Жакъа социалиял гьиназ нилъер гIумруялъулъ ккола аслияб бакI. Гьелъул пайдаялъул ялъуни заралалъул гIемер бицине бегьула. Инсанасул вукIа-вахъин, хIалтIи-пиша бигьалъизаби гуребги, интернеталъ рес кьола гьениса лъикIаб, пайдаяб, берцинаб, инсанасул рекIее гIагарабщиналде рокьи загьир гьабизе, гьелде цогидал ахIизе, гьелъул бицине ва гьеб бихьизабизе. Рохизе ккараб жо буго гьелдаса пайда босулел гIадамал, хасго гIолилал гIемер рукIин.
«ХIакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIана гьединазул цояв — Ражаб Хасбулатов. Социалиял гьиназда миллияб маданияталъул берцинлъи, тарихалъул бечелъи бихьизабулев чи хIисабалда лъала гьев гIемерисезда.
— Ражаб, бокьилаан дуца дурго хIакъалъулъ бицине. ГьабсагIат сунде машгъуллъун вугев?
— Дица бана 21 сон. Дун ккола Гъизилюрт районалъул Бавтугъай росулъа. Амма дир умумул ккола Гелбахъалдаса. ГьабсагIат гIумру гьабун вуго МахIачхъалаялда. Дун ккола юридикияб факультеталъул студент ва социалиял гьиназдасан дица бачуна магIарулазулги тIолабго Дагъистаналъулги тарихалъул, маданияталъул бицунеб ва гьеб бихьизабулеб гьумер.
— Щай хас гьабун гьеб тема тIаса бищараб?
— Зигмунд Фрейдица абун буго кинабго бачIунин лъимерлъиялдасанилан абун. ГьитIинаб мехалда цIакъ бокьулаан гаргадизе. Гьединлъидал дица байбихьана батIи-батIиял темабазда видеороликал рахъизе. ТIоцебе гьел диего рекIелгъеялъе рахъулел рукIана, хадуб социалиял гьиназдаги лъезе байбихьана.
Дие кидаго бокьулаан нилъер тарихги маданиятги ва гъира букIана гьелде бугеб рокьиги цогидаздаги бихьизабизе. Дир социалиял гьиназда ругел гьурмал, аслияб къагIидаялъ, цIун рукIана жамгIияб хIаракатчилъиялда хурхарал темабаз. Пуланаб къоялъ хIукму гьабуна дирго профиль бацIцIад гьабизе ва гьеб тарихалъулги, маданияталъулги, мацIалъулги ва гIамм гьабун миллаталъулго рухIияб бечелъиялъул бицунел темабаз цIезабизе. Гьелъ лъикIаб хIасилги кьуна ва лъагIел иналде подписчиказул къадар гIагарлъана анцIазаргоялде.
— Кин ялъуни лъил жигаралдалъун бижараб дулъ гьеб киналдего рокьи?
— ВатIаналде бугеб рокьул бицани, захIмалъила кида ва кин гьеб байбихьарабали мухIканго абизе. Гьединго рахьдал мацIалде, маданияталде, тарихалде рокьи лъица бижизабурабали хIисаб гьабидал, гьеб рахъалъги дида ватичIо гьавин абун цIар чIвазе чи. Амма дие тарбия кьеялъулъ кIудияб бакI ккола дир кIиябго рахъалдасан кIудадабазги кIодоэбелазги.
12 сон барав чи вукIана дун, кIудияв инсуе Гелбахъ росдал хIакъалъулъ хъвараб тIехь битIун бачIиндал. Дун цIакъ машгъуллъана гьеб тIохьоде, гьениб бицунеб темаялде ва гьоркьоса къотIичIого кIудадае гьелда тIасан кьолаан суалал. Заманалдасан дир гьеб гъираги рокьиги цохIо росдалги миллаталъулги тарихалда къокълъичIо, гьеб тIибитIана тIолабго Дагъистаналъул тарихалде.
— Кинал тIахьал цIализе рокьулел?
— Японияз абула лъималазе пайдаяб асар гьабизе гIицIго рокъоб библиотека бугони гIолин. Нижер рокъобги гьедин букIана. Дир хъизамалда киназулго букIана тIадегIанаб лъай, гьеб доб заманалда цIакъ къадруяб ишлъун рикIкIунаан. Гьанжеги щибго хисун гьечIо. Гьедин, дир эбелалъул рахъалдаса кIудияй эбел йикIана филолог. Гьелъул рокъор шкафал цIун рукIана тIахьал. Гьединлъидал дица гьелъул рокъоб гIемераб заман балаан ва, щиб гьараниги, кIодоэбелалъ инкарги гьабулароан.
Гьединго инсул рахъалдасан кIудадацаги гьабуна дие кIудияб асар. Гьев вукIана ахихъан (агроном), гьесул ахикь нижеца гIемераб заман тIамулаан цадахъ. ХIалтIи чIалгIунгутIизе цоцазе харбал рицунаан, дица гьесие гIемерал суалал кьолаан гIумруялъул, гъветI-хералъул, дунялалъул хIакъалъулъ. Ниж цоцазда кIалъалаан кочIодалъун, лъида цIикIкIун лъалеб бугебали бихьизе. Гьес дие гIемер бицунаан магIарулазул халкъияб кIалзул гьунаралъул ва адабияталъул харбал. Гьедин дида лъана Камалил Баширил пашманаб къисаги, Расул ХIамзатовасул асаралги ва гIемераб цогидабги. Гьединго гьес дун гьесизавуна рахьдал мацIалъул лъай гъварид гьабизе ва гьеб ишалъулъ щибаб бергьенлъиялъухъ 1000 гъурущги кьолаан. Гьесул букIана магIарул мацIалда хъварал, рахъарал тIахьазул гьитIинабго библиотека. Гьенир рукIана динияб литератураги классиказул мажмугIалги.
— Ахиралдаги щиб гьарилеб магIарулазе ва дагъистаниязе?
— Нилъее киназего Аллагьас тавпикъ кьеги нилъер мацIги, адабиятги, маданиятги цIунизе, тарих лъазабизе, гьеб бокьизе ва, нилъехъе гьеб щвараб гIадин, хадусел наслабазухъеги кьезе. Гьабе «ХIакъикъаталъе» подписка ва цIале гьеб.
Надира ГIамирханова

