РакIхвеялъги жахIдаялъги унтизавула инсан

Цебего бицунеб рагIун букIана хурдузул «мацIги лъалей», щивав унтарасул хасияталда рекъараб дарманги тIаса бищун бажарулей фитотерапевтлъун рикIкIуней Гъуниб районалъул Хьиндахъ росулъа Марям МуртузагIалиевалъул хIакъалъулъ. Онкологиял унтаби сах гьариялъулъ хурдул хIалтIизариялъул хIакъалъулъ докладгун гьей цее яхъана фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосел съездазда. Жиндирго ригьалъухъ балагьичIого гьей цIалана РУДНалъул фитотерапиялъул курсаздаги. 70 сонил ригьалде яхарай, гIажаибай магIарулалъул гIумруялъулъ халкъияб медицинаялъ кидаго гуро бакI ккун букIараб. Хурдуздалъун гIадамал сах гьаризе гьелъ байбихьана 20 соналъ цебе. Гьеб букIана Марямил гIумруго хисараб, захIматаб заман. ГIадамал сах гьаризе тохлъукьего бижараб гьунаралъул, халкъияб медицинаялда мукIур гьаризе кIолел унтабазул ва жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ бицана нижергун ккараб гара-чIвариялда М. МуртузагIалиевалъ.

— Марям, гIадамал сах гьаризе махщел кин духъе щвараб?

— Рак унтиги ккун больницаялда йикIана дун. Сахлъиялде хьулго букIинчIей дир, операциялдаса хадуб, гIадалнах тIубанго батIияб къагIидаялъ хIалтIизе байбихьана. ХIухьелги ракIги чIун, лъавуде ячIунарого хутIарай дир гIакълуялъулъ хиса-басиял ккана. Дида бичIчIулеб букIинчIо сверухъ щиб кколеб бугебали. Дир гIадалнах дунгун «кIалъазе байбихьана». Гьелдаса хадуб дида гIадамазул унтабиги ричIчIизе лъугьана. Сахлъиялъухъ балагьун инсанасул гIумру халатаб букIине бугищали бичIчIула дида. Масала, бокьарав чиясул кверазухъ ва гьурмахъ балагьун бичIчIула гьесул гIумру халатаб букIине бугищали. Гьесул унтуда данде къеркьезе кигIанасеб заман кьун бугебали лъазе кIола. Амма унтарасухъ балагьун, гьесул хIакъалъулъ дида лъалеб жоялда рекъон дица дару гьабуларо. Дихъе кумек гьарун вачIарав чиясул кинаб унти бугебали бичIчIаниги, дица гьев витIула гьеб рахъалъул тохтурасухъе. Дида лъалеб жо гIадатияб медицинаялъги битIараблъун бихьизабун хадуб хъвала дица унтарасе дандекколел хурдул. Тохтурас гьабураб цIех-рехги, дида бихьараб унтиги кидаго цого батула.

— Фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосеб съездалде кин ккарай?

— 12 соналъ цебе дица сах гьавуна онкологиялъ унтун вукIарав Пачалихъияб Думаялъул цо депутат. Гьесул гьуърузулъ букIана рак. Германиялда гьесда абун буго цояб гьуэр къотIизе кколин абун. Гьев разилъун гьечIо. Дагъистаналда пуланай гIаданалъ онкологиялъ унтарал сах гьарулел ругин рагIун, дихъе вачIана. КIиго соналда жаниб сах гьавуна дица гьев. Гьелдаса хадуб дун Москваялде ахIулей йикIана гьес, тохтурлъун цIализе. Депутатасги гьесул гьалмагъзабазги абулеб букIана дида институталда цIализе лъелин. Дун разилъичIо. Гьанже херлъидал дие гьеб щайин абун тана.

Хадуйги гьез дун ахIана фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосеб съездалда гIахьаллъизе. Дир гIакълуялъги гIадалнахалъги гьебжо бачIинахъего къабулги гьабуна. Съездалда докладгун цее яхъана дун. Руччабазул органазул, гьуърузул онкология, гемангиома (кIудияб гIолеб) унти ва цогидалги квешал унтаби хурдуздалъун сах гьарулеб къагIидаялъул хIакъалъулъ бицана дица гьениб. Кинавниги 150 фитотерапевт гIахьаллъана гьеб съездалда. Гьелдаса нахъе дун фитотерапевтазул ассоциациялда гьоркьойги йиго. ГIахьаллъула съездаздаги. Дун тIоцее гIахьаллъараб съездалдаса хадуб къватIибе биччараб тIехьалда дир докладги буго кьун. Амма гьеб тIехь бичизе ва халкъалда гьоркьоб тIибитIизабизе бегьуларо. Гьеб ккола съездалъул гIахьалчагIазул хасаб буголъи.

— ГIадамазе дару гьабизе ихтияр бугищ духъ? Щиб абулеб дур пишаялда гIадатияб медицинаялъ?

— Дица хурдуздалъун гIадамазе дару гьабизе байбихьараб мехалда гIемерисел дихъ божилъи гьечIого ралагьулаан. Гьанже цо-цо тохтурзабигицин рачIуна дихъе хIажатаб даруяб хер босизе. Гьезда бихьулеб бугелъул дица гьезул пациентазе кумек гьабулеб букIин. Гьуърузул туберкулёма ва цогидал онкологиял унтабазе дару гьабиялъул къагIидаялъул патент босана дихъа чанго соналъ цебеккун Америкаялъул фитотерапиялъул компаниялъ. Гьединго дир къагIидаялъул хIакъалъулъ цIехон, гьеб бичеян абун вачIун вукIана Индонезиялдаса целитель. ГIизраилалдаса гIалимчи, фитотерапевтас босана руччабазул лугбазул эндометрия сах гьабиялъул къагIида. Гьел къагIидаби дицаго хIалтIизаризе бегьула, амма гIадамазда гьоркьоб тIиритIизаризе бегьуларо, дица гьел чияе ричаралъул.

Халкъияб медицина гьабизе байбихьизе бегьула химиялъул анлъго курс гьабун хадуб. Гьеб мехалда халкъиялъ гIадатиялъе кумек гьабула. ГIадатиялдаса батIа гьабуларо халкъияб медицина. Гьедин гьабизе лъикIабги гьечIо. Инсанасул гIумруялъул жаваб кьезе ккезе бугелъул хадуб дица. Фитотерапиядай яги гIадатияб медицинадай тIаса бищилаян васвасдулев чиги тохтурасухъе витIула. Гьединлъидал дихъе рачIарал унтаразул 50 процент гIадатияб медицинаялдаса пайда босизе уна. Дида гьеб къагIида лъикIаблъунги бихьула.

— Дур умумузда гьоркьор ру-кIанищ халкъияб медицинаялъул махщелчагIи?

— РукIинчIо. Дир кIиго яс йиго. КIудияй психолог, гьитIинай художник. КIудиялда лъала дир махщел, кумек гьабула, кинаб хер щиб унтуе дандекколебали лъала. Психологияб лъай гьечIого гьаб хIалтIи гьабун киназухъаго гуро бажарулеб. ТIубараб къоялъ дихъе 20 унтарав вачIани, гьезда гьоркьор цIикIкIарасел васвасдулел рукIуна. ГIемер дандчIвала нилъер энергия бахъулел (энергетические вампиры) гIадамал. Гьезда рекъон кIалъани, къасиялде тамахлъун ккола. Гьединал гIадамал жидерго кинабго захIмалъиги диде гьурщун уна. Гьез жидерго бетIер бакIал пикрабаздаса эркен гьабула. Унтарасулгун гара-чIвари — гьеб буго бищунго захIматаб хIалтIи. Дихъе рачIуна сахлъилин хьул къотIарал. Гьединал гIадамазе битIараб гIакълу кьезе, гьезда гьоркьоса щив къабул гьавилевали, лъие инкар гьабилебали хIукму гьабизе ккола. Гьениб кидаго психологияб лъаялъ кумек гьабула. Дун цееса ун хадуб, ясалъ гьаб махщел бокьани тIаса бищила, бокьани психологлъун хIалтIулей йикIина.

— ГIадамал сах гьаризе байби-хьизегIан щиб хIалтIи-пишаялда мун йикIарай?

— ГIолохъанаб мехалда чанго батIияб махщалие цIалана. 20 соналъ хIалтIана прораблъун. ТIасияб Гъуниб кIудияй экономистлъун, инженер-сметчиклъун хIалтIана. 25 соналъ юкъарана. Гьеб буго дие цIакъ бокьулеб махщел. ГьабсагIат тIад бугеб гурдеги дицаго букъараб буго. Чияр квералъ букъараб ретIел дида рекъоларо, данде кколаро. Махщелазде хехго ругьунлъула дун, гьитIинаб къоялдаса нахъе цогидазул кумек гьечIого гIумру гьабизе ругьунай йикIиналъ.

КIиго сон барай яс йикIана дун, эбел-эменги ратIалъун кIодохъ хутIидал. Дица эбел-инсуда гIайиб гьабуларо. Баркала буго гьезие дие гIумру кьуралъухъ. Дун гьадинай гьаюралъухъ. Баркала буго бесдал эбелалъеги дир тIалаб гьабуралъухъ. Бигьаяб жо батиларо чияр лъимадул ретIел чурун, квен кьун, хъулухъ гьабизе.

— Кинал унтабигун рачIунел духъе гIадамал?

— Улкаялъулго батIи-батIиял регионаздаса унтарал рачIуна дихъе. Аслияб къагIидаялъ рикIкIадаса рачIуна онкологиялъ унтарал гIадамал. Цунтрузда данде хурдул росизе рачIуна. Гьединго организм бацIцIад гьабизеян рачIуна. Бокьараб гIузруялъе дару буго дунялалда бижун. Гьелъул пайда щвеян абуни, инсанасул гIакълуялда къимат кьезе кIолареб психикияб хIалалда бараб буго. Онкологиялъул буго 72 тайпа. Гьеб сах гьабизеги кIола. Гьеб унтукьа ворчIизе кIолищ яги кIоларищ гьесдаяли живго унтарасда бараб буго.

ХХI гIасруялъул гIадамал психологияб рахъалъ хIадурлъи бугеллъун, цIуна-къараллъун рукIине ккола. Дунял хисун буго. Унтабиги советияб заманаде дандеккун 50 проценталъ цIикIкIун руго. 15 соналъ цебе онкологияб клиникаялде щведал лъабго-ункъо бакI гурони букIунароан иргаялда чIарал кIусизе. Гьанжеян абуни иргаялда чIаразул читIир рагьу тун къватIибецин щун букIуна.

— Унтаби цIикIкIиналъе гIилла-лъун щиб дуца рикIкIунеб?

— Инсанасул гIумру берда цебе хисулеб буго. Сахлъиялъе заралияб техника цIикIкIун буго. Квен хашлъулеб буго. Цунтрулги 20 нухалъ цIикIкIун руго инсанасул чорхолъ. Гьанже нилъеца хIалтIизабулеб квен, нилъеялдаса цунтрузе пайдаяблъун ккола. ГIадамазда ракI хварал, барщун чIарал, жахIда рекIелъ бугел гIадамал цIикIкIун унтула. Гьединлъидал дица унтаразда абула киданиги цоцазда ракIхвезе, цебе букIараб ракIбакъвай ракIалде щвезабизе бегьуларин. ГIумру къокълъизе ва унтизе бокьани, цебе аралъул ургъел гьабе, ракIхун рукIа.

Нагагь дихъе цогидазда хехго ракIхолев, къварилъахъдулев чи вачIани дица гьесда абула, ццидал къвачIаялъул ва ургьисалабазул хал гьабеян. ЖахIдаяв ва ракIхолев чиясул чорхолъ ганчIал ратизе рес буго. Гьеб хIалалда кидаго вукIунев чиясул сфинктер къала ва ццин чIун хутIула. Хадуб гьеб ганчIазде яги салуде буссуна.

ГIадамасда ракIхун йикIунаро дун. Кинавго чиясул гIамал ва гIадалнах цого букIунаро. Дие квешлъи гьабураздасагицин тIаса лъугьаянги абула, амма хIаракат бахъула гьездаса рикIкIад чIезе. Цогидазда ццим бахъинчIого, нилъерго хасияталда тIад хIалтIизе ккола. Нилъ лъицаго къварид гьаруларо, нилъецаго гьезие гьеб ихтияр кьун хадуб гурони. Цогидав чиясул хасиятги, гIумру гьабиялъул къагIидаги, дунялалдехун бугеб бербалагьиги хисизабун нилъехъа бажаруларо. Гьелъул гIаксалда, нилъерго хасият хисизабизе ккола.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА