Ахирал соназ гIемер бицунеб буго XIX гIасруялда Кавказалъул магIарулаз эркенлъиялъе ва чияда рачIолъиялъе гIоло гьабулеб букIараб къеркьеялъул, имам Шамилил, Имамат пачалихъалъул хIакъалъулъ. Тарих лъаларезги, лъалин чIаразги, гIелмиял цIарал ругезул цо-цоязги хIаракат бахъулеб буго хIакъикъаталдаса батIияб «къимат» кьезе халкъияб къеркьеялъе. БичIчIизе ккола, жакъасеб къоялда рекъон къимат кьезе бегьулареблъи цебесеб тарихалъе. Нилъер тарих балъаргъине лъугьарал цо-цо «гьалмагъзабаз»...

