Новость на родном

Миллионалдасаги цIикIкIун документ

  29 марталда «Дагестанская правда» газеталда тIобитIана республикаялъул пачалихъияб архивалъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ журналистазе бицана ДРялъул юстициялъул министрасул заместитель Сергей Караченцевас.  Гьесул рагlабаз рекъон, пачалихъияб централияб архивалда (ЦГП) цIунун буго миллионалдасаги цIикIкIун документ. Архивалъул нухмалъиялда ракIалда буго гьел киналго документазе оцифровка гьабизе. Киназдаго рихьизаризе бегьулел документал лъезе руго интернеталдаги. Гьелъие гIоло интернет-сурсаталда гIуцIизе буго пачалихъияб...

Новость на родном

Нилъеда лъалевги лъаларевги Жамалудин

1839 сон. Август моцI. Шамил: «… Рагъ къотIизабиялъе гIоло дица аманаталъе кьезе кколев вуго дир хирияв вас Жамалудин. Гьанадаса гьан тIезабизе бигьаяб буго, ракIалдаса рак1 кин къотIун батIа гьабилеб…». Гьедин байбихьулеб буго дагьал церегIан къоязда къватIибе биччараб ХIажи Сайпуевасул «Жамалудин – Кавказалъул рагъул аманат» абураб драма хIисабалда хъвараб тIехь. Гьеб хъваялъул хIакъалъулъги кIудияб тарих буго.    30-ялдаса цIикIкIун соналъ данде...

Новость на родном

Шамилил хIакъикъат рагӀа-ракьанде щун рагьун гьечӀо жеги

Ункъабилеб февралалда, Шамил имам накълулъараб къоялда, «Алифба» абураб басмаханаялда тӀобитӀана МухӀамаднаби Ибрагьимовасул «Имам Шамил: биографиялъул гьурмал ва гьеб хисизабизе къеркьолел хӀаракатчагӀазе бадибчӀвай» (Имам Шамиль: страницы биографии и критика современных попыток ее фальсификации) абураб тӀехьалъул презентация. Гьелда гӀахьаллъана тарихиял гӀелмабазул доктор, профессор ХӀажимурад Доногъо, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул адабияталъул отделалъул нухмалъулев АхӀмад МуртазагӀалиев, Дагъистаналъул халкъияв шагӀир МухӀамад ХӀамзаев....

Новость на родном

Бищун гIакъилаб дарс – тарихалъул дарс

(«Къеди ва къедисел» абураб тIехьалдаса)   Будалаазул мегIер     ЦIад гьарулеб мегIералда цоги «Будалаазул мегIер» абун цIар буго. Гьенир будалаал рукIунеблъиялде ишара гьабураб цо гьадинаб хабарги буго.  Дир эбелалъул инсуда ватун вуго цо чи гьеб магIарда гъоркь бугеб Жалхъолеб иццда как балев. Рахъун гIодор лъурал гьесул мачуялги берцин рихьун, гьес гьезул цояб кодобе босун буго. Гьелде балагьулев гьав вукIаго, дов чи, цояб мачуги...

Новость на родном

КЪЕДИ РОСДАЛ ТАРИХАЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ ЦО-ЦО БИЦЕНАЛ ВА БАЯНАЛ

  «КЪЕДИ ВА КЪЕДИСЕЛ» абураб тIехьалдаса       — ГIахьвахъ районалъул ЦIолодисезги (гьанже Герзели чIарал) абула Къеди росу жидехъа арал гIадамаз гIуцIараб бугин.   — КIкIаратIисезул буго бицен, цебе заманалъ ЦIунтIа ва ЦIумада районалъул мугIруздаса рачIарал гIадамаздаса лъугьарал ругин жал абун.    — 1884 соназ гIурус хIукуматалъ гьарурал цо хъвай-хъвагIаязда   жаниб ГIахьвахъ районалъул ЦIалкIитIа росдал гIадамаз...

Новость на родном

АхIулгохI — Даргъо: Шамилил сухъмахъккун

  Дагьалъ цебе «АхIулгохI» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIаракаталдалъун рекIаразул къокъаялъ, Шамил имамасул нухккун, сапар гьабуна АхIулгохIдаса чачаназул Даргъоре щвезегIан. Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ рачIун рукIана гьеб къокъаялъул вакилзаби.     Тадбиралъул мурадалъул бицунаго, «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Гъайирбег ГIабдулаевас гьадин абуна:   «Шамил имам гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул хIурматалда, нижер жамгIияб гIуцIиялъ тIоритIана батIи-батIиял тадбирал. ХIисабалде босун букIана «АхIулгохI-Даргъо» абураб рекIаразул сапарги. Гьеб...

Новость на родном

НекIсияб мажгитги, сиялги, умумузул устарлъиги

  Республикаялда буго 6000-ялдасаги цIикIкIун тарихияб объект. Гьезда гъорлъ руго некIсиял сиялги, рагъулал хъулбиги, басриял мажгитазул хутIелалги ва цогидабги. Къокъго абуни,  ракI тIаде цIалел, гIемерав чиясе интерес бугел тарихиял бакIал гIезегIан руго. Гьел киназдаго сверухъ хIалтIи гьабулеб идара ккола ДРялъул Маданияб ирс цIуниялъул рахъалъ агентство.      Гьелъул нухмалъулев МахIач Мусаевасул гIахьаллъигун, 19 октябралда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана пресс-конференция. 6000...

Новость на родном

Авар театралда «АхIулгохI»

1969 соналъул багIарараб риидалил сордо. Авар театралъул бицинегIан кIудияб гьечIеб сцена. Гьеб август моцIалъул сардаз сверун букIана 130 соналъ цебе букIараб гIешдерил Щулалъул гохIалде.Лъукъ­-лъукъарал, ракъуца хварал ва къечалъ рухIарал гIисинал лъималги каранде къан, руччабаз, гъазаваталда накълулъарал шагьидзабазул жаназабазде тIадеги къулун, бихъ­бихъараб ратIлилъ, бидаги рецIцIулаго муридзабаз бачунеб букIана зикру. ГIажаибго борхатаб ва кьварараб букIиналъищали, Шамилил гьаракь...

Новость на родном

Имамасул инсул хоб

  Ахираб 30 соналда жаниб Дагъистаналъул тарихчагIаздаги тарих бокьулездаги гьоркьоб гIемераб хабар ккана Шамил имамасул умумузул хIакъалъулъ, хасго инсулги инсул рахъалъан кIудияв инсулги бицун. Гьебщинаб заманалда жаниб гьеб суал роцIинабизеги кIвечIо. Цересел соназдаго гIурус мацIалда «Денгау-Магома» (ДенгавмухIамад) абун хъвараб цIаралдаса босун, араб гIасруялъул 90-абилел соназда байбихьана «Денгасул МухIамад» абун хъвазе. Хадуб гьеб «унти» тIадбуссун гIурус...

Новость на родном

Дур кIодолъиялъ гIадин, кIодо гьабичIо дир халкъ

    Мун довайищ вугев, магIарул имам, Инсул тIалъиялъул тIабгIалъул бутIа? ТIаде вахъун Шамил вачIуна дихъе, Дун дова гьечIилан, дун гьанив вугин.   Дора ракьулъ ругин янгъизал рукьби, Рокьи, хIасрат танин Дагъистаналда. Доба къеркьеялъул къанщарал берал, Къо гьалдараб гъугъай ичкери рохьахъ.   17 сентябралда имам Шамил гьавуралдаса 225 сон баялъул хIурматалда Авар театралда тIобитIана адабияталъулгун...