«ВатIаналда буго дир ракI»

Европаялда бищун кIудияблъун рикIкIунеб, 12-13 миллионгIанасев чияс гIумру гьабулеб ва ахирал соназда кутакалда цебетIолеб бугеб Москва шагьаралда, цо-цо баяназда рекъон, гIумру гьабун вуго 100 азаргогIанасев дагъистанияв. Гьезда гьоркьор руго политикалгун хъулухъчагIи, машгьурал гIалимзабигун спортсменал, бизнесчагIи, студентал ва цогидалги. Гьезул гIемерисел ккола берцинго тIадаб ишги тIубан, лъикIаб цIарги бортизе течIого, къадруги цIунун ругел гIадамал. Гьединазул цояв ккола «КЭМЗ-Сервис» гIуцIиялъул директор, ЦIунтIа районалъул Гьинухъ росулъа ХIадисов Рамазанги. Москваялде щведал рес ккана гьевгун дандчIвазе ва гьитIинабго гара-чIвари гьабизе.

— Рамазан, мун гьавуна ва гIуна гIадатияб хъизамалда…

— БитIарабха. Нижер букIана гIадатиялдасаги гIадатияб хъизан. Эмен вукIана вехь, эбел – колхозчIужу.

— ГьитIинаб мехалъ захIматаб хIалтIи гIемер гьабизе кканищ?

— ХIалтIичIого рес букIинчIо ва захIматаб хIалтIиги гIезегIан гьабуна. Доб мехалда батIайисан гьабизе ресги букIунароан, хIалтIичIес хIанчIулеб букIинчIелъул. ХIадурулаан ва рокъобе баччулаан хер, тIалаб гьабизе кколаан боцIул, эменгун цадахъ унаан гIияде. ХIалтIудаса эркенаб заманго гIемер букIанин абизе кIоларо. Нагагьлъун рокъоб хIалтIи гьечIого хутIани, гьеб гьабизе ритIулаан гIагарлъиялъухъе, мадугьалзабахъе.

— ЦIализе кинав вукIарав?

— ЦIализе цIакъав вукIинчIо, амма рачIчIалтIаги вукIунароан. ВукIана гьоркьохъеб бакIалда. Техникиял предметал (физика, математика) цIакъ рокьулаан дие. Гьезие лъикIавги вукIана. Гуманитариязулгун гьоркьоблъи дагьаб захIматаб букIана, гьел рокьизе байбихьана нахъа, ригьалде вахиндал. ХIасил гьабун абуни, школа лъугIана гьоркьохъел хIасилалгун. Гьелдаса хадув дун лъугьана Пединституталъул физ-маталъул факультеталде. ГIурус мацI лъаларого букIиналъ (лъалароан магIарул мацIги) байбихьуда гIезегIан захIматго букIана. Бахъана яхI, дове-гьаниве кьуричIого чIана цIалуда тIад ва 2-3 курсазда бигьалъана кинабго, цIалана лъидасаго нахъе ккечIого, ункъил-щуйилазда. Институт лъугIун хадуб ункъо соналъ хIалтIана нижерго районалъул Асахъ росдал школалда. Цинги (1990 сон) ниж гочана Гъизляралде ва хадусеб 10 соналъ батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIана КЭМЗ заводалда. Хадуб Приволжский округалда (Чебоксары шагьар) рагьана заводалъул вакиллъи, дунги витIана гьениве, гьелъул нухмалъулевлъун. 2013 соналда Москваялда рагьана «КЭМЗ-Сервис» ва гьелдаса нахъе вуго гьанив.

— Щиб хIалтIиха нужеца тIубалеб?

— «КЭМЗ-Сервис» рагьун букIана, тIоцебесеб иргаялда, рагъулабгун ва ракълилаб (для военных и гражданских самолетов) авиациялъе къваригIунеб къайи-алат къачIазе, къотIи-къай гьабун Россиялъул самолетал къачIалел заводазе, гьезул заказазда рекъон хIалтIи гьабизе. Гьединго дун вакил гьавун вукIана КАМАЗ заводалъулгун бухьен гьабизе. КАМАЗалъул хIакимзабазулгун дир бугеб бухьенги хIалтIизабун дица заводалъе тIалаб гьаруна цIиял заказал. КЭМЗгун рекъон КАМАЗ хIалтIулеб буго 20-гIанасеб соналъ, концерналъул хIалтIиги гьелъул даражаги лъикI лъан, дозул гьелдехун буго цIикIкIараб божилъи. КАМАЗалъул цIиял тайпабазда гIезегIан хIалтIизарулаан къватIисел пачалихъазул алатал. Санкциял лъазариялда хурхун гьоркьоб къотIизабуна гьездалъун хьезари. Заводалъ нижехъе кьурал техникиял документазда рекъон, нижеца гьарула гьезул цо-цоял (хIалтIулел руго цогидал гьариялда тIадги), ай тIурала «импортозамещениялъул» суалал, масъалаби. Руго гьебго хIалалда самолетазе къватIире риччалел, къачIалел алаталги.

— Гьебго хIалтIи Гъизляралда гьабизе бегьуларищ?

— Бегьула, амма Москваялда кинабго тIубазе, гIумруялде бахъинабизе рес букIуна хехаб хIалалда, заказазул киналго тIалабал цIунун. Нижеца ралагьарал заказал, хIалтIаби, гьанирго тIуразе рес гьечIел, нижеца ритIула Гъизляралда бугеб заводалдеги, щайгурелъул гьениб къуватги сурсатги цIикIкIун бугелъул.

— Чан хIалтIухъан нужер вугев, ругищ хIажатал специалистал, заманалда рекъараб техника-оборудование?

— Буго кинабго хIажатаб техника, гьеб рахъалъ къварилъи гьечIо. Нижер вуго 4-5 хIалтIухъан, ругел заказазда рекъон, гьарун къотIи-къаялгун росула тIадеги. ЛъикIаб махщел ва хIалбихьи бугел специалистал щвей бигьаяб масъала гуро, амма нижеца гьединал ралагьула.

— Гьаб даражаялде мун вахун вуго дурго бажари-лъаялдалъун. Кин кIвараб, сунца квербакъараб?

— Дида цебе буго эбел-инсул захIматаб гIумру-магIишат, хъизамалъе хинкI-чед балагьизе дозда бихьараб гIакъуба. Бокьун букIинчIо доздаги дидаги бихьараб мискинлъи-къварилъи дир лъималаздаги бихьизе. Гьединлъидал дица кутакаб яхI бахъана цIализе, лъай тIалаб гьабизе, дир мурад ва анищ букIана лъаялдалъун цевехун ине. БатIияб нух дие букIинчIо. Дие кумек гьабуна, квербакъана гьитIинаб къоялдаса нахъего хIалтIул къимат лъалеб букIиналъ.

— Мун лъалез бицуна дур гIаданлъиялъулгун гIадатлъиялъул…

— Дида кинго бичIчIуларо щай ва сундаса инсан чIухIизе кколевали. Дица гьеб гIамал киданиги къабул гьабичIо ва гьабуларо. Дир хасияталъулъ гьеб гьечIо.

— Гьезго бицана мун вугин кидаго кумекалъе ватулев, гIагараб росдада кверчIвалев чийилан абун.

— Гьеб гьезда лъикI лъала, гьез гьединаб къимат дие кьолеб батани, гьел мекъи ругилан кин дица абилеб? Дидаго гьеб гIезегIан бихьун букIиндал гIемер лъикI лъала мискинлъиялъул къимат. Дур чвантинибе дагьабниги гIарац баккидал, кIочон тезе бегьуларо гьеб чIобого букIараб заманги, гьеб чIобого бугел гIадамалги. Гьединлъидал, кумек гьарун аскIове вачIарав чиясе дир рес-санагIаталда рекъараб кумек гьабичIого киданиги течIо. Росдал гIумруялъулъ гIахьаллъиги, бажарараб кумек росдае ва росуцоязе гьабиги дица рикIкIуна тIадаб налъилъун.

— Дагъистаналде, Гьинухъе гIемер щолищ, дуда бихьулеб хиса-свери бугин кколищ доба?

— Дун гьитIинаб мехалъул Гьинухъги гьабсагIаталда бугебги данде босани, гьеб буго «зобги ракьгигIан батIияб». ЦIилъулеб, лъикIлъулеб буго росу, ресалда руго росуцоял, лъикIлъулел руго шартIал. МахIачхъалаги хисун, берцинлъун буго, гьедин букIин загьирго бихьула. Амма бокьилаан цоги лъикIал шагьараздаго гIадин гьабулеб-толелъулъ МахIачхъалаялдаги дагьаб жавабчилъи, гIадлу-низам букIинабизе, архитектурияб сипаталъулги цо чIезабураб низам-къагIида гьабизе.

— Дуца бан буго 60 сон. Хадусеб гIумру-магIишат Москваялдагойищ букIине бугеб яги Дагъистаналде тIадвуссинейищ ракIалда бугеб?

— Живго рикIкIалъарабгIан ракI гIагарлъулин, цIикIкIун цIалин ВатIаналде абун гIадада гурелъул абулеб, дирги буго гьединго. Дагъистаналдаса дун киданиги тIечIо, тIезеги гьечIо, лъагIалида жанив чанго нухалъ щола, хIалтIул суалазда хурхунги дирго мурадаздаги. КЭМЗ концерналъул генералияв директор АхIматIовасда кIвана биххизе, чIунтизе течIого заводги заводалъул коллективги цIунизе, гьеб цебетIеялъе ресалги сурсаталги ратизе. Гьесул гIадинаб бажари-гьунар бугев, гьев гIадинав гIуцIарухъан гIемер ватиларо республикаялда. Дунги кутакалда вохарав вуго гьесул нухмалъиялда гъоркь гIемераб заманалда хIалтIулев вукIиналдаса. Доба, Гъизляралда, буго дир мина-рукъ, дора рукъун руго дир эбел-эмен, дове гурого тIокIав киве дунги вуссинев…

ГIабаш ГIабашилов

Щвараб хIехьезеги яхI къваригIуна

Ассалам гӀалайкум, Рамазан-хӀажи,

Гьинухъел чӀухӀарав цӀунтӀадерил вас.

ГӀагарлъиялъе мун — мугъчӀвалеб «кьуру»,

Ибрагьим-хӀажилги «кваранаб квер» мун.

 

Бакъуца ракьалъе хинлъи киниги,

ГӀадамазе дуца бикьула лъикӀлъи.

Рогьалилъ баккулеб бакъул чӀор гӀадин,

Кумек дурги щола хӀажалъаразе.

 

ГӀадатав, гӀакъилав, гӀумру бичӀчӀарав,

ГӀаданлъи кӀудияв, гӀамал гьитӀинав,

ЧӀухӀи рекӀелъ гьечӀев ритӀухъав инсан,

Аллагьас дуй кьеги халатаб гӀумру.

 

ЗахӀмат баччун хадуб бигьалъи щола,

Щвараб хӀехьезеги яхӀ къваригӀуна.

Ургъел рикӀкӀалъаги рохел цӀикӀкӀаги,

РахӀманас цӀунаги балагьаздаса.

МухӀаммад ГЪАЗИМУХӀАММАДОВ,

Унсоколо район, Балахьуни росу