Дир календаралда хутIана Шапи… (Р. ХIамзатов)

26 апрелалда МахIачхъалаялда, ЛъарагI театралда ракIалде щвезавуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев. (Гьесул гIумруялъул ва творчествоялъул хIакъалъулъ хIужаби нижеца рехсон рукIана газета­лъул 12-абилеб номералдаги).

Дандеруссиналда гIахьаллъана хъвадарухъанасул гьудулзаби, шагIир­за­би, хъвадарухъаби, журналистал, росуцоял, гIагарлъи. Тадбир нухда бачана журналист, фотограф ва режиссер Юлия Майоровалъ. Хъвадарухъанасул хIакъалъулъ гIатIидго бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союза­лъул председатель Марина АхIмадовалъ, «Гьудуллъи» журналалъул бетIерав редактор Мурад АхIмадовас. Шапил лъимерлъиялъул, балугълъиялъул ва гIолиллъиялъул хIакъалъулъ вац МахIачил ва яцалъул ракIалдещвеяз кIудияб асар гьабуна данделъиялъул гIахьалчагIазе.

Тадбиралъул байбихьуда бихьизабуна хъвадарухъанасул творчествоялъул бицунеб фильмги. Ш. Казиевасул рагIабазда кучIдул ахIана Россиялъул мустахIикъав артист ТIагьир Къурачевас ва Дагъистаналъул мустахIикъав артист ТIалхIат Кантуловас ва гьесул гIагарай гIадан, ДГУялъул студентка Амина Къурбановалъ.

Гьединго рихьизаруна ГIурус театралда лъурал Шапил пьесабаздаса бутIабазул видеороликалги.

Тадбиралъул ахиралда данделъиялда гIахьаллъаразе баркала загьир гьабуна Шапи Казиевасул вас МухIамад Казиевас.

Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев вукIана Дагъистан Республикаялъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи. Гьев мустахIикълъана «За заслуги перед Республикой Дагестан» орденалъе, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб КIудияб литературияб премиялъе, «За профессиональное мастерство», «Лучшие перья России» премиязе ва цогидалги тIадегIанал шапакъатазе.

Шамай Хъазанбиева