«ХIакъикъат» газеталъул 28-абилеб номералда бахъараб МухIамад ГIабдулхабировасул хIакъалъулъ хъвараб макъала батидал, дидаги ракIалде ккана гьесул хIакъалъулъ дирго пикраби загьир гьаризе. ГIурабго заман буго дир гьесулгун лъай-хъвай ккаралдаса. Ва щибаб дандчIваялъ дие рагьула цIи-цIияв ГIабдулхабиров. Москваялда гIумру гьабун вугев тохтур, ЦIумада районалъул Гъоркьа Гьаквариса МухIамад ГIабдулхабиров лъаларев чи ватиларо Дагъистаналда. Лъала гьев, тохтур хIисабалда гуревги, лъикIав...

