Гьал къоязда Дагъистаналде, чвахунцIадаздаса хадуб лъим кIанцIараб Дербент районалъул Мамедхъала росулъе гуманитарияб кумекгун бачIун букIана Мариуполь шагьаралдаса делегация. Дагъистаналде рещтIарал тIабигIиял балагьазул хIакъалъулъ рагIарабго жидедаго хIалкIвараб гуманитарияб кумекги бакIарун рачIана «ГIолохъанаб гвардия» абураб Мариуполь шагьаралда бугеб отделениялъул нухмалъулев Никита Аверкин, Мариуполалда бугеб Санкт-Петербургалъул вакиллъиялъул нухмалъулев Олег Моргун ва шагьаралъул собраниялъул депутал.
Гьелгун цадахъ къварилъи ккаразе бажарараб кумек гьабизе Мамедхъалаялде щвана Хьаргаби районалъул бетIерасул заместитель АсхIабгIали Маликовги. Донбассалдаса гьалбалгун лъикIаб гьудуллъи ва бухьен ккана гьесул хасаб рагъулаб операциялъул заманалда къварилъи ккарал гIадамазе районалдаса гуманитарияб кумекгун хьвадулеб заманалдаго.
Мамедхъалаялде щвейгун гьелгун дандчIвана ДРялъул туризмалъул министр Эмин Мерданов, районалъул бетIер Эльман ГIалахвердиев. «Красный крест» абураб халкъалда гьоркьосеб багъа-бачариялъул штабалде гуманитарияб кумекги щвезабун, Донбассалдаса делегация ана рукъзабахъе лъим кIанцIун зарал ккаразе кумек гьабизе.
Дагъистаналде гуманитарияб кумекгун рачIиналъул хIакъалъулъ Олег Моргуница гьадин бицана: «Централияб телевидениялдаса Дагъистаналда ккараб къварилъиялъул хIакъалъулъ бицунебги рагIун, нижеца хIукму гьабуна лъим кIанцIун, бищунго зарал ккараб районалде, Мамедхъала поселокалде нижехъаго бажарараб кумек гьабизе рачIине. Нижер делегациялда гьоркьор руго: Мариуполь шагьаралъул «ГIолохъанаб гвардиялъул» вакилзаби, шагьаралъул советалъул депутат. 2022-2024 соназда нижее цIакъ захIматал соназда, кумек гьабулаан Дагъистаналъ. 2022 соналдаса байбихьун нижехъе гуманитарияб кумекгун гIемер щвана Дагъистаналдаса делегация АсхIабгIали Маликовасул нухмалъиялда гъоркь. Доб заманалда цIакъ къимат тIокIаб кумеклъун букIана гьеб. Гуманитарияб рахъалъ, бакIал ралелъул, инфраструктура цIигьабулелъул пачалихъияб программаялда рекъон, дагъистанияз цIакъ кумек гьабуна. Шагьар чIунтун букIана. А. Маликовас ва цогидал дагъистанияз бачIунаан гуманитарияб кумек, тIоритIулаан концертал, культуриял тадбирал. Нижедаги ракIалде ккана къоккараб мехалъ нижее квербакъарал дагъистаниязе нижедаги тIадаб бугин хIалкIвараб кумекгун къватIире рахъине. Генераторал, бензопилаби, чIахIияб рищни-къул бакIаризе инструментал ва цогидабги босун къватIире рахъана.
КIудияб баркала буго дагъистаниязе нижее бищунго захIматаб заманалда квербакъаралъухъ. Нижеца гьаниб бихьараб бицана Мариуполалде щварабго. Нижер рахъалдаса гьаб кумек ахирисеб гуро букIине бугеб.
Дун анцIгоялдаса цIикIкIун соналъ хIалтIана батIи-батIиял шагьаразул нухмалъиязда. Украинаялда гIорхъода ругел, тунка-гIусиял кколел бакIал рукIана гьел. Хехаб заманалда къачIазе кколаан нижеца риххарал, чIунтизарурал бакIал, цIигьабизе кколаан магIишат. Гьениб щвараб хIалбихьи нужееги бикьизе бегьулаан нижеца, амма бихьулеб буго гьаниб гIадамазе хIажатаб кумекалъе кинабго жо чIезабун букIин. Бихьулеб буго гьанибе Россиялъулго квербакъи щолеб букIин. Шагьар цIигьабизе кумек гьаби гуребги, хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъулел нужер гIолохъабаз эркен гьарулел руго сверун къарал ракьалги», — ян.

Мариуполь шагьаралдаса битIун бачIараб гуманитарияб кумекалда гьоркьор ругоан «Мариуполалъул лъималаз Дагъистаналъул лъималазе» абун тIад хъварал ящикал. Гьезул хIакъалъулъ бицана «ГIолохъанаб гвардиялъул» вакил Никита Авердиница:
«Гуманитарияб кумек бакIарана нижер шагьаралъул гIадатиял гIадамаз, школазул цIалдохъабаз. Гьаб буго гуманитарияб кумекгун нижер тIоцебесеб сапар. Гьаниб къваригIараб, гIолареб жоги цIехон, хадурги рачIине ракIалда буго. Нижер школазул цIалдохъабаз гIелбащадал дагъистаниязе битIана канцелярия. ГIадатиял гIадамаз гIарацги бакIарун, гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалда тIоцебесеб иргаялда гIадамазе хIажалъулеб къайи битIана», — ян.

АсхIабгIали Маликовас баркала загьир гьабуна гуманитарияб кумекгун рачIарал донбассалъулазе:
«Дагъистаналъул къварилъи рекIелъе босичIев чи хутIун ватиларин улкаялдагоян абизе бегьила. Донбассалъул лъималцин руго Дагъистангун. Исана — Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналда, гьаб къварилъиялъулъ нилъеда бихьана нилъер цолъи ва гъунки. КIудияб баркала буго Дагъистаналъе квербакъулелщиназе», — ян.

ЧвахунцIадаздаса хадуб, Геджух хIорил сангарги тIун, лъекье ккараб Мамедхъалаялъул цо-цо къватIал анкь ун хадусаги жеги хIарулъ къаралго ругоан. Щибаб къотIнор волонтеразул къокъабиги ругоан гьел хIарудаса ва чIахIияб кьищни-къулалдаса рацIцIад гьарулел. Донбассалдаса гьалбадерицаги жидехъаго бажарараб кумек гьабуна минабазда сверухъ бугеб гамачI-хъитI, кьищни-къул цойиде буссинабизе.
Цо-цо минаби саманалъул кирпичалъул гьарурал рукIиналъ, хIарччул гъуниялде сверун ругоан. Гьеб гъуниялде кверги битIун, цо кIодоца нижеда ракIунтун бицунеб букIана: «Гьале, гьаниб букIана дир мина, доб цояб рахъалда букIана васасул мина. Бихьулищ? Гьанже ниж кире инел? КидалъизегIан рукIинел гIагарлъиялъул бакIалда, гIодор бусабиги тIамун?» — ан.
Гьелъие ракIбатулел рагIаби абулел рукIана гьезул къварилъи жидедаги бичIчIулел, тунка-гIусиязул хIасилалда чIунтараб магIишат гьанжего гьанже рукIалиде бачIунел ругел донбассалъулаз…
ПатIимат СултIанмухIамадова

