиб бицараб форумалда?

— Гьелъул хIакъалъулъ цIар бахъулев чи вукIинчIо. Гостиницаялда цадахъ рукIарал ишцоязда гьикъана дица гьелъул хIакъалъулъ пикру. РикIкIадал бакIазда, мугIрузул росабалъ гьеб бажарулеб иш гурин бицана гьез. Улкаялъул президентас абуна, росабазул бегавулзабиги районазул бутIрулги кколила халкъалъулгун битIахъегояб бухьен бугел нухмалъулел. БакI-бакIалда байбихьун букIана законалда рекъон хисабасиял гьаризе, амма гIемерисез абуна, гьеб законалдаса рази гьечIилан. Кьолеб харжги гьечIого старосталъун хIалтIизе щив разилъилев? КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда фашистаз тIамулаан старостаби. Гьеб жеги кIочон течIо халкъалда, гьединлъидалги халкъалъ гьеб цIарго къабул гьабиларо.

— БежтIа участокалда кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб?

— РакIалда буго администрациялъе цIияб мина базе. ГьабсагIаталда участокалъул администрациялъул бугеб мина бана 1956 соналда – ЛъаратIа районалдаса батIаги гьабун, ЦIунтIа район гIуцIараб мехалда. Гьеб басралъун буго, ва гьенир гьечIо киналгIаги шартIал. Участокалъул цересел бутIруз хъорщол кIиабилеб тIала бана. Гьанже республикаялъул нахъраталил фондалдаса мина базе биччан буго 45 миллион гъурущ.

ДРялъул бетIер Сергей Меликовасулгун букIараб дандчIваялда дица гьесда абуна, тIоцебесеб иргаялда тIубазе кколеб кIиго масъала бугин БежтIа участокалъул: районалъул статусги чIезабизе, Анцухъа БежтIе щвезегIан шагьранухда хъилги тIезе. ТIаде жубана жеги кIиго масъала: Бабаюрталъул ракьалда бугеб бежтIадерил Качалай росулъе газ бачин ва шагьранух къачIай. Газ бачиналъе документал хIадурун руго ва исана, Аллагьас хъван батани, Качалаялде газ бачине ккола. Гьарун руго нухалда хъил тIеялъул хIакъалъулъ къотIи-къаялги. Качалаялдаса Караузекалде ва Туршунаялде нух къачIазе буго. Качалаялда байбихьана спортзал базеги. БежтӀа росулъ базе буго лъималазул кӀиго ахги. Гьел проектазул документал хӀадурун рахъунел руго.

— Бигьаял масъалаби гуро гьел…

— Республикаялъулги улкаялъулги нухмалъиялъул квербакъи-кумек бугеб мехалда, кинабго бигьалъула. Кумек гьабулеб буго. Масала, лъималазе кьолеб пособие, пенсиял, проектазде биччалеб гIарац.

Жакъа нилъее рес кьун буго, щибаб лъимер гьабиялъухъ ва гьеб хьихьиялъухъ кьолеб гIарцудаса пайдаги босун, гIумруялъул шартIал камиллъизаризе. Нилъер умумузе гьединаб рес кьечIо. Гьел хIажаталлъун кколаан, бетIербахъиялъе гIоло, Грузиялде хьвадизе, хIан-гьан бичун, кванил нигIматал ва ретIелхьит босизе. Гьанжеги нилъер гIолохъаби уна Россиялъул шагьаразда хIалтIизе, амма хъизан-лъималазул ургъел тIаса босун буго пачалихъалъ. Гьелъул хIаракат бихьизеги гьелъул къимат гьабизеги лъазе ккола нилъеда. Гьелде тIадеги, кумек гьабулеб буго батIи-батIиял проектал гIумруялде рахъинаризеги. БежтIа росулъ буго 2000-гIанасеб цIараки. МагIарухъ гIумру гьабизе захIмат буго, амма цониги хъизам гIатIиракьалде гочинчIо. Квеш букIарабани, цо чи хутIилароан гьенив.

— БежтIа участокалъул цо-цо гIадамаз абулеб буго, жал магIарулал гурин ва магIарул мацIги жидее хIажат гьечIин абун. Дуца щиб абилеб гьелда?

— ДФИЦалъул ИЯЛИялда хIалтIулев вуго филологиял гIелмабазул доктор, мацIазул цIех-рех гьабулев гIалимчи Мажид Халилов. МагIарул мацIалъул цIалул тIахьазул автор, ДНИИПалъул рахьдал мацIазул секторалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат ХIайбула Вакиловги вуго нижер росулъа. «ХIакъикъаталда» хIалтIулей йиго филологиял гIелмабазул кандидат мунги. Гьеб буго бежтIадерил чIухIиги рохелги.

Дие рокьуларо, «нижер мацI батIияб буго, ниж магIарулал гуроян» абулел харбал. Нилъ киналго руго магIарулал – мугIрузда гIумруги гьабулел, цогояб тарихги бугел, цадахъ рохулел ва цадахъ гIодулел. Биччанте мацIал батIи-батIиял рукIине – гьебги буго нилъер гIаммаб бечелъи. Амма щивасда лъазе ккола жиндирго росдал мацIги литературияб магIарул мацIги.

— Форумалда кьолеб букIана «Служение» абураб премия. Дагъистаналъул цониги вакиласе щванищ гьеб?

— ЩвечIо. Премия кьолеб букIана къого батIияб номинациялда: СВОялда ругел рагъухъабазе гьабураб кумекалъухъ, росулъ, муниципалитеталда гьабураб цогидаб хIалтIухъ ва гь.ц. Россиялъул регионазда гьоркьоб СВОялде гуманитарияб кумек битIана Дагъистаналъ. Амма премия нилъее кьечIо. Дица форумалъул гIуцIарухъабазда цIехана, щай гьеб гьедин ккарабан абун. Гьез жаваб кьуна, ДагъистаналъгIан гIемер кумек СВОялъул гIахьалчагIазе цониги регионалъ гьабичIеблъи жидеда кутакалда лъикI лъалила, амма премия кьеялъе хIажатал документал хIадурун рачIинчIила республикаялъ. Заманалда гьелъул тIалаб гьабун гьечIо. Хьул буго тIасияб соналде гьеб иш тIубалин абун.

БежтIа участокалда гIумру гьабула ичIазарго гIанасев чияс. 575 чи вуго гIахьаллъулев Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда. 16 рагъухъан чIван вачIана, руго лъукъа-къотIаралги. Цо-цо хъизамалдаса кIи-кIи, лъаб-лъаб вас вуго рагъда. Гьезул бахIарчияб хIаракаталъул хIасил буго жакъа нилъер парахатаб гIумру букIин.

— Форумалъ кинаб асар гьабураб нужее?

— Доре унеб мехалда гIемерисез абулеб букIана Президентасул рищиязда жиндир рахъкквеялъул мурадгун гIуцIулеб тадбир батулин гьеб форуман абун. ХIакъикъаталдаги, В. Путин вачIана форумалъул гIахьалчагIигун дандчIвазе, амма рищиязул цIарцин бахъичIо. Гьес бицана – къокъго, амма гIумруялъул щибаб рахъги гъорлъе бачун – муниципалияб хъулухъалъул, гьелде ругел тIалабазул ва гьелда тIадал ишазул хIакъалъулъ. «Нуж руго бадиса бадибе халкъгун кIалъалел чагIи. ва нужер хIаракаталда бараб буго Россиялъул халкъалъул гIумру, гьелъие шартIал гIуцIи», — ян абуна президентас. Гьесул кIалъаялъ кIудияб асарги гьабуна – киналго рахъунчIун хъатчIвана гьесие.

Форумалда абуна «Шагьаралъул санагIатаб сверухълъи» абураб программа 2030 соналде щвезегIан букIине бугин абун. Гьеб буго лъикIаб хабар! Гьелда гъорлъе уна росабалъе нухал гьариги, къватIал къачIайги, лъим-газ-ток бачинги. Гьеб гурищ бищунго халкъалъе хIажатаб жо?

Форумалда бицаралдаса-рагIарал даса хIалтIулъ пайда босизе бугин бицана Ш. Арадаховасги М. МухIамадовасги. Советияб власть биххаралдаса нахъе пачалихъалъ гIуцIун рукIинчIо федералияб даражаялда тIоритIулел бакIалъул нухмалъулезул дандеруссинал. Цоцада рихьизе-лъазеги, цоцазул хIалбихьи лъазабиялъеги ва гIаммаб пачалихъияб политика билълъанхъизабиялъеги квербакъулеб тадбир букIун буго бицен гьабураб форум.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА