Новость на родном

ЦIоралде «чабхъен»

Исана дица дирго отпуск ЦIоралда тIобитIана. Профсоюзалдса путевка тIалаб гьабичIо, вахун машинаялдегун ЦIоралде хазабуна. Мурад цо букIана – халкъалъул кIалухъ гьедигIан цIакъ рехсолеб, кици-биценалъулъ гIемераб, некIсиял сариназулъ гьарзаяб ЦIор дирго берда бихьизе ва гьелъул гIадамазул къан квер бачине. Щиб ракь ЦIор ва щал гьелъул гIадамалали лъазе. Орджоникидзе шагьарги нахъа тун, цIар рагIараб Рагъул-гуржи нухги къотIун,...

Новость на родном

ТалихIаб шигIруялъ ахIун рукIана

30 апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукIана магIарул шагIир, публицист, учитель, насихIатчи КIуядаса МухIамад ХIасановасул творчествоялъул бицунеб гъасде. Авар адабияталъул унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби, Гъуниб районалъул школазул учительзаби, шагIирзаби ва адабият бокьулел шагIирасул росуцоял, районцоял, къаламцоял, пишацоял, хъизан-лъимал, гIага-божарал. Дандеруссиналда рикIкIана, цIа­­лана М. ХIасановасул асарал. Бай­рамалъул хIурматиял гьалбаде­рида гьоркьор...

Новость на родном

ГIелмуялъе кьураб гIумру

ГIезегIан сонал ана ХIамзатил ХIажияв нилъедаса ватIалъаралдаса. Амма гьанжеги цебеса унаро гьесул гьимараб, баракатаб сипатги, кIочон толаро рекIелъе бортулеб дурусаб, цо батIияб гугьаргун бицунеб букIараб магIарул каламги, гIакъилал, жиндихъ гIинтIамурав асир гьавулел камилал пикрабигун насихIаталги. КIудияб даражаялъул инсан ва гIалимчи жив вукIаниги, ХIажиясулъ букIана гIажаибаб гIаданлъиги, инсан хиралъиги, чиясул къимат гьабиги. МагIарулазул аби буго, вижараб...

Новость на родном

Чемпионасул ракIалдещвеял

1959 соналъул 1–4 октябрь. Ираналъул тахшагьар Тегераналъул «Соррейя» стадионалда унеб буго эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. СССРалъул тIаса бищараб командаялда цадахъ гьениб гIахьаллъи гьабизе вачIарав гIолохъанав ГIали ГIалиевас ургуялда босула тIоцебесеб бакI ва вахъуна тIоцебесеб нухалда дунялалъул чемпионлъун. Гьеб букIана кIудияб бергьенлъи ва рохел магIарулазеги тIолабго Дагъистаналъеги. Гьединго гьеб чемпионаталда хасго ГIалил бергьенлъиялъ квербакъана СССРалъул...

Новость на родном

Пихъ гьарзаяб ахлъун буго дур шигIру

24 апрелалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъул пагьму-гьунаралъул «ШигIрабазул гъасда» абураб цIалдолезулгун дандчIвай. Унго-унгоги гьеб сверана магIарул адабияталъул байрамалде. ШагIиралъул шигIрияб улкаялде гьоболлъи базе рачIун рукIана магIарул шагIирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, цIалдохъаби, учительзаби, шагIиралъул шигIрабаз жидее асар гьабулел магIарулал. Баян: Дагъистаналъул халкъияй­ ша­гIир. Дагъистаналъул Пача­ли­хъияб премиялъул лауреат. Залму...

Новость на родном

ЧIахIиязул мисал — наслабазе тарбия

Жакъа социалиял гьиназ нилъер гIумруялъулъ ккола аслияб бакI. Гьелъул пайдаялъул ялъуни заралалъул гIемер бицине бегьула. Инсанасул вукIа-вахъин, хIалтIи-пиша бигьалъизаби гуребги, интернеталъ рес кьола гьениса лъикIаб, пайдаяб, берцинаб, инсанасул рекIее гIагарабщиналде рокьи загьир гьабизе, гьелде цогидал ахIизе, гьелъул бицине ва гьеб  бихьизабизе. Рохизе ккараб жо буго гьелдаса пайда босулел гIадамал, хасго гIолилал гIемер рукIин. «ХIакъикъаталъул» редакциялде...

Новость на родном

Дир календаралда хутIана Шапи… (Р. ХIамзатов)

26 апрелалда МахIачхъалаялда, ЛъарагI театралда ракIалде щвезавуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев. (Гьесул гIумруялъул ва творчествоялъул хIакъалъулъ хIужаби нижеца рехсон рукIана газета­лъул 12-абилеб номералдаги). Дандеруссиналда гIахьаллъана хъвадарухъанасул гьудулзаби, шагIир­за­би, хъвадарухъаби, журналистал, росуцоял, гIагарлъи. Тадбир нухда бачана журналист, фотограф ва режиссер Юлия Майоровалъ. Хъвадарухъанасул хIакъалъулъ гIатIидго бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союза­лъул председатель Марина АхIмадовалъ, «Гьудуллъи» журналалъул бетIерав...

Новость на родном

ГьитIинаб росдал гIадамазул гIатIидал ракIал

Марталъул ахирисел ва апрелалъул тIоцересел къояз рарал гучал цIадаз гIемерал росабазе зарал ккана. ГIумруялъ данде гьабураб магIишат хвана, минабазул къадал риххана. ГIатIиракьалда ругезе гуребги, къварилъи ккана магIарухъ ругел росабазеги. Масала, Унсоколо районалъул ГьаракIуниб росдае. Амма республикаялда бугеб ахIвал-хIалги бихьун, гьерекI руцIцIун чIана, чанго къоялъ токги лъимги букIинчIониги, гьезул рахъалдасан гIарзал рукIинчIо. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун,...

Новость на родном

МустIафа Дагъистанли — къей лъачIев гугарухъан

1931 соналъул 11 апрелалда Турциялда, Самсун вилаяталъул Чаршамба районалъул Сёгютпинар росулъ гьавуна дунялалдаго цIар рагIарав турказул гугарухъан, магIарул мугьажирзабазул вакил  МустIафа Дагъистанли. Гьесул кӀудияв эмен Гъуниб районалъул Гьонода росулъа гочун вуго Турциялде. МустIафаца анкьго сон бараб мехалда, хун вуго эмен МухIамад. Гьев вукIун вуго чанахъан. Цо нухалда чанаве арав чи, магIарда букIараб цо хIоринивеги ккун,...

Новость на родном

Донбассалъул лъималаз Дагъистаналъул лъималазе

Гьал къоязда Дагъистаналде, чвахунцIадаздаса хадуб лъим кIанцIараб Дербент районалъул Мамедхъала росулъе гуманитарияб кумекгун бачIун букIана Мариуполь шагьаралдаса делегация. Дагъистаналде рещтIарал тIабигIиял балагьазул хIакъалъулъ рагIарабго жидедаго хIалкIвараб гуманитарияб кумекги бакIарун рачIана «ГIолохъанаб гвардия» абураб Мариуполь шагьаралда бугеб отделениялъул нухмалъулев Никита Аверкин, Мариуполалда бугеб Санкт-Петербургалъул вакиллъиялъул нухмалъулев Олег Моргун ва шагьаралъул собраниялъул депутал. Гьелгун цадахъ къварилъи ккаразе...