ГIагараб ракьалъухъ гIищкъу бергьарав

«ХIакъикъат» газеталъул 28-абилеб номералда бахъараб МухIамад ГIабдулхабировасул хIакъалъулъ хъвараб макъала батидал, дидаги ракIалде ккана гьесул хIакъалъулъ дирго пикраби загьир гьаризе. ГIурабго заман буго дир гьесулгун лъай-хъвай ккаралдаса. Ва щибаб дандчIваялъ дие рагьула цIи-цIияв ГIабдулхабиров.

Москваялда гIумру гьабун вугев тохтур, ЦIумада районалъул Гъоркьа Гьаквариса МухIамад ГIабдулхабиров лъаларев чи ватиларо Дагъистаналда. Лъала гьев, тохтур хIисабалда гуревги, лъикIав инсан гIадинги. Сундулъха бугеб гьев магIаруласул лъикIлъи? Гьеб бичIчIула, цо щуго минуталъ гьесухъ гIенекканигицин. Унго-унголъунги вугевдай цоги инсан, гьесие гIадин, вижараб ракь бокьулев? РикIкIада Москваялдасан гьесул пикраби роржунел ратила цIумазул улкайилан цIар тараб гIараб районалде. Ва гьелъул мугIрузул тIавапги гьабун, гьел жеги щолел ратила лъимерлъиялъулги гIолохъанлъиялъулги тахлъун, гъанситолъун жиндие бугеб гIагараб Гъоркьа Гьаквариб росдал годекIанире…

Чанго нухалда щвана дунги, МухIамадгун цадахъ, гьесул ватIаналде. Ва чанго нухалда рихьана гьев хIикматав инсанасул ракIалдещвеязул гьулчун рачIунел карачелабазул къатIраби.

Гьесул пикрабазулъ ва анищазулъ даим хIайранаблъун бугеб росулъе тира-сверизе къва-тIире рахъана ниж. Ва гьале доб МухIамадил пикрабаз ва анищаз рещтIен гьабулеб алжан. Гьале МухIамад чанги сверарал росдал къватIал. Гьале рорхатал мугIрул, мугIрузул ахалъудасан, къад къоялъе саламги кьолаго, къаси сордоялъе аххги бачунаго, чвахун унеб лъар. Гьаб лъарал чилиялдасанги, рорхатал мугIрузул тIогьаздасанги, тIогьазда тIавап гьабулел пахруял цIумазул рорженалдасанги байбихьула гьесие ВатIан.

Гьале гIалимчиясул рокьи ккараб гIагараб ракь. Гьаб росдал тарих лъазе ккани, росдал годекIанире щвани гIола — гьанир МухIамадил жигаралдалъун рагьарал музей-памятниказ бицуна росдал щибаб ганчIилцин къиса. Гьаб нухалдайин абуни гьес гьениб рагьана тIохьое бараб памятникги. Гьелда цебеги — росдал къисмат хъвараб чанго памятник.

— Жакъа тIолабго инсанияталъул хвасарлъи буго гIакъилаб тIохьолъ. Гьединаб тIехьалъ малъула гIакълу, кьола гIумруялъул дарсал. Гьединлъидал нилъеца бачIунеб гIел куцазе ккола сахал тIахьазул кьучIалда. ХIаракат бахъизе ккола тIахьазде гьезул рокьи куцазе. ВатIаналъул букIинеселъул кIул кодосел гIолилазда жакъа бичIчIизабизе ккола тIохьол къуват, — илан абула гьес.

Москваялда вугониги, гьесул ракI даим хутIана мугIрузда. Росдаде бугеб гIищкъу гьес бикьула жиндирго хъвай-хъвагIаязде, анищал гьурщула макъалабазде.

Цоги, дида цIакъго берцин бихьулеб гIа-мал-хасиятги буго МухIамадил. Санайил, отпускаялъул заманалда, гьев вачIуна Дагъистаналде. РакI кигIанго гIагараб росулъе гIе-дегIаниги, гьев цин тахшаралда дандчIвала бищунго жиндие гIагараллъун лъугьарал гьудулзабигун. Гьенибги бицуна Дагъистаналъул, гьелъул гIузрабазул.

МухIамадие цIакъ бокьула ХIамзатил Расулил творчествоги. Гьесда жиндагоги гIезегIан лъикI лъалаан шагIир. Гьал къояздайин абуни къватIибе бачIана Расулил хIакъалъулъ хъварал макъалабаздасан гьес данде гьабураб тIехь.

Гьединав вуго гIагараб ракьалъухъ гIищкъу бергьарав, лъикIав инсан, махщел камилав тохтур, гIалимчи, нилъер МухIамад ГIабдулхабиров.

Шамай Хъазанбиева