«НекIони, дудаса гьел хIинкъун рукIун ратила. Гьанже щайзе хIинкъулеб гьаб Госкино, гьаб Мосфильм?»

Араб гIасруялъул 60 абилел соназ машгьурав режиссер Георгий Данелияца («Мимино», «Афоня», «Кин-дза-дза!») бахъизехъин букIун буго гIурус пачаясда рихарав наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ драма.

– ЦIакъ лъикIаб сценарий букIана Георгий Николаевичасул, — илан ракIалде щвезабулаан ХIажимурадил роль хIазе жиндир анищ букIарав машгьурав Вахтанг Кикабидзеца. – РакIчIун абизе кIола – дица гьениб роль хIазе букIана, амма кинабали лъалароан. Дирин абуни, хьул букIана – щиб лъалеб, кьезе бегьулагури дихъе ХIажимурадил роль? Дир саналги дандекколаан гьелъие.

ХIажимурадил роль хIазе бугеб гIищкъуялъул кутакалъ, кIкIван бетIергун, чIегIераб мегежгун гьев Данелийида цеве чIола.  Гьеб сипаталъ хIайран гьавурав режиссерас ахIун буго:

— Ваа! Дуца хIазе буго Шамилил роль! — илан абун. – Гьадин ракIалде щвезабулеб буго Кикабидзеца жиндиргун гьабураб цо гара-чIвариялда.

Абула политикиял бербалагьиязул кьучIалда ккараб дандеккунгутIиялъул хIасил кколин «ХIажимурад» фильм бахъизе течIолъи. Жиндирго ракIалдещвеяздаги  режиссерас хъвалеб буго гьеб хутIанин живго Расул ХIамзатовасдагицин рагьизе кIвечIеб балъголъилъун.

Гьелъул хIакъалъулъ бицана сценариялъул режиссер Владимир Огневас.  Гьесул рагIабазда рекъон, сценарий нахъе бахъун буго Расулидаги Госкиноялъул бетIерасул заместитель Владимир Баскаковасдаги гьоркьоб ккараб дагIбаялдаса хадуб (гьевги вукIун вуго сценариялъул соавторлъун). Гьеб ккун буго Динилиял квартираялъуб, хIадурун бахъараб картина къватIибе кьезе гьев хIадурлъулеб мехалда.

Огневас ракIалде щвезабулаан:

«МугIрузда букIараб рагъул тарихалде гъорлъе ваккулаго, Баскаковас загьир руго Расулил рекIее лъикIаб асар гьабулев вукIарав Чачаналъуги Дагъистаналъулги имамасул хIакъалъулъ лъикIал гурел жиндирго пикраби. Гьеб букIана сахлъулареб ругъунлъун. Кидаялиго гIолохъанав, литературияб институталъул студент Расулица гьабун букIана кIудияб мунагь – доб заманаялъул пикруялда тIадги рекъон, гьес Шамилиде абун букIана Англиялъул жасусилан. Жинхъаго ккараб гъалатI бацIцIине рес балагьи, имамасде рокьи загьир гьаби — гьеб кинабго букIана доб гъалатIалдаса хадуб…

Ва цо заманалдаса лъикIго рекIелгъей букIараб столалда нахъа лъугьана рихха-хочи.

Расул:

— Мун — къобухIарав, пакъирав хIаким. Хвела мун. Щиб хутIизе бугеб дуда хадуб? Шамил -кIудияв инсан. Мун гьесда ващалъизе гьечIо, чIагоясдаяли киса гурин, хварасдагицин.

Дица столалда гъоркьан Расулида хIетIе тункулеб букIана. Амма гьесда  вуцIцIине ракIалдецин кколеб букIинчIо. Баскаковасул кьер тIолеб букIана. Расулица бицунеб букIана сундего ругьунлъичIел, щибго лъаларел, бажаруларел хIакимзабазул хIакъалъулъ…»

Гьеб къокъабго дагIба-рагIиялдаса хадуб Баскаков столалда нахъаса вахъун ун вуго.

— Гьеб дагIбаялъул хIасилалъухъ гIемераб мехалъ ралагьун чIезего ккечIо, — йилан абун,цIидасанги байбихьана Огневас хабар. — ЛъикIаб гьоркьоблъиялда вукIарав Баскаков, Комитеталда дун дандчIвайдал, ахIдана: «Дица гIурусазде данде бугеб кино бахъизе гьечIо!» — йилан абун. ГIададисеб иш батана гьесулгун хадусеб гара-чIвари. Дица абулеб букIана фильмалъул автор дун вугин, Расул гIицIго консультант кколин абун. Амма гьес гIинтIамичIо. Баскаков дагьавги цIакъ ахIдезе лъугьана. Гьесда цохIо жиндирго гуреб гьаракь рагIулеб букIинчIо.

Гьоркьоб заман индал, «ХIажимурад» сценариялъул жилдазда Р. ХIамзатовас гьадин хъвана:

— Дур бетIерги къотIана,

Къаркъалаги турана,

Заманаги сверана,

Санал, сагIтал тирана.

 

НекIони, дудаса гьел

ХIинкъун рукIун ратила.

Гьанже щайзе хIинкъулеб

Гьаб Госкино, гьаб Мосфильм?

 

Босана Урбеч-каналалдаса — https://t.me/ur_bech