ВатIан-ВатIанилан ахIарабила хIанчIицаги

Туризм — Дагъистаналда

Туризм буго гьабсагIаталда Да-гъистаналда бищунго бицунеб, цебетIезабулеб бугеб экономикаялъул бутIа. Номералдаса номералде хъвалебги бицунебги бугониги, гьеб буго гьабсагIаталда бищунго кIвар кьолеб тема. ЛъагIалил байбихьудаго бицунеб букIараб куцалда, цересел соназде дандеккун исана Дагъистаналде рачIунел туристазул къадарги цIикIкIана, жеги цIикIкIунебги буго.

2023 соналъул январь-июнь моцIазда Дагъистаналде вачIун вуго 745 азарго турист. Араб соналде дандеккун, гьеб 10 проценталъ цIикIкIун бугин абулеб буго ДРялъул хIукуматалъ. Туристал цIикIкIиналъе гIилла бугин авиарейсал цIикIкIин ва цIи-цIиял самолеталъул мухъал рагьийин абулеб буго ДРялъул Туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслазул министерствоялъул нухмалъулев Эмин Мердановас.

Туристазул къадарги гьездаса бахунеб хайирги бихьарабго, нилъер гIадамалги ругьунлъулел руго дагь-дагьккун шартIал чIезаризе. (Амма нилъеразе бачIинахъего цIикIкIун бокьулеблъи лъалеб жо буго, гьединлъидал багьабиги зодоре рахинарулел ругел).

Туристал цIикIкIиналда цадахъ цIикIкIинарищ гьел рещтIиналъе ралел бакIалги, кваназе кафеялги, гьанире доре раччизе транспортги. Гьеб кинабго ккола нилъер гIадамазул чванта биццалъиялъе санагIатаб шартI.

Туристазул гIемерлъиялъ цо-цо бакIазда бугеб хIалкъай бихьарабго, гьаб сапаралдаса разилъанадай гьелин ккола ракIалде. Масала, дагьал церегIан къоязда Дербенталда бугеб кьода рахъарал видео-съемкаби рихьараб мехалда гIадамазе ине нухцин гьечIоан. Нилъер республикаялде рачIун ругелъул, гьезул лъикIал пикрабазги, гьабураб асаралъги нилъее пайда гурони кьеларо. Дагъистаналда ругел берциналщинал бакIазул маршруталги, жидерго сураталги, бихьаралъул хIакъалъулъ пикрабиги рукIуна социалиял гьиназда хъван. Цересел соназде дандеккун, исана гIемерисел комментариял рукIана дагъистаналъул гIадамалги гьезул гьоболлъиги, бихьараб берцинаб тIабигIаталъулги лъикIаб рахъалдасан хъварал. Гьединал комментариял рихьаралго ракI бохизе бачIуна, гIарцул гурони, гIаданлъиялъул ургъел бугелги камун гьечIолъи бихьула.

Гьел гьанире рачIиндал батилин ккола, республика бахун къватIирехун нилъерал инеги цIикIкIун байбихьараб.

Кисловодскиялъул бацIцIадаб гьава

Рии буго киназего хIалтIудаса хIухьбахъи гьабизеги бокьулеб,
бацIцIадаб гьава цIузе тIабигIа-талдеги, ралъдахъеги гIадамал цIикIкIун хьвадулеб заман.

Гьале лъабабилеб соналъ тIатIала сапаралъ рахъана ниж Ставрополь краялъул курортазулал шагьаразде. Кавказалъул Минералиял лъиназул курортазда гьоркьоб Кисловодск буго бищун киназдаго лъалеб, рагIараб, берцинаб тIабигIаталъул, багIарараб мехалдаги гьогьомараб гьаваялъул шагьар. Кисловодск гурониги, Пятигорск, Железноводск, Ессентукиги руго гIурччинлъи гIемерал шагьарал, амма дида бихьараб бакIалдаса гIебеде бищунго цIикIкIун туристал рачIунел руго Кисловодскиялде. ЦохIо миллияб паркалъул хIисаб гьабуни, 965 га гIурччинлъиялъ, батIи-батIиял гъутIбуз бацараб рохьосан унаго букIунеб бигьалъи гьава цIазеги, беразе рахIатги, рекIее парахалъиги.

Санаториязгун курортаз цIураб
шагьаралда, кирехун аниги, кире щваниги кинабго буго хIухьба-хъулезе лъикIал шартIалги ресалги чIезарураб.

Гьел курортазул шагьаразул берцинлъи, бицинчIониги гIеме-рисезда бихьун батила, амма цо нухалда щварав чиясе тIад-тIадвуссунги ине бокьула гьенире гIурччинлъиялъулги минералиял лъиназулги гIемерлъиялъ.

Кисловодскиялда бугеб Курорталъулаб бульваралда тирулеб мехалда ракIалде ккана, Дагъистаналде туристал рачIун, гьенир ругел киналго гIадамал Кисловодскиялда рещтIун ратилин. ГьедигIанги гIемерал нилъер республикаялдаса гIадамал рукIана цохIо гьеб шагьаралда.

РакI бохизабулеб хIужа букIана, ниж Дагъистаналдаса рукIин лъайгун, лъикIал гIадамал ругин, нужерги берцинаб тIабигIатги, ралъадги, мугIрулги ругин, нужги щиб бихьизе Дагъистаналдаса рачIунелин абулел гIадамал камулел рукIинчIолъи.

Багьаби

Курортазул шагьаразда санаториязде, курортазде путевкабазухъ балагьани — 30-50 азарго гъурущ буго 10 къоялъ хIухьбахъигун сахлъиялъул хIал лъикIлъизабиялъе. Хаслихъе, хасало дагьал учузго щвезеги рес буго путевкаби. Амма санатариязде инчIого, сахлъиялъе лъим гьекъезе хьвадулел, ваннабазде унелги камуларо. Киналго рукIуна минералиял лъиназул источниказдаса пайда босулел.

Багьабазул хIисаб гьабуни, Кисловодскиялда шагьар бакьулъ бугеб кIиго рукъалъулаб квартираялъухъ 2500-3500 гъурущ босулеб батани, Дагъистаналда квартирабазухъ босулеб гIарацги гIадамал квартирабаздаса къватIире къотIиги киназдаго рагIараб, лъалеб жо буго. НигIматазул, пихъил багьабазухъ балагьани, гьел нилъер гьаниялдаса дагьал хираго руго.

Нилъер гьаниб курак, алча, гиригара, малина некIого барщун, гьелъул сезон лъугIулеб буго, гьел шагьараздайин абуни гьел гьанжего гьанже барщулел руго.

Газ-бензин цо-кIиго гъурущалъ учуз буго.

Гьанжесеб «мода»

Гьаб кIиго-лъабго соналъ лъалаго цIикIкIаниги, цересел соназдаги рукIана нилъехъе рачIунел гьалбал. Бищунго Дагъистаналде туристал рачIиналъе квербакъи гьабунин «ковидалъин» абизе бегьула. Цогидал улкабазде ине щоларого, гьел соназда байбихьана дагь-дагьккун туристаз нилъер рахъ тIаса бищизе.

РукIана сонал, щалниги цоги улкаялде ани, киназго бицунеб, интересалда гьезухъ гIенеккулеб. Амма жакъа лъицаго гIажаиблъи гьабуларо щив ватаниги Турциялде, Дубаялде, Египеталде анин абун рагIидал. Хасго щивав блогер, инстаграмалъул «цIваби» щвечIеб улка-ракь хутIун батиларо.

Цебе кив щив аниги, жиндаго лъан хутIулеб букIараб батани, гьанже бахъа-бахъараб гали, щвараб бакI, лъикIаб-квешаб — кинабго нилъеда бихьулеб буго интернеталдасан, социалиял гьиназдасан. Цо рахъалъ гьеб лъикI буго, щайгурелъул лъачIеб лъазеги, бихьичIеб бихьизеги, цоцазе цIияб лъикIаб информация бикьизеги гьелъ квербакъула.

Цоги рахъ босани, бихьизаби-чIониги бегьулеб, гIадамал суризарулебги къватIиб чIвазабизе ругьунлъун руго гIадамал.

Хасго Дагъистаналда гIадатлъун лъугьун буго туристазул шортазулги, гьаниб-доба хъалиян бухIиялъулги, бихьа-таралъулги бицине.

РачIаха, туристалги, гьез бачIу-неб хайирги бокьулел чагIаз, гьезул квешал рахъалги къватIир чIвазаричIого, нилъерго мисалалдалъун, берцинго, квеш бихьуларедухъ абизе, гьезда Дагъистаналъул гIадамазул гьоболлъиги лъикIал рахъалги рихьизаризе.

Цоги-цогидал шагьараздеги республикабаздеги щвараб мехалда бихьула нилъеда нилъерго ватIаналъул ва ракьалъул берцинлъи. Гьез гIадин пайда босани, къачIани, дагьалищ ругел нилъерги даруял лъиназул иццалги, бацIцIадаб гьаваялъул рохьалги.

ПатIимат МухIамаева