Новость на родном

«НекIони, дудаса гьел хIинкъун рукIун ратила. Гьанже щайзе хIинкъулеб гьаб Госкино, гьаб Мосфильм?»

Араб гIасруялъул 60 абилел соназ машгьурав режиссер Георгий Данелияца («Мимино», «Афоня», «Кин-дза-дза!») бахъизехъин букIун буго гIурус пачаясда рихарав наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ драма. – ЦIакъ лъикIаб сценарий букIана Георгий Николаевичасул, — илан ракIалде щвезабулаан ХIажимурадил роль хIазе жиндир анищ букIарав машгьурав Вахтанг Кикабидзеца. – РакIчIун абизе кIола – дица гьениб роль хIазе букIана, амма кинабали лъалароан....

Новость на родном

Гьаб соналъ машгьурал маг1арулазул юбилеял

Ахъбердил МухIамад  (1803-1843) Гьавуралдаса  220 сон Шамил-имамасул тIоцевесев мудир, маг1арул бахIарчияв бодул цевехъан. Цеве вукIарав кIиявго имам ГъазимухIамадидаги ХIамзатбегидаги цадахъ къеркьарав гьалмагъ вукIана гьев. Шамил-имам чIаго вукIагоги, гьев хисизе вугев чийилан абулаан гьесда. Щайгурелъул гьев рикIкIунаан имамасул кваранаб кверлъун ва Имаматалда Шамилидаса хадув кIиабилев чилъун. МагIарулаз гьесда абулаан Ахъбердил МухIамадин, яги Ахъбердилавилан. Гьесие щвана лъикIаб...

Новость на родном

Гьаб соналъ машгьурал маг1арулазул юбилеял

ГьаракIуниса СагIид  (1763-1834) Гьавуралдаса 260 сон Г1алимчи, сиясатияв хIаракатчи, шигIир ва педагог. СагIид вукIана гъваридаб лъаялъул инсан. Гьесда лъалаан гIараб, парс, турк мацIал. Гьесухъ цIалулел рукIана лъабавго имам — ГъазимухIамад, ХIамзат-бег ва Шамил; гIалимзаби — Ярагъиса МухIамад, Игьалиса СагIид, Къарахъа МухIамадтIагьир, Гьолокьа Даитбег, Хъваршиса Загъалав, Эндиреялдаса Ташав ХIажи, Хунзахъа НурмухIамад, Яхсаялдаса Юсуп, Ахтиялдаса МирзагIали, Гъазданущиса...

Новость на родном

«ПатIимат ТахIнаева: Шамилица жинцаго хъвана жив асир кколилан»

7 июналда МахIачхъалаялда Профсоюзалъул минаялъул зал занкIун цIун букIана тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъухъ гIенеккизе рачIарал чагIаз.   Гьелъ бицана лъабавго имамасул заманалда Дагъистаналда букIараб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIалалъул. Гьелде щвезегIан чанго моцIалъ цебеккун батIи-батIиял харбал тIиритIизарулел рукIана тарихчIужуялъул рахъалъ. Масала, гьелъ имам Шамил какун вугила, гьев гIурусаз унголъунги асир гьавун вукIанилан чIун йигин гьейилан. Гьединлъидал лекциялъухъ гIенеккизе...

Новость на родном

Нахъойги Шамилил сухъмахъаздасан

Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялда бан, гIемерал батIи-батIиял тадбирал гьаруна «АхIулгохI» абулеб жамгIияб идараялъ. Масала, гьезул цояб ккола чот1ахъаби Шамилил сухъмахъалккун ин.   Гьедин, гъоркьисалаги ана гьел АхIулгохIдасан Даргъоялде щвезег1ан. Г1иц1го гьел сухъмахъаздасан ин гуребги, гьезул мурад бук1ана тарихиял ц1и-ц1иял хIужаби лъазари, зияратазде щвей, бак1-бак1алъул гIадамалгун дандчIвай.   Гьеб сапаралъул хIасилги гьабун, исанасеб къокъаялде...

Новость на родном

Дагъистаналъул полиграфия – канлъи-лъаялде лъураб нух

«ТIехь лъикIаб буго гIарцудаса. Щайгурелъул гIарац дуца хьихьизе ккола, тIехьалъ мун хьихьула»   19 апрель ккола Россиялъул полиграфиялъул ва басмаханабазул къо. Гьеб къо байрамлъун лъазабуна 2014 соналда. Гьебги бухьинабун буго некIсияб Русалда 1564 соналда тIоцебе «Апостол» абураб тIехь къватIибе биччаялда бан. Дагъистаналъулги буго жиндирго басмахана цебетIеялъул тарих. Советияб заманалда рикIкIунаан нилъер республикаялда, 1917 соналда Октябралъулаб...

Новость на родном

Миллионалдасаги цIикIкIун документ

  29 марталда «Дагестанская правда» газеталда тIобитIана республикаялъул пачалихъияб архивалъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ журналистазе бицана ДРялъул юстициялъул министрасул заместитель Сергей Караченцевас.  Гьесул рагlабаз рекъон, пачалихъияб централияб архивалда (ЦГП) цIунун буго миллионалдасаги цIикIкIун документ. Архивалъул нухмалъиялда ракIалда буго гьел киналго документазе оцифровка гьабизе. Киназдаго рихьизаризе бегьулел документал лъезе руго интернеталдаги. Гьелъие гIоло интернет-сурсаталда гIуцIизе буго пачалихъияб...

Новость на родном

Нилъеда лъалевги лъаларевги Жамалудин

1839 сон. Август моцI. Шамил: «… Рагъ къотIизабиялъе гIоло дица аманаталъе кьезе кколев вуго дир хирияв вас Жамалудин. Гьанадаса гьан тIезабизе бигьаяб буго, ракIалдаса рак1 кин къотIун батIа гьабилеб…». Гьедин байбихьулеб буго дагьал церегIан къоязда къватIибе биччараб ХIажи Сайпуевасул «Жамалудин – Кавказалъул рагъул аманат» абураб драма хIисабалда хъвараб тIехь. Гьеб хъваялъул хIакъалъулъги кIудияб тарих буго.    30-ялдаса цIикIкIун соналъ данде...

Новость на родном

Шамилил хIакъикъат рагӀа-ракьанде щун рагьун гьечӀо жеги

Ункъабилеб февралалда, Шамил имам накълулъараб къоялда, «Алифба» абураб басмаханаялда тӀобитӀана МухӀамаднаби Ибрагьимовасул «Имам Шамил: биографиялъул гьурмал ва гьеб хисизабизе къеркьолел хӀаракатчагӀазе бадибчӀвай» (Имам Шамиль: страницы биографии и критика современных попыток ее фальсификации) абураб тӀехьалъул презентация. Гьелда гӀахьаллъана тарихиял гӀелмабазул доктор, профессор ХӀажимурад Доногъо, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул адабияталъул отделалъул нухмалъулев АхӀмад МуртазагӀалиев, Дагъистаналъул халкъияв шагӀир МухӀамад ХӀамзаев....

Новость на родном

Бищун гIакъилаб дарс – тарихалъул дарс

(«Къеди ва къедисел» абураб тIехьалдаса)   Будалаазул мегIер     ЦIад гьарулеб мегIералда цоги «Будалаазул мегIер» абун цIар буго. Гьенир будалаал рукIунеблъиялде ишара гьабураб цо гьадинаб хабарги буго.  Дир эбелалъул инсуда ватун вуго цо чи гьеб магIарда гъоркь бугеб Жалхъолеб иццда как балев. Рахъун гIодор лъурал гьесул мачуялги берцин рихьун, гьес гьезул цояб кодобе босун буго. Гьелде балагьулев гьав вукIаго, дов чи, цояб мачуги...