Жакъасеб къоялъухъ балагьун къимат кьезе бегьуларо цебесеб тарихалъе

Ахирал соназ гIемер бицунеб буго XIX гIасруялда Кавказалъул магIарулаз эркенлъиялъе ва чияда рачIолъиялъе гIоло гьабулеб букIараб къеркьеялъул, имам Шамилил, Имамат пачалихъалъул хIакъалъулъ. Тарих лъаларезги, лъалин чIаразги, гIелмиял цIарал ругезул цо-цоязги хIаракат бахъулеб буго хIакъикъаталдаса батIияб «къимат» кьезе халкъияб къеркьеялъе. БичIчIизе ккола, жакъасеб къоялда рекъон къимат кьезе бегьулареблъи цебесеб тарихалъе.

Нилъер тарих балъаргъине лъугьарал цо-цо «гьалмагъзабаз» щибго магIна-гIин гьечIел форумазда, данделъабазда бицунеб гIахьучIалъул гIемер рехсей гьабиларо. Амма рехсела цо мисал. Масала, исана 16-абилеб марталда ДГУялда тIобитIана имам Шамилил цIар кьураб халкъазда гьоркьосебин абулеб форум.

Рехселин гьеб форумалда къабул гьабураб резолюциялъул тIоцебесеб пункталдаса мухъал: «Национальный герой имам Шамиль… стал одним из основоположником современного многонационального Российского государства». Гьалъул магIна щиб? ГIурус мацIалъ абуни, абсурд. Гьединлъидал, мекъал, кьучI гьечIел баянал, харбал тIиритIизарулел гIемерлъун рукIиналъ, нижеца гара-чIвари гьабуна Дагъистаналъул тарихалъул, хасго XIX гIасруялда букIараб магIарулазул къеркьеялъул хIакъалъулъ хъвараб лъебергогIан тIехьалъул автор, машгьурав гIалимчи, тарихиял гIелмабазул доктор, профессор ХIажимурад Доногъолгун.

Сундулъго къваригIуна

мухIканлъи

— ХIажимурад, щай ахираб за-маналда Кавказалъул рагъда, имам Шамилида хурхун социалиял гьиназдаги жамгIияталдаги гьал бахIсал, харбал гIемерлъулел ругел?

— Дагъистаналъул машгьурав тарихчи, кавказовед, профессор Расул МухIамадовас хъвана «Большая личность будоражит умы людей на напряженных этапах общества», — абун. Гьелъги батилаха, гьаб хIалуцараб XXI гIасруялъул байбихьуда имам Шамилидеги гьесул къеркьеялдеги кIвар буссунеб бугеб. Халкъалъ цебесеб тарихалде кIвар кьей лъикIаб иш буго. Квеш ккараб жо буго, тарихалъе мекъаб къимат кьолеб къапилаялда гьоркьор тарихалъул гIелмуялъул рахъалъ жагьилал гIадамал гурелги, гIелмиял цIарал ругел цо-цо тарихчагIи ратиги.

Социалиял гьиназда цоцазде «хIапдолел» рукIинчIого, чIаха цо столалда нахъа, рихьизаре хIужаби, архивалъул документал. Архивазул документазулги мухIканаб анализ гьабизе ккола. Пачаясул офицерзабаз, доб заманалъул тарихчагIаз хъварал документазул киналго гуро ритIухъал, кьочIое росизе бегьулел рукIунел. Гьел рукIуна жидедего цIарал, дандиял гIодорегIан гьарулел.

Дандекквезе ккола нилъер бакIалъулал чагIаз, доб рагъул гIахьалчагIаз ва нугIзаз хъваралде, гьездаса хадусеб гIелалъ хъваралде.

Кинабго мухIканго цIехон, тарихияб гъалатI биччачIого хъвазе ккола. Щайин абуни, гIадатияб заманалъулги, гIадатияв чиясулги хIакъалъулъ гурелъул бицунебги хъвалебги бугеб.

Шамил асир гьавичIо

— Гъуниб магIарда Шамил асир гьавунищ ялъуни гара-чIвариязде вачIарав чийищ ккурав? Гьеб суалалда сверухъги руго бахIсал. Тарихчи, шамиловед хIисабалда дуца щиб абулеб?

— ТIоцебесеб иргаялда, асирлъуде чи уна квералги рорхун, кодоб хъахIаб байрахъги ккун. Сардаргун дандчIваялде имам Шамил ана бан ярагъгун рекIун чодагун. Полковник Лазаревас, Барятинскиясе мунгун дандчIвазе бокьун бугин чанго нухалъ гьарун, вачIана имам Шамил гьевгун дандчIвазе. Шамилил нигат букIана ахиралде щвезегIан вагъизе. Амма цадахъ хутIарал муридзабаз ГъазимухIамадида гьарана инсуда абейин гиназгун дандчIвазе айилан абун.

Барятинскиясулгун дандчIваялда къотIи гьабуна рагъ лъугIизе тезе. Лазаревасулгун Гъуниб росдал рагIалда букIараб дандчIваялда гьес Шамилида абун букIана сардаргун дандчIван хадув мун тIадвуссун росулъего виччазе вугин ва хадубккун хIежалде инеги рес кьезе бугин. Барятинскияс Шамилида абула, дур суал жинца тIубалеб жо гурин, гьеб пачаясул ихтияралда бугин.

Гьелдаса хадуб имам хъачIго кIалъала Лазаревасда кьураб рагIи хвезабунинги абун. Бихьулеб букIахъе, Шамил асирлъуде инчIо, дандчIваялде вачIарав чи, макру гьабун, ккуна. Цере-цере цоцазда божунгутIиялъул, къотIи-къаял хвезариялъул хIужаби ккун рукIиналъ батизе бегьула, Шамил нахъе виччачIолъиялъе гIиллаги.

— Художник Теодор Гольшетица бахъараб, тIехьалдаса тIехьалде рехулеб сураталда гъоркь хъван буго: «Фельдмаршал Барятинский принимает пленного Шамиля» абун. Гьелдасан бижараб далил гьечIодай Гъуниб магIарда имам асир гьавунин абиги?

— Т. Гольшет хIакъикъаталдаги Гъуниб магIарда вукIана. Амма гьес гьеб сурат бахъун буго рагъ лъугIун анцIго сон индал, Барятинскиясул гьитIинав вац Владимирица гьарун. Барятинский гIодов чIун, Шамил гьесда цеве эхетун вихьизави буго Владимирил тIадкъай тIубазабулаго, гьесда лъикI вихьизе (гьайгьай мухьги кьун батиларищха) хIаракат бахъи.

25 соналъ пачаясул Россиягун вагъулев вукIарав, жиндирго пачалихъги бугев, пачалихъалъул бетIерасулгун дандчIваялда А. Барятинский гIодов чIун, Шамил гьесда аскIов эхетун вукIине рес гьечIо. Гьеб букIинаан кIалъа-басаязул къанун, этикет цIунунгутIи. Гьединлъидал битIараб, хIакъикъияб ритIухълъи бихьизабураблъун гьеб сурат рикIкIине бегьуларо.

КIиабилеб, имам Шамилилги А. Барятинскиясулги дандчIвай букIана майданлъи ккараб гIурччинаб гIурдада, гьениб аскIоб букIараб кьурда, ганчIида цебе. Гьеб кьурда 1859 соналъул 25 августалда гьабун букIана гьадинаб хъвай-хъвагIай: «1859 года 25 августа, четыре часа пополудни» абун, ай гара-чIвариялги гьарун рагъ лъугIизе теялъул къотIи-къай гьабураб заман. Хадуб, пачаясул Россия Дагъистаналда щулалъидал гьабуна батIияб хъвай-хъвагIай: «На сем камне восседал генерал-фельдмаршал, князь Барятинский, принимая пленного Шамиля 25 августа 1859 года», — абун.

— Социалиял гьиназда чанго интервьюялда тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ абулеб буго, имам Шамил Дагъистаналъулги Чачаназулги имам вукIинчIилан, щивчи вукIунилан гьесулгун Барятинскияс къотIи – къаял гьаризе рукIаралилан. Гьелъ рехсолел гьединал ва гьезда релъарал гIахьучIал гIемер руго.

— Щиб мурадалда Дагъистанияй – тарихчIужуялъ, магIарулалъ гьединал жал абулел ругелали бичIуларо. Кинаб рокьукълъи букIине кколеб гIагараб халкъалъул тарихалде тударизе.

  1. Шамил Дагъистаналъул имамлъун вищана ХIамзатбег имам чIван хадуб 1834 соналда ГIашилтIа росулъ. Имамлъун вищизе разилъи кьоларого вукIана Шамил. Гьес инкар гьабулеб букIана гьеб иш тIаде босизе. ГIарахъ мегIералдаса рикIкIад гьечIеб, ГьоркьобкIалин абулеб бакIалде данделъарал гIалимзабаз, щибаб виллаяталъул вакилзабаз Шамил мукIур гьавуна имамлъи тIаде босизе. Хадуб гIагардегIан бугеб ГIашилтIа росдал мажгиталда Шамил имамлъун вищи тасдикъ гьабуна.

Чачаназул имамлъун Шамил вищана АхIулгохIда ккараб рагъалдаса хадув, 1840 соналъул март моцIалда. П. ТахIнаевалъ абухъе чачаназул имамлъун ТашавхIажияв вукIинчIо. Гьев вукIана Шамилил наиб.

  1. Шамил вукIинчIо гъачагълъун, ялъуни кинавалиго бунтарьлъун. Гьев вукIана пачаясде данде бахъараб халкъалъул цевехъан. Гьес гIуцIана хасаб пачалихъ – Имамат. Гьеб пачалихъалда гIадал ритIухъал, гьанжесеб мацIалда абуни демократиял рахъал европаялъул пачалихъаздацин рукIинчIо.

Шамилги, гьесул къеркьейги лъалаан Турциялда, Ираналда гуребги Англиялда, Франциялда. Пачалихъалъул бетIер хIисабалда дандчIвана гьев Барятинскийгун. Пачалихъалъул, Имаматалъул бетIерлъун гьев вукIиндал.

Асир вукIаравани, гьев Е. Пугачев гIадин клеткаялъувги тIамун чIвазе вачинаан.

  1. Харьков губерниялъул Чугуевалда лъагIалида жаниб цо нухалда тIоритIулаан Россиялъул аскаразул халгьабиял.

Петербургалде унев Шамилилги аскаразул халгьабиялде вачIарав пача Александр КIиабилевги гьенир дандчIвана. Гьеб букIана хинаб дандчIвай, пачаяс Шамилида къвал бан квер босана. Кидаго лъилгунниги букIинчIеб гIадинаб хIурматияб дандчIвай пачаяс гьабиялда гIажа-иблъун рукIана сверухъ рукIарал. Асир гьедин кIодо гьавуларо. Абизе ккола гьобол хIисабалда тIалаб гьабунин пачаяс имам Шамилил.

Хадув хIежалде унаго Турциялда СултIанас, Египедалъул хедивас (СултIанасул Египедалда тарав бетIер). Ай пачалихъазул бутIруца гьев кIодо гьави тарихалда буго.

— Гьал къоязда дихъе щвана дагьаб цебе къватIибе бачIараб, дуца цIех-рехал гьарун ракIарарал архиваздаса документазулгун материалазул «Кавказский архив» абураб тIехь. Дол соназул хIакъикъат рагьулеб анцI-анцI документ буго гьениб. Гьездаго гьоркьоб Шамилихъе хъварал, гьес хъварал кагътал, жеги лъалел рукIинчIел тарихиял документал…

— Гьел цIехолаго дун хIалтIана Москваялъул, Санкт-Петербургалъул, Казаналъул, Типлисалъул архивазда. Дихъе щвана жеги чанго тIехь бахъизе гIурал къиматал документал. Цо чиясе гьеб захIматаб иш буго, бугониги, иншаАллагь, гьелги рахъила.

Шамилил библиотека

ва музей хIажат буго

— КъватIисел пачалихъазул архиваздаги дагьал ратиларо имам Шамилидаги Кавказалъул рагъдаги хурхарал документал. Масала, Турциялъул архивазда.

— ХIакъаб жо, Турциялъул, Ира-
налъул, Азербайжаналъул, ГIизраи-лалъул, Польшаялъул, Англиялъул, Франциялъул, СШАялъул, гIагараб бакъбаккуда ругел цо-цо гIарабазул улкабазул архивазда гьединал документал рукIин. Цо чиясухъа гьеб бакIарун бажаруларо. Буго халкъалда гьоркьосеб Шамилил цIаралда бугеб фонд. Гьез тIалаб гьабизе, цIехезе ккела. Гьелдаса аслияб хIалтIи цоги щиб бугеб фондалъул?

Дун гьеб фондалда хIалтIулев вукIараб заманалдаги ва гьанжеги дица абулеб буго пайдаяб хIалтIи гьабулеб батани, гьабе Шамилил фондалъул библиотекайилан. Гьенире ракIаре Шамилида ва Кавказалъул рагъда хурхарал тIахьал, бакI-бакIазда ругел архиваздаса документазул копиял, гIуцIе каталог. Кир ругел нижеца цере ракIарун рукIарал тIахьал?

— Шамилил фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевасе кьуна дица гьеб суал. Гьел тIахьал кир ругелали жинда лъаларин абуна гьес. Батирайил къотIноб бугеб Гранд-Плаза абураб минаялъуб кIиго-лъабго рукъги арендаялъе босун, гьениб хIебтIун бугила фонд. Лъеберго сон унеб бугила фондалъе мина кьеян тIалъиялда гьарулаго, гьеб щолеб гьечIила. В. Васильев республикаялъул бетIерлъун вукIараб мехалда, филармониялъул мина кьезехъин букIанила фондалъе, амма Культураялъул министерство гьоркьоб речIчIун, кьезе биччачIила.

— Гьаб кIудияб шагьаралда фондалъе хасаб бакI кьезе захIматаб ишищ бугеб шагьаралъул ва республикаялъул нухмалъулезе? Щай бегьулареб ракьул участок тIалаб гьабизе. Гьениб базе бегьилаан фондалъе мина, рагьизе бегьилаан Шамилил музей, библиотека, ай гьеб букIинаан рухIияб центрлъун. Гьеб ишалъе квербакъулел сахаватал дагъистаниялги гIезегIан рукIинаан.

Турциялда ругел Кавказалъул магIарулазул мугьажирзабазул хIа-къалъулъ тIехь хъварав, тарихиял гIелмабазул кандидат ГIамирхан МухIамаддадаевас бицана Стамбулалъул БахIария Джаресси проспекталда бугин шейх Шамилил библиотека. Гьеб гIуцIун бугин 100-150 соналъ цебе, Дагъистаналдаса Турциялде гочарал мугьажирзабазул наслуялъул гIадамаз. Библиотекаялде бакIарун буго XIX-XXI гIасрабазда къватIибе бачIараб имам Шамилида, Кавказалъул рагъда хурхараб – авар, гIурус, турк, гIараб, паранг, ингилис, немец, фарс, поляк, иврит мацIазда лъабазаргоялдаса цIикIкIун тIехь. Гьеб темаялда хурхараб кинаб тIехь кибниги бахъани, гьез библиотекаялде бачIинабулеб буго. Турциялда — Шамилил библиотека, Калугаялда – музей-рукъ. Нилъехъ щиб бугеб?

1993 соналъул 22 августалда Шамилил фондалъул нухмалъулевлъун мунагьал чураяв Дибир МухIамадов вугеб мехалда МахIачхъалаялъул Октябралъ 50 сон тIубаялъул паркалда Северияб Кавказалъул магIарулаз XIX гIасруялда жидерго эркенлъиги къадруги цIунун гьарурал рагъазул гIахьалчагIазе сайгъат гьабураб тарихияб мемориалалъе кьучI лъун букIана.

Гьеб гьединго хутIана. Бицинарин хIорго хутIараб имам Шамилие памятник баялъул суалалъулги. Гьабунани гIураб хIалтIи буго Шамилил фондалъе.

ХIамзатбег имамасул

ясалъул хоб — Гьеллиб

— Ахираб 20-30 соналда жаниб тарихчагIаз, краеведаз Дагъистаналда ва Чачаналда хабзалазулъ гьарурал цIех-рехаз тIатинаруна Кавказалъул рагъда шагьидлъарал наибзаби, рагъул гIахьалчагIи рукъарал бакIал, гьел хвараб заман. Заназда гьарурал хъвай-хъвагIаязги, цо къадаралда, кIу-дияб кумек гьабулеб буго тарих рагьизе.

— БитIараб буго, заназда гьарурал хъвай-хъвагIаяз, цо къадаралда, кумек гьабула бахчараб тарих рагьиялъе. Гьелъие цо мисалги бачина. КIиабилев имам ХIамзатбегил наслу (лъимал) рукIанищ яги рукIинчIищали тарихалдасан лъалеб букIинчIо.

ГьанжегIагар Карабудахкент районалъул Гьелли росулъа Хосар Хосаровасда росдал хабалалъ батана цоцазда аскIоб чIвараб кIиго зани. Цоялда гьабураб хъвай-хъвагIаялда буго, гьаний юкъун йигин ГIалискандерил вас ХIамзатбегил яс Разия абун. Цогидаб кколеб буго гьелъул рос Ибрагьимил. Гьезул наслуги Гьеллиялда, цIехани, гьайгьай, батила.

Баянаб букIахъе, ХIамзатбегил тIоцеесей чIужу йикIана жиндирго яцгIал ПатIуч. Гьезул лъималазул хIакъалъулъ баян гьечIо. Хунзахъ бахъун хадуб гьес гьений ячана ГIамирхан абурав ЧIанкIал яс. ХIамзатбег чIван хадуб гьаюрай яс ятизе бегьула гьей.

Рос чIван хадув, жийгоги ургьиб бугеб лъимерги цIуниялъул мурадалда, гьей лъутун ятизе йиго лъарагIлъиялде, Гьелли росулъе. Гьений гьаюн ятизе йиго Разияги.

ТIахьазде чучула ракI

— ХIажимурад, балъголъи бати-чIони, лъазе бокьилаан щай мун республикаялъул ГI. Тахо-Годил цIаралда бугеб музеялъул директорасул заместителасул хъулухъалдаса нахъе аравали?

— Дун нахъе инчIо. Инавуна. Музеялъул директорас дида абуна, тIасан амру бачIанин мун нахъе витIеян абун. Гьенив хIалтIулаго, цадахъго дица дарсал кьолаан ДГУялдаги. Гьенибги абуна сагIтал гьечIилан. Дида лъаларо, щиб такъсир, гIайиб дир бугебали. Дицаги цIехечIо. Лъаларо, дир тIахьаздаса, лекцияздаса цо-цо бакIал (XIX гIасруялда хурхарал) гьанжесеб ахIвал-хIалалда хурхинарун, бухьинабун хIалтIизарулел тIатун ратизеги бегьула. Аллагьасда лъала. Дир щибго дагIба гьечIо, парахат рокъов, дирго тIахьал хъвалев вуго.

— Сунда тIад гьабсагIаталда хIалтIулев вугев?

— Цебеккун абухъе, чанго моцIалъ батIи-батIиял архиваздаги хIалтIун, дица бакIарун буго цIикIкIараб къадаралда тарихиял документал. ГIагараб заманалда хIадурун лъугIун руго ва къватIире рачIине руго:

  1. «Ахульго» (сборник документов и материалов).

Гьединго документаздаса ва материалаздаса данде гьабураб лъабго тIехь:

  1. ГъазимухIамад имам.
  2. Наградная система в имамате.
  3. Биография детей имама Шамиля.

Гара-чIвари гьабуна

Пайзула Пайзулаевас.