1931 соналъул 11 апрелалда Турциялда, Самсун вилаяталъул Чаршамба районалъул Сёгютпинар росулъ гьавуна дунялалдаго цIар рагIарав турказул гугарухъан, магIарул мугьажирзабазул вакил МустIафа Дагъистанли. Гьесул кӀудияв эмен Гъуниб районалъул Гьонода росулъа гочун вуго Турциялде. МустIафаца анкьго сон бараб мехалда, хун вуго эмен МухIамад. Гьев вукIун вуго чанахъан. Цо нухалда чанаве арав чи, магIарда букIараб цо хIоринивеги ккун, гъанкъун вуго.
Дида лъалаан гьев машгьурав инсан, дандчIван, гIодобиччараб гара-чIвари гьабизе ресги щун букIана. Амма гьесда мухIканго лъалеб гьечIоан жиндир умумузул тарих, кида ва киса гьел рачIаралали.
МустIафа Дагъистанли чанго нухалда вачIун вукIана инсул ватIаналде. Гьесул лъикIаб гьудуллъиги гьоркьоблъиги букIана ГIали ГIалиевгун ва Дагъистаналъул гугарухъабигунги политикалгунги.
Анкьго сон барав МустIафаца цин байбихьана турказул каракучак (рачел ккун) гугари гьабизе, хадув, 18 сон барав чи, рагъулаб флоталда хъулухъ гьабулеб мехалда, машгъуллъана эркенаб гугариялде. Гьесул тренерлъун вукIана машгьурав гугарухъан Яшар Догъу. Турказул гIемерисел гугарухъаби кинигин, гьев грек-римазул ва эркенаб гугариялъул турниразда цеве вахъунаан. Амма цIикIкIун шапакъаталги цIаралги гьесие щвана эркенаб гугариялда.
ТӀоцебе МустIафаца миллияб форма ретӀун буго 1954 соналда ва гьебго соналда Токиоялда тӀобитӀараб эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионаталда чемпионлъун вахъун вуго. Хадусеб 1955 соналда гьес гIахьаллъи гьабула Барселонаялда тӀоритӀарал КIудияб ралъдал хӀаязда. Гьениб МустIафаца тӀоцебесеб бакӀ ккола грек-римазул гугариялъул рахъалъ.
1956 соналда Австралиялъул Мельбурн шагьаралда тIобитIараб Олимпиадаялда МустIафа вахъана 57 кг цIайиялда эркенаб гугариялъул рахъалъ чемпионлъун.
62 кг цӀайиялъул классалде вахун хадуб, МустIафа Дагъистанлица бергьенлъи босана Истамбулалда (1957) ва Тегераналда (1959) тIоритIарал дунялалъул чемпионатазда. 1960 соналда Рималда тӀоритӀарал Олимпиялъул хӀаяздаги гьебго соналда Бургасалда тӀобитӀараб Балкан чемпионаталдаги гьев вукIана жиндир цIайиялда тIоцевесевлъун.
Жиндир спортивияб гIумруялда жанив МустIафа бергьана Турциялда ва халкъазда гьоркьосеб даражаялда тӀобитӀараб 393 къецалъул 389-ялда. Чанго нухалда щивниги бергьинчIеб хIасилги ккана гьесул ва киданиги къейги ккечӀо.
Гугариялдаса нахъе ун хадув МустIафа хӀалтӀана тренерлъун ва вукӀана Турциялъул Гугариялъул федерациялъул членлъун, машгъуллъана бизнесалде. 1961 соналда гьес гIуцIана шагьаразда гьоркьор гIадамал раччулеб «Дагъистанли» абураб автобус фирма. Гьеб жакъаги хьвадулеб буго Самсун-Истамбул шагьаразда гьоркьоб.
1973 соналдаса 1980 соналде щвезегӀан МустIафа Дагъистанли вукӀана Турциялъул КӀудияб Миллияб Мажлисалъул (парламенталъул) Самсуналдаса вищарав «РитӀухълъи» партиялъул депутатлъун.
МустӀафа Дагъистанлица гьабуна кIиго нухалда хъизан. ТIоцеесей лъади хвана унтун. Гьелдаса хутIана цо васги ункъо ясги. КIиабилей хъизаналдаса гьесул руго васги ясги. Ахирал соназда гIумру гьабун вукӀана Истамбулалда. МустIафа Дагъистанли хвана 2022 соналъул 18 сентябралда, 91 сон барав чи Анталия шагьаралъул больницаялда. Вукъун вуго Анкараялда, Каршияка хабалахъ.
Мустафа Дагъистанлил бергьенлъаби:
1954 сон. Токио, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 57 кг
1955 сон. Барселона, КIудияб ралъдал хӀаял, грек-римазул гугари, 57 кг
1956 сон. Истамбул, Дунялалъул кубок, эркенаб гугари, 62 кг
1956 сон. Мельбурн, Олимпиада, эркенаб гугари, 57 кг
1957 сон. Истамбул, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 62 кг
1959 сон. Тегеран, эркенаб гугариялъул дунялалъул чемпионат, 62 кг
1960 сон. Бургас, Балкан чемпионат, эркенаб гугари, 62 кг
1960 сон. Рим, Олимпиада, эркенаб гугари, 62 кг
АхIмад МуртазагIалиев

