Новость на родном

Улбузул дарсал

Рагъида диваналда егун йигей Хамизил берал кавудахъ лъун рукIана, гьебги рагьун, жаниве цониги чиго вачIинародайилан. — Вай, хирияв Аллагь, сундухъха дуца дие гьаб тамихI гьабулеб бугеб? ГIолохъанго росги хун хутIарай дица гIезаюна яс. Гьей дие йикIана гIумрулъунги рухIлъунги. Амма жакъа гьелъулгицин заман гIолеб гьечIо унтарай, херлъарай дихъе ячIине. Чан нухалъ гьараниги, жиндего аскIоеги ячинчIо. КигIан...

Новость на родном

МухIамад ПатахIовги «ХIакъикъаталъул» гимнги

«Релъи-хъуй гьечIого, рохизе лъалел, МагIу чвахичIого, гIодизе лъалел, ГIишкъул рекIараб цIа цIунизе лъалел МагIарулал ругел лъикIал гIадамал». Дагъистаналъул халкъияв поэт Р. ХIамзатовасул гьел рагIабаздалъун байбихьулеб кечI хадусан лъугьана нилъер магIарул миллаталъул кидагосеб гимнлъун. Дагъистаналъул цогидал миллатазул гьединаб гимн жеги гьечIо. Гимн цIалулаго яги ахIулеб рагIарабго, беразде цебечIола магIарулазул цебесеб гIумру, гIажаибго берцинаб, бахIарчияб гIамал-хасият, халкъалъул...

Новость на родном

КватIараб кантIи, тIурачIел анищал

Ахирал соназда цIикIкIунеб буго наркотикал хIалтIизарулезул къадар, гIолохъанлъулеб буго наркоманазул ригьги. Гъизилюрталда букIараб руччабазул колониялда жанир тIамуразул гIемерисел рукIана наркотиказда хурхараб статьяялда (228-абилеб) рекъон гьенире ккарал. Гьединазул цояй, ГIайшатилгун (цIар хисизабун буго) ункъо соналъ цебе колониялда нижер ккараб гара-чIвари буго жакъа гьаниб бахъулеб. Гьей йиго 32 сон барай гIадан, колониялда базе ккола анлъго сон, гара-чIвари...

Новость на родном

Сундухъха дагъистаниял рокьилел?

Руго хвасар гьариялъул хъулухъал: 01, 02, 03… ва буго Дагъистан, 05 Къого соналъ цебегIанго дадал гIарцуца къватIисеб хIукуматалда гIумру гьабизе ворчIарав «цIияв дагъистанияс» хъван букIана «Щай дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ватIаналде «лагIараб» макъала. Гьелда ничгьечIица жужа­хIалъул къавмалъулгIанги рехсечIеб гIунгутIи тун букIинчIо МугIрул Улкаялъул гIадамазул. Амма дагъистанияз (СВОялда, ракълилаб гIумруялда, тIабигIияб балагьалъул къохIехьеялда…) рихьизарулел бахIарчиял...

Новость на родном

ГIелмуялда гIамал рекъарав инсан

ТIукитIа росулъа ГIумарил МухIамад вукIана гIараб гIелму цIала­рав чи. Гьев вукIана Къуръаналъул хIукъукъал ричIчIиялъулъги, хIа­дисазул асарал лъаялъулъги, раббаниял кашфаби рагьиялъулъги, жагьилзабазни щай гурин, унго-унгоял гIалимзабазцин жиндие тIа­дегIанаб къимат кьурав варагIалъул агьлуялъул цевехъан. Гьединаб борхатаб даражаялдаги кIудияб макъамалдаги вукIиналъ араб гIасруялъул 60-80-абилел соназда ГIумарил МухIамадил цIар тIи­битIун букIана магIаруллъиялдаго. Гьесда цере балъго гIелму цIа­лу­лел рукIана МелъелтIаса...

Новость на родном

«Хонжрод басун буго дун гьавураб сон…»

Расулил гьал рагIаби цIалараб мехалда, бачIунеб буго суал: Щай, батIияб алаталъ гуреб, хонжроца басараб магIарулас жиндир лъимадул цIар рукъалъул хIобода? Бегьуларебищ букIараб носоца, гIощтIоца, ялъуни цогидаб рекIараб жоялъ гьеб гьабизе? Гьединал суалал кьезе бегьила нилъер халкъалъул, магIарул чиясул гIумруги, гIамалги, тIабигIатги лъаларев, гьеб бичIчIуларев цо пуланас. Дагъистаналдаги Кавказалъул цогидал бакIаздаги хонжродехун букIана хасаб гьоркьоблъи. Гьелъие...

Новость на родном

Машгьурав гIалимчиги гIадатияв инсанги

Щуабилеб маялда академик, гIалимчи, хъвадарухъан, журналист ва гIуцIарухъан ХIажи ХIамзатов гьавуралдаса тIубала 100 сон Северияб Кавказалда академиклъун вахъарав тIоцевесев гIалимчи вукIана гьев. Дагъистаналда гуманитарияб гIелмуялъе кьучI лъолаго, цIиял пикрабаздалъун гьес бечед гьабуна адабият ва мацI лъазабиялъул гIелму, кIудияб бутIа лъуна халкъазул кIалзул гьунаралъул асарал данде гьариялъулъ ва гьезул гIелмиял цIех-рехазе квербакъана. Жиндир гIелмиял хIалтIабазулъ ХIажица...

Новость на родном

Реццалъе мустахӀикъав инсан

Исана 85 сон тӀубана машгьурав тохтур, медицинаялъул гӀелмабазул кандидат, Дагъистаналъул культураялъул мустахӀикъав хӀаракатчи МухӀамад ГӀабдулхабиров гьавуралдаса. Гьайбатаб студентлъи МухӀамад гьавуна 1941 соналда ЦӀумада районалъул Гъоркь Гьаквари росулъ. Гьес лъугӀизабуна Агъвали росдал школа. «Агъвали росдал школалъул тарихалда дир цӀар хъвана тӀокӀлъиялда гьеб лъугӀизабураб тӀоцевесев цӀалдохъан хӀисабалда. Гьелдалъун рес щвана бокьараб институталде, экзаменалги кьечӀого, цӀализе лъугьине. Амма...

Новость на родном

Нух — гIумрудул бидурихь

КватIараб сардилъ гIагарай гIаданалъ телефоналде ахIун бачIиндал, расги рекIее гIечIо. Щибдай ккарабилан абураб пикру букIана телефон борхилалде ботIролъ женжедулеб. КIалъалей йикIана Бакьахакьи росдал байбихьул школалда кIикъогоялдаса цIикIкIун соналъ хIалтIарай ва гIемерал соназ гьелъие нухмалъи гьабурай ПатIимат Дибирова. Канлъи бугониги, бухьен гьечIого хутIаралги лахIзатал гIемерал рукIунин, жидер рохел дуеги загьир гьабизе бокьун букIанин, кватIун кканин, гIайиб...

Новость на родном

КIиго релълъараб къисмат. КIиго батIияб къисмат

ВатIаналъул васал, нужей рецц гьабун, свакалей гьечIо дун, кигIан хъваниги. Гьел нужер гьунараз гьале цIидасан цIар гьабулеб буго бихьинчилъудал. Макьил рахIат гьечIей хIикматай гIадан, солдатасул эбел – дун духъ гьоболлъухъ. Цо вугев васасул бицунеб мехалъ, Хатимат, дур магIу гIорлъун чвахула. МухIамадхIажица дур къисматалъе багьа тIадегIанаб сайгъат гьабуна. МугIрул улкаялъул бахIарчиясул тIокIлъиялъул буго жакъа бицунеб. Бихьинчияс...