Буртунаялде Граббел сапар

Тарихалда гIемерал лъугьа-бахъиназул нугIлъун буго Казбек районалъул Буртунай росу. Гьединлъидал бокьун буго Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь ватIаналъул эркенлъиялъе гIоло гьабураб Кавказалъул рагъул заманалда гьеб росдал ракьалда ккарал цо-цо ишазул бицине.

ГIемерал соназ унеб букIана рагъ. Бихьулеб букIинчIо гьелъул ахир. Кавказалъул сардарлъун тарав щивас рагIи кьолеб букIана Шамилил хIаракат къинабизе. Гьелъие харж гьабулеб букIана гIемераб гIарац, къуват ва сурсатал. Амма гьелъул хIасил кколеб букIинчIо. 1937-1939 соназ Шамилица тIобитIана цо чанго рагъулаб операция ва бергьенлъаби росана. ГIемерлъулел рукIана имамасул рахъкколелги.

Пачаясда бичIчIулеб букIана Дагъистаналда Россиялъул власть щулалъизе ккани, кьучIал хIукмабиги чIванкъотIарал тадбиралги хIажат ругеблъи. РакIалда букIана 1839 соналда гьединаб цо чанго тадбир гIуцIизе. Гьезда гьоркьоб аслияб кIвар буссинабун букIана, АхIулгохIги бахъун, Шамил асирлъуде восиялъул масъалаялде. ХIажат букIана гьеб масъала тIубазабун бажарулев цIияв рагъулав нухмалъулев Кавказалде витIизе. 1838 соналъул ихдал императорасухъе ахIун вачIана Ставрополалда хъулухъ гьабулев вукIарав генерал-лейтенант Граббе. ДандчIваялдаса хадуб Граббе тIамуна Кавказ мухъалдагун Черномориялда бугеб аскаралъул командующийлъун.

ЦIияб хъулухъалда тарав Граббе ана «Внезапная» хъаладухъе, ахIвал-хIалалъухъ балагьизе. Хъала бан букIана Эндирей росдада гIагарлъухъ ва гьелъие кьучI лъун букIана Ермоловас.

«Внезапная» хъаладухъан байбихьана

1838 соналъул хасалихъе Граббеца байбихьана Дагъистаналде рагъулаб сапар хIадуризе. Кавказалъул мухъалда ругел рагъулал частазул командиразухъе кагътал ритIана гьес, Дагъистаналде сапар гьабиялъул мурадалда 1839 соналъул тIоцебесеб маялде «Внезапная» хъаладухъе ракIареянги лъазабун. Гьениб данделъулеб букIана Шамилиде данде рагъизе ругел гIурус аскаразул къуват. Хъаладухъ данделъана микьазаргониги аскарияв, гIемерал гIарадабигун гумпараби. Рагъул нухдасан унаго, гьезда цадахъ рахъине къачIан рукIана Шураса Апшерон полкалъул батальоналги бакIалъулаб милицияги. Гьедин гIолеб букIана 10-12 азарго чи вугеб аскар.

1839 соналда бищунго аслияблъун рикIкIунеб букIана Граббел нухмалъиялда гъоркь Салатавиялдасан Гумбеталде гьабулеб сапар – АхIулгохI бахъизе ва Шамил асир гьавизе. АхIулгохIда хъала цIигьабун букIана Шамилица ва гьевги хIадурлъулев вукIана тушманасда дандчIвай гьабизе. Имамасда лъалаан гIурусазул гьужум гIагарлъулеб букIин, АхIулгохIде гIагарлъизегIан течIого, нухда гIурус аскар гъуризе кколеблъи. Гьелъул мурадалда щула гьаруна Буртунай ва Аргъвани росаби.

«Внезапнаялдаса» АхIулгохIде букIана кIиго нух: цо – Темир-хан-Шураялдаса ва кIиабилеб — Салатавиялъул Миякьоб, Инчхе, Гъозтала росабалъан Хубаралъул гохIазде ва хадубккун – Салатавиялъул магIардасан ва Сунхъулихъалдасан, Ханахъайил мегIералъул тIогьисан Къикъ магIарде. Гьенисан – Гумбеталде. ТIоцебесеб нух къокъабги киназдаго лъалебги бугониги, Граббеца тIаса бищана кIиабилеб нух. Гьелъие гIиллалъун букIана Салатавиялда гIурусазе мукIурлъичIел росаби рукIин. Ва гьезул жамагIаталги Шамилие кумекалъе АхIулгохIде рахъине рес букIин. «Граббеца кIиабилеб нух тIасабищи букIана Шамил имамасулги мурад», — ан хъвалеб буго Шапи Казиевас «АхIулгохI» тIехьалда.

1839 соналъул 15 маялда «Внезапная» хъаладухъ бугеб аскар хIадурун букIана сапарлъ бахъине. 20 маялда, микьазарго аскарияв вугеб къокъагун, генерал Граббе вагъарана Салатавиялдехун. Гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб бетIераб отряд къокъана Эндиреялдасан Гебекхъала магIарде ва бахана Хубаралдехун бугеб тIалъуде.

Аскаралъул цогидаб бутIа, цадахъ юкалгун ва гIарадабигун, ана Миякьосан Ичкаялдехун, Гъозталаялде ва гьениса – Хубаразул тIалъиялде. Гьениб цолъараб аскар лъалхъана, Апшерон полкалъул аскариялги, бакIалъулаб милицияги тIаде щвезегIан. Гьел рачIун хадуб аскар ана Гертмаялдаса Буртунаялде — нухрикьуде, ай Теренгъул кIкIалахъе щвезегIан.

Гьеб заманалда генерал Граббеда бицун букIана кIкIалахъ жанибги ва гьелъул квегIал щобаздаги, «Байрахъ чIвалеб гохIдаги», гьединго Буртунай росулъги муридзабазул кIудияб къуват бакIарун бугин абун. Гьел рукIана Шамил имамасулги, наиб Ахъбердил МухIамадилги нухмалъиялда гъоркь ругел муридзабазул къокъаби – 3-4 азаргогIанасев чи.

Шамилида лъалеб букIана «Внезапнаялдаса» гIурусал къватIире рахъараблъи, гьединлъидал гьев вачIуна Буртунаялде. Аслияб мурад букIана гIурусазе магIарухъе нух къай ва, рес рекъани, гьел тIагIинари. АхIулгохIда хъала барав Колоса Сурхайил хIаракаталдалъун цIакъ щула гьабун букIана Буртунай росуги. БукIаниги имамасда бихьула гIураб щулалъи гьениб гьечIеблъи.

Гьужумал ва камиял

1839 соналъул 24 маялда генерал Граббеца байбихьана гьужумал. Штабс-капитан Л. Богуславскияс хъвараб «Апшерон полкалъул тарих» абураб тIехьалда гьадин бицун буго гьел лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ: «Граббеца хIукму гьабуна вугеб бакIалдаса тушман вачахъизе. Ункъо гIарадаги бачун, аскариял рещтIана Теренгъул лъарал кваранаб рахъалда ва гьениса байбихьана гьужумалде. Гьезда данде гьабулеб букIана кутакаб дандечIей. Тушманасухъа бажаричIо дандечIей гьабун ва хехго гьениса лъутизе байбихьана гьез. Шамилил бо биххизабиялъул мурадалда, генерал Граббе, батальоналгун цадахъ вахана кIкIалал квегIаб рагIалде. Камиязул гIемерлъиялъ муридзабаз хивалго гьабичIо, оборонаялъе щулияб хъала гIадаб бакI букIаниги, Буртунай росу цIунизе. МаркIачIуде гьеб кIудияб ва гIезегIан бечедаб росу бахъана ва бухIана. ГIурус аскаралъул чIвана ункъо ва лъукъана 39 чи. МагIарулазе ккана кIудиял камиял», — ан.

Гьаниб абизе ккола, гIурус офицерзабаз цIакъ кIодо гьабун бицунаан жидерго бергьенлъиялъул ва тушманасе ккараб камиялъул хIакъалъулъ. Гьел лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ рехсаралда релълъараб баян кьолеб буго «1839 соналъул рагъулал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ» абураб хъвай-хъвагIаязда Россиялъул империялъул генералияб штабалъул поручик, гьел рагъазул гIахьалчи Д. А. Мимлютиницаги (хадубккун гьев вахъана Россиялъул Империялъул рагъулав министрлъун). Гьес хъвалеб буго: «КIкIалал рохьхIалал щобазда (гьел ккола «Байрахъ чIвалеб гохIалдаса» Теренгъулалдехун ругел бакIал) ккараб кьварараб рагъул хIасилалда батальонал хIалихъего рахана гьенире, цадахъ мугIрузулаб кIиго гIарадаги бехъерхъун. Гьеб мехалда магIарулазул ризал къокъаби, артиллериялъул кьвагьдеялде гъоркьеги ккун, чIварал муридзабиги авлахъалда рехун тун, Буртунаялдехун ана.

Цогидал батальонал гохIде рахи-негIан чIечIого, гьенибе щвараб аскаралъул къокъабигун цадахъ, генерал Граббе лъугьана муридзабазда хадув. Амма магIарулазул хехлъиялъ гьев хадув гъезе течIо: муридзаби рикь-рикьун ана сверухъ ругел гохIаздегун щобазде ва гьезда ракIалдецин ккечIо Буртунай росу цIунизе. ГIурусазда батана чIобоголъараб росу. ТIоцебе гьенибе щвараб къокъаялъ ккуна гьеб ва хутIараб аскар рещтIана росу сверун. Генерал Граббеда ракIалде ккана росулъ сордо базе ва гьес тIаса бищана ганчIил бараб кIудияб мина. Гьесул чукъа-рахханалъги штабалъги ккуна жеги цо чанго мина. Хадусеб къоялда, ай 25 маялда, гIурус аскариязе ихтияр кьуна росу талавур гьабизе. Росулъа солдатал араб мехалда гьениб бухIулеб букIана чанго мина. Хадубккун бухIана тIолабго росу», — ян.

Шамилил рагъул къокъаби уна Буртунаялдаса Гумбеталде унеб нухдасан МичIчIикIкIалахъехун, гьенибги гьабун букIуна щулалъи.

ГIурус аскар уна Тюз-Тауялдаса Сунхъулухъ магIардехун ва гьенисан – Къиркъ магIарде, цинги рещтIуна Гумбеталъул ракьалда. Къиркъ борхалъиялдаса гъоркье рещтIараб бакIалда бугеб майданалда гьез бала «Удачная» абураб щулалъи. Щаклъи гьечIо, гьел рагъазулъ гIахьаллъана кодоб ярагъ босун бажарулевщинав Буртунаялдаса бихьинчи.

Ибрагьимовалъ хъвана…

Цо дагьаб батIияб баян кьолеб буго гьел лъугьа-бахъиназул ва Шамил имамасул хIакъалъулъ художествиял асарал хъварал автораз. Масала, Шамил имамасул хIакъалъулъ роман хъвана хъвадарухъан Мариам Ибрагьимовалъ. Гьеб рикIкIуна гьесул хIакъалъулъ хъвараб бищун лъикIаб асарлъунги. Буртунаялда ккараб рагъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго гьелъ: «24 маялъул бакъанида Граббе щвана Буртунаялде. Радалалде гьениб рещтIараб артиллериялъ цо чанго гIарадаялдаса цадахъго чанцIулго кьвагьана росдаде. Муридзабаз данде жаваб кьуна тункIазул кьвагьиялдалъун. ГIарадабаз гумпараби ран рахъиндал, генералас буюрана гьужум гьабейилан абун. «Гьурра» ахIулаго, бухулеб къолол гьаркьихъе, солдатал рортана нухлул рагIалда букIараб кIудияб гохIде. Кодор хвалчабигун ва хунжрулгун, гьезде данде рортана муридзабиги. Къокъаб заманалъул рагъги гьабун, солдатал нахъе къана. Гьеб мехалда Граббеца хIукму гьабуна кIиго рахъалдасан Буртунаялда кьаби щвезабизе: гъоркьан – нухдасан ва тIасан — северияб рахъалдасан. РакIалда гьечIеб гьеб ишалдаса хадуб солдатазухъа бажарана оборонаялда кьватIел ккезабун. Гьел рорчIана росулъе ва унел рукIана церехун, тIохаздасан лъималазги руччабазги жидеде балеб гамачI букIаниги.

Тушман ворчIараб рахъалдехун кIанцIана Шамил ва гьес гьев росулъа вачахъана. Хадусеб къоялъги росдаде кьвагьдана гIарадабаздасан. ГIарадабазул щибаб кьвагьиялдаса хадуб бихьулеб букIана росу тIубанго биххулеб букIин. Шамилица сардилъ росулъа къватIире рахъинаруна руччабигун херал ва лъимал. КIиабилеб гьужумалдаса хадуб Буртунай росдал кIиябго рахъалдасан гьенире рорчIана Граббел солдатал ва гьезул щибаб галул манзилалда гьабизе кколеб букIана хунжрузулгун хвалчадул рагъ. ПалхIасил, Шамилида бичIчIана Буртунай росу цIунун бажаризе гьечIеблъи. Буртунаялдаса гьев нахъе ана».

Гьумер хIадур гьабуна

Зайнудин Окмазов