ГӀалим, шагӀир ва жамгӀияв хӀаракатчи

Риидалил къоялъ хӀалтӀуде машгъуллъун рукIарал ниж тӀуркӀизаруна циндаго бахъараб телефоналъул зваргъиялъ. Гьенисан инсуца бицана МухӀамадрасул-хӀажи къадаралде щун вугин абун.

Нухда къаде какалги ран, къалъудаса нахъе щвана ниж Муцалаулалде. Гьеб мехалда, хваравги вукъун, гӀадамал нахъе рачӀунел ратана. Хабалазда сверухъ ва аскӀор ругел къватӀазда машина лъезецин бакӀ букӀинчӀо. Кинабго жо дагьаб гӀодобе биччараб заманалда ана ниж хварасул лъималазухъе зияраталъ.

ТагӀзияталъул бакӀалда гӀадама-зул гӀемерлъиялъ, гӀеч бортизе бакӀ букӀинчӀо. Гьабулеб вагӀза-насихӀаталъе ахир букӀинчӀо, бу-кӀинчӀо ахир зигаралъе рачӀунел гӀадамазулги.

Щивха кколев гьев чи, гьедигӀан гӀадамаз къимат гьабулев?

Гьев ккола ЦӀунтӀа районалъул Сагьада-Микьуда росулъа бергьарав гӀалим, шагӀир, жамгӀияв хӀаракат-чи ХӀамзатов МухӀамадрасул-хӀажи. Гьев гьавуна 1938 соналъул май моцӀалда, динияб хъизамалда. 13
сонил ригьалде гьев вахиндал хвана гьесул эмен. Гьелдаса нахъе МухӀамадрасул-хӀажи ккола тӀубанго эбелалъул къайимлъиялде. Эбел — Огил ПатӀиматица жеги гьитӀинго цӀализе кьола вас, росулъа лъикӀав гӀалимчи, Хасавюрт районалъул Муцалаулалда бугеб Сагьада поселокалда гӀумру гьабун вукӀарав ХӀамзатил ГӀалихъе. Гьеб букӀана нижер росу чачаназул ракьалде гочинабураб заман. Росдал гӀадамал магӀарухъе тӀадруссиндал, цӀализе витӀана гӀалимчи Дибирил ГъазихӀажихъе.

Гьедин цӀалулаго, уна анцӀго сон. Амма доб букӀана киса-кибего хадуб халккун чӀараб КГБ букӀараб замана. Гьедин къала МухӀамадрасул-хӀажи цӀалулев вукӀараб мадрасаги. Гьелдаса хадуб ХӀамзатов уна Темиргъое росулъе ва гьенив цӀалула ЧӀохъа Халид-дибирасухъ. Хадуб цо лъагӀелалъ цӀализе уна Данухъ росулъ дибирлъуда вукӀарав Аргъваниса ГӀабдулхӀамидихъе. ЛъагӀелалъ халваталдаса къватӀиве лъугьинчӀого, гьесухъ цӀалула. Жеги цо лъагӀел бахъула ГӀуриса ГӀабдулхӀамидихъ, Данухъ росулъго гӀадин, халваталдаги чӀун цӀалулаго. Хадув цӀализе уна МахӀачхъалаялде, гӀелмияб академиялъул хӀалтӀухъан, Хунзахъ районалъул Гиничукьа МухӀамадсайидихъе. Чамалиго сон гьесухъги бан, гӀелмуги камиллъизабун, тӀадвуссуна инсул росулъе.

Гьабула ригьин ва вуссуна рукъалде. Гьезие гьарула лъимал – щуго васги цо ясги. Лъугьуна росдал советалда секретарасул хъулухъалде, хадуб – гьебго советалъул бухгалтерасул хъулухъалде. Ва амма, жиндие щвараб гӀелмияб лъай мугъ рехун течӀо, гьабуна жиндаго лъалеб дуруслъизе ва халкъалъухъа щвараб халкъалъухъеги кьуна. Микьуда росулъ жиндирго рокъоб рагьана мадраса, байбихьана малъизе мутагӀилзабазда гӀелму. БатӀи-батӀиял соназ гьесухъ цӀалана жидер мунагьал чураял Эчедаса Идрис-хӀажи Исрапилов, Зехидаса КъурамухӀамад-хӀажи Рамазанов, Гъизляр шагьаралъул имам СайидхӀусен, Хасавюрт шагьаралъул имам ЯхӀия, Шамхалалдаса Пайзула, Комсомолецалдаса ХӀусенапанди, Шагьикь росдал имам Якъуп, Муцалаул росдал имам МухӀамаданвар, Мокъокъ росулъа Ибрагьим ва Рамаев АхӀмад, Силди росдал имам Исрапил, Лъондодаса Шагьрурамазан ва гӀемерал цогидалги.

Мисалалъе, ЦӀумада районалъул Силди росулъа гӀолохъабазул 80 процент гьесухъ цӀаланин абуни, мекъи ккеларо. 2000 соналдаса нахъе анцӀго соналъ МахӀамадрасул-хӀажи хӀалтӀана Агъвали росдал имамлъун. Гьел соназ гьениб бана жанибго мадрасаги бугеб кӀудияб мажгит.

ЦӀалана гьесда цеве гьесул щуявго васги. Бищунго гӀелмуялда тӀадчӀей гьабуна гьесул вас ГӀалиасхӀабица. Цо нухалъ, харбида рукӀаго, дица мунагьал чураясда гьикъана, мун бищун вохараб щиб жо бугилан. Гьес дие жаваб кьуна, дидаго лъараб гӀелму гӀадамазухъе кьезе щвеялдасан вохулилан. Ва амма дие дагьабги цӀикӀараб рохел бугила, дир вас ГӀалиасхӀабица тӀубанго дида лъалеб гӀелму лъазабиялдаса, гӀарабазул улкабазде унги, гӀелму камил гьабиялдасаян тӀадеги жубана.

ХӀакъикъаталдаги, ГӀалиасхӀабил вахъана гӀараб лугъатги дурусго жинда лъалев, бергьарав гӀалимчи. Гьес къватӀире риччарал гӀараб граматикаялъул ва орфографиялъул тӀахьал хӀалтӀизарула чанги вузалда. Гьединалго тӀахьал гӀуцӀана ва къватӀире риччана МахӀамадрасул-хӀажицаги. Гьесул «Дивану Сагьадиюн» абураб тӀехьалда жанире рачун руго жинцаго ва цогидаз гӀараб мацӀалда хъварал асарал, шигӀраби, гӀалимзабаз цоцахъе хъварал кагътал ва гӀемерал цогидалги пайдаял жал.

ГӀалимзабаз хъвалел шигӀрабазда дун бахиллъула, щайгурелъул гӀараб мацӀ лъаялда бан, жидерго асаразулъ гӀараб рагӀабиги хӀалтӀизарун, цо батӀиябго чӀаголъи бачӀинабула.

Буго МухӀамадрасул-хӀажил «Тах-мис» абураб тӀехьги. Щиб жоха кколеб тахмис? «Тахмис» – гӀараб мацӀалдаса «щуйил» «щуйилаб» абураб магӀна бачӀуна. Тахмис буго гӀарабиязул шигӀрияталъе хасиятаб адабияталъул цо хасаб сверел. Цо пуланав авторас хъвараб шигӀру-назмуги босун, гьелъул жиб-жиб куплеталъул ахирисеб мухъги нахъе бахъун, цойгидав шагӀирас жиндирго рахъалдаса тӀаде жубала кӀиго мухъ, гьел цересел мухъазул магӀнаги хисизабичӀого, ай дагьабги магӀнаги гъварид гьабун.

Дагъистаналъул имам ва бергьарав гӀалимчи ХӀоцоса Нажмудиница хъвана, гӀарабазул улкабазда институтаздагун мадрасабазда жиб малъулеб «Азгьару-риваяту» абураб назму. Гьеб назмуялъе тахмис гьабуна МухӀамадрасул ХӀамзатовас. Гьеб тахмис малъула гӀараб улкабазул цӀалул идарабазда, хӀатта Египеталъул ал-Азхар университеталдагицин. Имам Нажмудиницаго гӀадин, шигӀрабиги назмабиги хъвалаан гьесул вац ГӀабдулатӀипицаги. Гьел кӀиязулго асаразе къимат кьолаго, Сириялъул тӀадегӀанаб цӀалул идараялъул нухмалъулев, профессор МухӀаммад ХӀабшица гьадин абуна: «Киналго гӀарабиязул улкабазул шагӀирзабиги данде ракӀарун, гьезул бергьаразе сайигъаталъе бакъ-моцӀ кьолеб бугони, ХӀоцоса Нажмудиние бакъ-моцӀги кьун, хутӀаразе цӀвабицин щоларо», — ян.

Гьединго МухӀамадрасулица ракӀарун рукӀана Нажмудинилги ГӀабдулатӀипилги киналниги асарал ва гьез цоцазухъе хъварал кагътал. Гьелъул тӀехь дандеги гьабун, басмаялде бахъизе хӀадурулаго, гьоркьоб хутӀана.

Гьал къоязда Москваялдаса ба-чӀана рохалил хабарги, Москваялда бугеб Востоковедениялъул университеталда гӀараб мацӀалдаса гӀурус мацӀалде таржама гьабун буго МухӀамадрасул-хӀажица ХӀоцоса Нажмудинил назмуялъе гьабураб тахмисалъул.

Руго МухӀамадрасул-хӀажица авар мацӀалда хъварал назмабиги. Гьединал назмаби жанире рачараб тӀехь къватӀибе бачӀана 2020 соналда.

Къварилъи ккаразе хӀалай ватулев жамагӀатчи ва жамгӀияв хӀаракатчи, гьоркьоб кьал ккаразе маслихӀаталъе вахъунев, кӀудияб махщалида гьеб иш тӀубазабизе бажариги гьунарги кодосев, гӀелмуги гӀамалги рекъарав гӀалимчи хӀисабалда хутӀила гьев нилъер ракӀазулъ.

Аллагьас мунагьалги чурун, битӀараб нухда тӀовитӀун ватаги! Амин!

Хизри МахӀмудов,

шагӀир,

РФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член