Мискинхалкъалъул цевехъан Унсоколоса МахIачица кьучI лъураб нилъер миллияб басма – «ХIакъикъат» 106 сонил ригьалде бахана. Лъаларо, гьеб дагьищ яги гIемерищали. Амма Дагъистаналда бищун кIудияб миллаталъул казият гьелъул аслияб басмалъун жеги-жеги хутIизе бокьун бугони, гьеб жеги тIогьол гIужалдаго бугин ракIалде ккезе бокьилаан. Басмаялда кьабурал газетазе къор ахирги интернеталъ гъолин абурал хIинкъабиги лъугIулелго гьечIелъулха. Балагьила,...

