Имамасул инсул хоб

 

Ахираб 30 соналда жаниб Дагъистаналъул тарихчагIаздаги тарих бокьулездаги гьоркьоб гIемераб хабар ккана Шамил имамасул умумузул хIакъалъулъ, хасго инсулги инсул рахъалъан кIудияв инсулги бицун. Гьебщинаб заманалда жаниб гьеб суал роцIинабизеги кIвечIо.

Цересел соназдаго гIурус мацIалда «Денгау-Магома» (ДенгавмухIамад) абун хъвараб цIаралдаса босун, араб гIасруялъул 90-абилел соназда байбихьана «Денгасул МухIамад» абун хъвазе. Хадуб гьеб «унти» тIадбуссун гIурус хъвай-хъвагIаяздеги бахана ва хъвазе лъугьана «Мухамад сын Денги» абун. Гьедин гIун вачIана тарихалда вукIинего вукIинчIев «имамасул кIудияв эмен Денга(в)».

КигIан гIемер такрар гьабуниги, я тарихчагIазда, я тарих бокьулезда, я гIадатиял гIадамазда эхебе инчIо вукIинчIин Шамил имамасул Денгавин абурав кIудияв эменилан абураб хIужа. Гьелъул гIаксалда, тарих цIи гьабиялъул жигарал «хIаракатчагIи» гъираялда тIаделъана «Шамил имамасул кIудияв эмен Денга(в)» жиде-жидер мухъ-ракьалдаса вукIанин бихьизабизе. ХIехьезе бегьулареб куцалда хIабургъинабуна гьел хIаракатчагIаз имамасул тарихалъул тIанчал. «Денгасул МухIамад» абун Шамилил инсул цIар рехсеялъул «унти» щвечIого хутIичIо имамасул ватIанлъун кколеб Генуб росулъеги.

Шамил имамасул 200 сон тIубаялъул тадбирал тIоритIулеб заманалда, 1997 соналда, цебе букIараб, гендерил чIегIераб къанил гьабураб, гIадатияб зани хисун буго росдал администрациялъул хIаракаталдалъун. НекIсияб зонода тIад щибго хъвай-хъвагIай букIинчIо. Лавашдерил хъахIаб къанил гьабураб цIияб зонода Шамилил инсул цIар хъван букIана «Денгасул МухIамад» абун. ГIарабалъ хъвараб рахъалдайин абуни, «МухIаммад ибну Денгав» абунги хъван, гьеб жеги «мухIкан» гьабун букIана, «вас» абураб рагIиги тIаде жубан. Долдаса хадуб, кигIан бицаниги, гIемерал соназ хисизабичIого хутIун букIана цIияб зонода гьабураб мекъаб хъвай-хъвагIай. Гьедин ана 25 сон ва гьебщинаб заманалда жаниб гьеб зоноцаги гуккана тарих цIехон Генуре щварал гьалбалги жалго геналги.

Исана, Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул хIурматалда гьаризесел тадбиразда гьоркьоб, нижеца хIисабалде босун букIана имамасул инсул хобалда тIад битIараб хъвайхъвагIай бугеб къоно лъезе. ЦIияб зани гьабуна Сугъралъа ХIамзалаев ХIамзалас. Гьелъие хIалтIизабураб гамачIги сугъулдерил кьурабалъа бахъараб буго. Гьеб ишалъе хIажатал сурсатаздалъун кумек гьабуна ХIажидадал ХIажицаги, гьесул вас Расулицаги, вац МуртазагIалицаги. Зани хисиялъе хIалтIи ва хIажатаб квербакъи гьабуна ГIабдулаев МухIамадсултаницаги, ГIабдулаев Шамсудиницаги, ХIамзатов ХIамзатицаги, ЖабрагIилов МухIамадицаги, ГIабдулаев Сайгидицаги Камилов ГъазимухIамадицаги, ПатахIов МухIамадицаги, Шамилов ГIабдулагьицаги. Гьел Шамил имамасул гIагарлъиялъул чагIи ккола.

Ахирисеб зонода хъвайхъвагIай гьабун буго лъабго батIияб мацIалда: гIараб, магIарул ва гIурус. Зонода рехсарал гIадамазул мунагьал чуриялъе, гъоркь гIаммаб дугIаги хъван буго. ГIага-шагарго бихьизабун буго имамасул эмен хвараб сонги. ПалхIасил, зонода гьанже буго гьадинаб магIнаялъул хъвай-хъвагIай: «Генуса ГIалил вас МухIамад (Денгав), имам Шамилил эмен (…-1827/1828)». Гьеб хъвай-хъвагIай босараб буго живго Шамил имамасул рагIабаздаса. ГIицIго скобкабахъ бихьизабураб «Денгав» абураб тIокIцIар (кIиабилеб цIар) буго биценазул ва цоги хъвайхъвагIаязул кьучIалда гьенибе тIаде жубараб рагIи.

Я инсул, я эбелалъул рахъалдасан Шамилил вукIинчIо Денгавин абурав кIудияв эмен. Денгав букIана имамасул инсуде росуцояз ахIулеб цIар. Жиндирго цIарги (МухIамад) ахIичIого, гьесде тIокIцIар (Денгав) ахIиялъе гIиллалъун МухIамадин абураб цого цIар бугел гIадамал росулъ гIемерал рукIин кколаанин батана умумулъан бачIараб гендерил бицен. Доб заманалъул гьединал гIадамазул щивасда хIакъикъаталдаги тIокIцIар букIараблъи бихьизабулел хIужаби дандчIвала гендерил тарихалда. Масала, ГъазимухIамад имамасул эмен МухIамадида гендерица «Гьидалав» абураб тIокIцIар ахIулеб букIун буго. ТIоцевесев имамасул хIакъалъулъ тарихияб къиса хъварав гIалимчи Генуса ХIасаниласул асаралда жаниб цониги нухалъ дандчIваларо имамасул инсул хIакъикъияб цIар хъвараб бакI, гьениб кибго буго «Гьидалав» абураб тIокIцIар хIалтIизабун.

Шамилил инсул инсуда цIар букIана ГIали. Гьеб цIар кьун букIана вукIинесев имамасеги тIоцебе. Хадуб, гьев унтидал, цIар хисана ШамилгIали абун, амма гьесда цIияб цIар рекIинчIо, къокъго, гендерица ахIизе лъугьараб куцалъ гурони, ай ГIалиги тIаде жубачIого. Гьеб цIаралда гъоркь щвана ГIалил МухIамадил (Денгасул) васасе машгьурлъи. Гьеб цIияб цIаралда гъоркь хутIана гьев тарихалдаги.

Шамил имамасул кIудияв эмен ГIалиги гьесул васалги рукIана гIалимзаби. Денгасул (ГIалил МухIамадил) хIакъалъулъ нилъеда хъван батула гьев вукIанин къебед, цIцIанавехь ва гь.ц. ВукIанин абула МухIамад батIибатIиял махщелал кодосев чи, амма Генуса узденчи хIисабалда гьев, тIоцебесеб иргаялда, ахихъанлъун вукIана. Гьеб хIужаялда тарихчагIаз тIадчIей гьабичIого хутIун буго, амма доб заманалъул далилал руго гьесулги гьесул умумузулги лъикIал ахал рукIинги, цоги ракьазул бетIергьабилъун гьел рукIинги, пихъ бичизе гьел хьвадиги, пихъилгун цIолбол ракъварал нигIматал, гьоцIо, чагъир ва цогидабги гьез гьабулеб букIинги бихьизабулел. Жеги руго Генуб росулъ Шамилил умумузул рукIаралин абулел ахалги, генул гъутIбиги, цогидал бакIалги.

Ахихъанлъиялда хадусеб иргаялда вукIана Шамилил эмен гIалимлъунги, къебедлъунги ва цоги махщелазул чилъунги. Гьел баянал цоги тарихчагIазги гIемер рехсола. Гьаниб рехсон тела Денгас бищун ахиралда гьабизе лъугьараб ишлъун гьабигьанлъи букIинги. АваргIурул рагIалда букIана гьезие вакьад Пирбудагъидасан ирсалъе хутIараб ва хадуб «Денгасул гьобо» абун гендерица рехсезе лъугьараб Имамасул инсул хоб Ахираб 30 соналда жаниб Дагъистаналъул тарихчагIаздаги тарих бокьулездаги гьоркьоб гIемераб хабар ккана Шамил имамасул умумузул хIакъалъулъ, хасго инсулги инсул рахъалъан кIудияв инсулги бицун. Гьебщинаб заманалда жаниб гьеб суал роцIинабизеги кIвечIо. Цересел соназдаго гIурус мацIалда «Денгау-Магома» (ДенгавмухIамад) абун хъвараб цIаралдаса босун, араб гIасруялъул 90-абилел соназда байбихьана «Денгасул МухIамад» абун хъвазе. Хадуб гьеб «унти» тIадбуссун гIурус хъвай-хъвагIаяздеги бахана ва хъвазе лъугьана «Мухамад сын Денги» абун. Гьедин гIун вачIана тарихалда вукIинего вукIинчIев «имамасул кIудияв эмен Денга(в)». Шамил имамасул 200 сон тIубаялъул тадбирал тIоритIулеб заманалда, цебе букIараб, гендерил чIегIераб къанил гьабураб, гIадатияб зани хисун буго. НекIсияб зонода тIад щибго хъвай-хъвагIай букIинчIо. 13 №39, рузман 2022 с. 30 сентябрь Тарихиял хIужаби гьобо. Гьеб жиндир заманалда машгьураб гьобо 40-ялдаса цIикIкIун соналъ цебе абадиялъего ана ЧIикIаб ГЭСалъул хIорил тIинде.

Цо-цо авторазги гьез хъваралъул асаралда гъоркь гаргадулел гIадамазги Шамилил эмен вихьизавула гьекъолдухъан вукIарав гIадин ва гьекъон, мехтун, гъалмагъир бекьулев вукIин гуреб иш гьесул букIинчIеб гIадин. Кинабха букIараб хIакъикъат? ТIоцебе абуни, МухIамад (Денгав) вукIана гIалимчи, мажгиталда какалги ралев, лъималги цIализарулев. Кидаго гьекъон-мехтун вукIунев чи гьединавлъун вукIине рес гьечIо. КIиабизе, доб заманалда цIолбол ахаздалъун бечедал хьиндалазда гьоркьоб цIолбол чагъир гьекъей гIадатияб ишлъун букIана. КъанагIатаб лъугьа-бахъинлъун кколароан гIалимзабаз чагъир гьекъейги. Мисалалъе рехсезе бегьила ГьаракIуниса СагIид, амма гьесда, кIудияв гIалимин гурони, гьекъолдухъанин лъицаго абуларо. Лъабабизе, Шамилил эмен гьекъолев вукIанин рикIкIине бегьулеб заманги цIакъ дагьаб букIана. Гьес гьекъеялъул бицен баккараб заман ккола Шамилица тIадчIун гIелму тIалаб гьабизе лъугьараб мех. Балугълъиялде вас вахаравго тун буго гьес шаргIалда рекъолареб гьеб пиша. Цинги хвезегIан, 15-ялдаса цIикIкIун соналъ, бацIцIадаб шаригIаталда хьвадулев гIалимлъунги хутIана.

Щайха ГъазимухIамад имамасул эмен Гьидалавги Шамил имамасул эмен Денгавги гьекъолел чагIи рукIанин бицунеб батараб? Щайгурого, дагьабгицин гьезул гьекъел васазе бегьулареб букIун. РукIинесел имамзабаз, жеги мутагIилзабилъун ругеб мехалдаго, байбихьун букIана гьекъел-мехтелалде данде рагъ. ГъазимухIамадиеги Шамилиеги къабуллъуларого букIана гьезулги гьекъел. Гьелда данде къеркьейги гьез жиде-жидер рокъосан байбихьун букIана. ГIицIго цоги гьекъолезе мисаллъун букIиналъе тIибитIизабураблъун бихьизе ккола нилъеда Денгасул гIумруялдаса гьеб рахъалда тIадчIей гьаби.

МухIамаднаби Ибрагьимов.

(Гьеб киналъулгоги ва цоги, тарихалда жанир жеги рукIалиде ккечIого хутIун ругел цо-цо рахъазул хIакъалъулъги гIемерал пайдаял ва цIиял баянал цIализе бегьула кватIичIого басмаялда бахъизе бугеб М.-Н. Ибрагьимовасул «Имам Шамиль: страницы биографии и критика современных попыток её фальсификации» абураб тIехьалдаса).