ЦIоралде «чабхъен»

Исана дица дирго отпуск ЦIоралда тIобитIана. Профсоюзалдса путевка тIалаб гьабичIо, вахун машинаялдегун ЦIоралде хазабуна. Мурад цо букIана – халкъалъул кIалухъ гьедигIан цIакъ рехсолеб, кици-биценалъулъ гIемераб, некIсиял сариназулъ гьарзаяб ЦIор дирго берда бихьизе ва гьелъул гIадамазул къан квер бачине. Щиб ракь ЦIор ва щал гьелъул гIадамалали лъазе.

Орджоникидзе шагьарги нахъа тун, цIар рагIараб Рагъул-гуржи нухги къотIун, нижеца регана Кавказалъул кIудиял мугIрузул сиртал ва кватIичIого Грузиялъул гьайбатаб тахшагьаралде щвана. КIиго-лъабго сордо-къо гьенибги бан, нижерго церегосел гьалбадерица ниж нухарегIана бечедаб гьайбатаб КIахетиялде, Алазаналъул гьарзаял расалъабазде.

Абизе бегьула ЦIоралъулгун нижер тIоцебесеб лъай-хъвай Цинандалиялда бугеб гуржиязул машгьурав поэт, князь Александр Чавчавадзел некIсияб имениялда кканилан. Имениялда чIахIиял гъутIбузул рагIдукь эхетарал бечедал кIалгIабахъ гIуцIун бугоан гIадамал хIайран гьарулеб музей.

Гьеб музеялъул гIелмияй хIалтIу­хъа­налъ регана нижее нилъер мугI­рузул улкаялъулгун гуржиязул ру­­кIарал некIсиял хурхеназулги та­ри­халъулги гIажаибал тIанчал. Чанги гьунар тIокIал ва лебалал гIадамал рещтIарал рукъзал ругоан гьенир. Пушкиница гьоболлъи барал, Грибоедовасул ракI жанибе цIарал Чавчавадзел минабаз гIемераб жоялъе нугIлъи цIунун бугоан.

Имениялъул хважаинасул цIар араб меседил хвалчадул хIакъалъулъ музеялъул хIалтIухъабаз бицен гьабураб мехалъ нижеца гьикъана:

— Бегьиларищ цо гьеб хвалчада бер речIчIизабизе?

Гьимизеги гьимун, цо гIаданалъ нижеда абуна:

— Цо нухалъ чабхъад рачIарал «лекIияз» (магIарулаз) хъамун ун буго гьеб.

«ЛекIиязул» наслуялъул чагIи ругоха нижги, амма нижеда гьеб хвалчен Дагъистаналда бихьичIилан гьабураб нижер махсараялъе гьез ракI-ракIалъулго релъиялдалъун жаваб гьабуна. Цинги рачун къадада бараб цо кIудияб сураталда цере эхетизаруна. Сураталда бихьизабун бугоан, лебалал чуяздаги рекIун, кьолода цере ккун гуржиязул ясалги хъамун, пири гIадин нух босун унел магIарулазул чабхъен.

— Гьале гьадин хъамун ун рукIана Шамилил муридзабаз гьал кIалгIабахъа Чавчавадзелги Орбелианилги хъизамал.

РакIалде рачIана Веденор Шамилил кверщаликь чанго моцI барал гьел мунагь гьечIел асиралги, нахъа имамасул хIакъалъулъ гьез рицарал харбазул тIанчалги. Шамилил муридзабаз гьел асир гьариялъе сабабги букIун буго, цевего АхIулгохIалда аманаталъе гIурусазухъе кьун вукIарав вас Жамалудин, гьезухъ хисунниги нахъе щвелародаян имамасул букIараб хьул. Ккезеги гьедин ккана. Гуржиязул цIар рагIарал княгинаби жидерго рокъоре тIадруссана, Шамилил гIолохъанчи гIурав вас Жамалудинги Петербургги рехун тун магIарухъе вачIана.

Тарихалъ ракIалде щвезарурал пикрабигун, ниж ана Гуржаани абулеб цIолболги чагъиралъулги магIданлъун кколеб, гьитIинабго бугониги, гIажаибго берцинаб шагьаралде. Лъабго тIала ракьулъе бугеб бечедаб чогърол заводалъул цехалда аза-азар литр жанибе гьунел дадазда жанисан ччун бахъун, жакъасеб гьудуллъиялъулги вацлъиялъулги рахъалдасан цо-цо лълъарги борхун, Гуржистаналъулги Дагъистаналъулги мугIрузул тIокIкIарал лъинал гъорлъ росараб, тарихиял лъугьа-бахъиназул абадияб нугI Алазань гIорги къотIун, ракI лъикIал гьалбадерица ниж Къварелиялде тIоритIана.

Къварели бугоан гуржиязул югалъул бакъбаккуда Азербайжаналъулгун гIорхъоде гIагараб цо районалъул центр, гьава-бакъ рекъараб, гьанжесеб къагIидаялда берцинго къачIараб гьитIинабго шагьар.

Гьениб буго Гуржистаналъул кIудияв хъвадарухъан ва жамгIияв хIаракатчи Илья Чавчавадзел рукъ-музей. Цоги нижеда гьениб батана, гIажаибго бечедаб ва учузаб, гьелдаго цадахъ бичулел гIемераб, босулел дагьаб базар. Хадубги, гьенир аскIорго цун мугIруздегIан къараб бакIалда рагIула магIарулазул чанго росаби. Дагъистаналъулгун гIурхъи цояб гьеб районалдаса БежтIе щвезе ккани, цо чуги бащдаб къоги гIолилан бицана нижеда.

Гьале ниж Закаталаян абулеб, магIарулазда жаниб ЧIар абун цIар батараб, нижерго сапаралъул аслияб мурадлъун бугеб районалда.

Закаталаялда цониги вукIинчIо я дун лъалев, я дида лъалев чи. «Лъихъе инев, щивгун кIалъалев, кив рещтIинев?» — абурал суалазги букIана дагьаб рахIатхвезабун. Амма, гьаниве щвараб мехалъ, гьеб ургъалил гъуни цинтIаго тIаса рехун ана. ТIоцеве нижгун дандчIварав Сиражудин абулев гьалмагъ ватана гъорлъ восарав, аваданав ва гьелдаго цадахъ хIалтIуда тIад вигъарав магIарулав – шагьаралдаса гIемер рикIкIад гьечIеб МакIув абулеб чанго росдадасан данде кIутIараб магIарулазул кIудияб колхозалъул председатель. Колхозалде щведал, нижеда сверухъ бакIарана гIисиналги чIахIиялги магIарулазул руккел. Дагъистаналдаса рачIарал нижгун гьикъа-бакъарулел ва гара-чIварулел гьезул рохалиеги разилъиялъеги гIурхъиго гьечIилан кколаан.

Дида цебего рагIун букIана ЦIо­ралъул ракьалда гIемерал ма­гIарулал ругилан. Амма гьезул хIакъалъулъ дир пикру цIакъ мукъсанаб букIун буго. РакIалде кколаан, аслуялдасанго жидер рачIин магIарулаздаса батаниги, гIемераб мехалъ Дагъистаналдаса ратIатIун рукIиналдалъун унго-унголъун ма­гIа­рулазда релълъараб жо гьезулъ дагьго гурони ху­тIун батиларилан.

Дун кутакалда мекъса ккун ва­та­на ва гьедин ватиялдаса гIажибго вохизеги вохана. БитIун бицани, цо хасаб магIнаялда, унго-унгоял магIарулал гъора ругиланцин ккана ракIалде.

Закаталаялда нижеца бана кIиго анкьгIан заман. Нижеда дандчIвана гIемерал батIи-батIиял гIадамал. Ниж щвана гIемерал магIарул росабалъе — ЧIарихъе, Лъебелобаялде, КIатIехире, МецIихире, Даначиялде, Къабахъчеялде ва гь.ц. Нижеда бицана гIицIго Закаталаялъулги Белоканалъулги — кIиябго районалда 45 азариде гIунтIун магIарул халкъ бугилан. Гьеб дагьаб халкъ гуро.

МагIишаталъул рахъалъ ЦIора­лъул магIарулазул иш цIакъ лъикI буго. Гьенир руго бечедал, гучал колхозал. Гьезулги руго гIа­жа­иб­го берцинабги гьайбатабги тIа­би­гIаталъул цIурал ракьал. Алаза­на­лъул цIанбитIараб расалъиги ЧIа­рихъан байбихьун зодихъе эхетарал мугIрулги тIуран рацун руго даимго гIурччинаб гъветI-рохьалъ, ахаз ва пастIабаз. Колхозалъул магIишаталда аслияб бакI кколеб буго ахихъанлъиялъ ва техникиял культурабаз, цо-цо магIишатазда — гIи-боцIухъанлъиялъ. Гьенир руго балагьун бер щоларел цIулакьодул ва миккил рохьал, чайдул ва гIинтIидул тIогьол плантациял, генул ва гIечул ахал, гьединго тушгIиял чIахIиял рехъаби ва ганщазул рехьедал.

Колхозазе бажарун нухмалъи гьабулеб буго тIадегIанаб лъай бугел, гьунар тIокIал магIарул специалистаз.

РукIа-рахъиналъул рахъ босани, ЦIоралъул магIарулазул кIудияб культура ва рацIцIа-ракъалъи буго. ГIадамал жанир чIолел минаби гIемерисел кIитIалаял руго.

Гьездаса 50-гIан метралъ рикIкIад руго бокьал. Киналниги минаби руго ганчIил гьарурал ва тIад щегI ккурал. Жиб-жиб азбаралъуб буго чвахун унеб тIокIкIараб мугIрузул лъим, гьезда сверухъ руго чIахIиял ахил участкаби. ГIемерисезул рокъор руго радиоприемникал, патефонал, телевизорал. Гьел балагьула Москваялъухъ, Бакуялъухъ, Типлисалъухъ ва Ереваналъухъ. Хъизамалги гьезул нилъер гьаниралдаса чIахIиял руго. ГIемерисезул лъимал щугоялдаса дагь гьечIо, гIемер руго микьго-ичIго лъимер бугелги. Дицаго кIварбуссинабураб жо ккола, Шамилил цIар лъурал лъимал рукъ-рукъалъур ратулел рукIин. Гьебги жидерго тарихалде бугеб адаб-хIурматалъул гIаламатлъун тана нижеца. БукIаниги, бищун тамашалъун бихьараб жо ккана 45 азарго магIарулав мугIрул регун гъоркьехун рати. Гьал кин гьанире ккарал? Чияр улкаги гурелъул, квер гIунтIулареб рикIкIалъудаги гьечIелъул, щай нижеда гьазул хIакъалъулъ гьадигIан дагь гурони лъалеб букIинчIеб?

Узухъда, кисаниги рачIун ва хIалица рачун ккарал чагIи гуро гьал гьанире. Гьал руго анкьумумузулъанго жидерго рукIарал ракьазда. ПалхIасил, анкьабилеб гIасруялдаса нахъениги гьалго ракьазда гьал гIадамал рукIиналъе тарихияб гIелмуялъ ишкал тун нугIлъи гьабулеб буго.

Гьединлъидалги батизе ккола, дир рекIее хIаталдаса ун асар гьабураб жо ккана, гьезда жидерго магIарул мацIги магIарул гIадатги цIунизе кIун букIин. ЦIали ва хъвай-хъвагIай гьениб азербайжан мацIалда гурони гьечIо, школалда предмет хIисабалдацин авар мацIги малъулеб гьечIо, рахьдал мацIалда газета, тIехь, радио гьаниб гьечIо, амма рокъобги къватIибги бицунеб жо магIарул мацI буго.

Дунго цIакъ санагIат гьечIого лъугьана, школалде хьвадулел дир лъималаздаса лъикI авар мацI бицунел гIисинал лъимал гьенир ратараб мехалда. Гьобол-гьудул хиралъи ва лъималаз эбел-инсул ва цIикIкIаразул хIурмат гьаби гьениб кьури гьечIеб закон буго аваразул халкъияб творчествоялдехунги музыкаялдехунги гьезул бугеб рокьиялда битIахъе урхъизе бачIуна. МагIарулазул тарихалъул тIанчал, хасго Шамилил ва ХIажимурадил бахIарчиял рагъазда хурхарал къисабигун кучIдул гьезул жив-живасул рокъорги рекIелъги кIудияб къадруялда цIунун руго. Ункъойилъе вахарав ЧIарихъа Ражабица нижее рекIехъ цIаларал некIсиял кучIдуз ниж асир гьаруна ва колхозалъул председатель Ибрагьимил чIужу ХIуриял кIалдисан аваданго чвахун унел халкъиял кочIол бакъназ ниж хIайран гьаруна. Чанго жо ракIалде щвезабуна нижеда кIиябго бер бецав АхIмадица чагъанаялда рачунел гьайбатал бакъназ ва имамасул тарихалъул хIакъалъулъ бицунел Камилил хIасратал харбаз.

Гьеб кинабго бихьараб мехалда, ракIалде ккана гьедигIан жидерго умумузул мацIги, литератураги, тарихги хириял гIадамал жидерго мацIалда школа, хъвай-хъвагIай гьечIого хутIизе гIайиб гурищилан. Гьеб киналдехунго ЦIоралъул магIарулазул бугеб рокьиялъе нугI­лъун чIоларищ гьениб аза-азар гIа­дамаз нилъер «БагIараб байрахъ» га­зетаги, «Гьудуллъи» альманахги, «МагIарулай» журналги, «Советияб Дагъистан» журналги хъван букIин, щибаб къоялъ МахIачхъалаялдаса кьо­лел радиоялъул харбазухъги кучI­дузухъги гIенеккизе гьез жигар ба­хъулеб букIин?

Дица дидаго цадахъ босун бу­кIана магнитофон ва магIарул бищунго лъикIалилан рикIкIунел кучI­дулгун макънал хъварал лентабиги. Нижеца гьеб хIалтIизе биччараб мехалъ, бакI-бакIалдаса, рукъ-рукъалъуса, къватI-къватIалъуса рачIун, магIарулазул кIудиял руккелал гIолаан. Тамашалъи гьечIищ, щиб кочIол гьаракь бахъаниги, гьебсагIат гIадамазул шуш бахъунаан, гьаб Муил буго, гьай Манаша йиго, гьаб цояб Сайгидсалимил буго абун. Гьез гьарулаан, цо Шамилилаб биччай, Хизроевалда ахIизабеян, Сидратил гьечIищан. Гьеб жо жидерго халкъалъул музыкаялде бугеб рокьи гурищха?

Гьеб киналъухъго балагьун пикру гьабидал, гIажаибго хадур гIун­тIизе кIолареб ишлъун бихьула нилъер Дагъистаналдаги, школазул программабазда жаниб рахьдал мацIазеги литературабазеги соналдаса соналде нух къварид гьабулеб бугеб республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул хIалтIи. Росабалъ рахьдал мацI ва литература предмет хIисабалда хутIун батаниги (бицанихъе гьебги киса-кибго бугеб жо рагIуларо), шагьараздайин абуни, лъималазда гьеб малъизе бокьарал эбел-эмен чара къосараб хIалалде кколел руго…

КъваригIелалъ дихъе вачIарав Хунзахъ районалдаса цо мугIалимасда дица итни къоялъ вачIаян абидал, гьес гьикъана, гьеб щиб къо кколебан – вторникищ, понедельникищ абун. ТIокIаб рагIи нилъее щай. Аза-азар соназда жаниб тIубарал халкъазул жанги, ракIги, гIакълуги тIад кьун гIуцIарал ва камиллъарал рахьдал мацIал ккола къимат кьун хIалкIоларебгIан кIудияб хазина ва гьездехун гIамал кIудияб бербалагьи гьабулел чагIазда лъолеб цIарго щиб кколеб?

Закаталаялъул ва Белоканалъул магIарулазул мацI ккола магIарул мацIалъул хасаб диалектлъун. ЦIехараб мехалъ, гьеб диалект гIелмияб рахъалъан цIех-рех гьабун лъазабулел чагIиги дида ратичIо. Гьебги цо тамаша гьабизе ккараб жо буго, нилъер гьаниб мацIазул гIелмабазул вакилзабазул гьарзалъиялъухъ балагьараб мехалъ.

Бугониги, ракI бохизабулеб жолъун буго ахирал соназда ЦIоралъул магIарулазулгун Дагъистаналъул хурхен цIикIкIунеб ва щулалъулеб букIин. Гьенире чанго нухалъ щун руго Авар театралъул коллектив, филармониялъул ва радиоялъул артистал, «БагIараб байрахъалъул» хIалтIухъаби. Дагъистаналдаса гьалбадеридехун гъораса магIарулаз гьабулеб ракI батараб, берцинаб, рохараб балагьиялъ нилъеда тIадаблъун гьабула гьеб хурхен жеги цIикIкIун щула гьабизе. Хасго гьез лъазабуна, жидее бокьун бугила магIарул хъвадарухъаби рихьизе ва гьезухъ гIенеккизеян абун.

Чанги бакIалде щвана ниж гьеб сапаралъ. Кидаго кIочон толареб дандчIвай ккана МецIихиса АсхIаб-ГIумарилгун, ЧIарихъа Ибра­гьимилгун, ТIагьирилгун ва Жа­ма­лудинилгун, Лъебалобаялдаса Си­ражудинилгун, АхIмадилгун ва МахIмудилгун, Белоканалъулги Закаталаялъулги райисполкомазул пред­седательзаби Калаевасулгун ва Ялиевасулгун.

Гьез нухарегIана ниж гьениса унагоги. Нижгун цадахь гьел рилълъана КIахалъулги Нухаялъулги районазул гIорхъода, шагьаралдаса 2-3 километралъул манзилалда хьибилалдехун бугеб хIалбохаяв ХIажимурадил хабаде швезеги. Кин ва циб заманалда хваравали бицун хъвай-хъвагIай гьабураб мармаралъул хъарщиги тIад рекъезабун, цIар рагIарав Шамилил наибасул къаданиб чІвараб зани бугоан умумузул тарихалъул къадру цIунарал гIадамаз чанги зияратал гьарулеб бакIльун.

Гьениб къо-лъикIги гьабун, бихьараб-лъарабщиналъ рекIее гьарурал асараз кодорги росун, нухда рахъарал ниж нахъисеб къоялъ МахIачхъалаялде щвана. ЛьикIаб бакІ буго ЦIоральул ракь. Дагьалги лъикIал руго гIумру кьун рохаял гьелъул гIадамалги. А, магIарулал, цо-цо гьезухъе щвезе. Нужер ракI бухIиларо.

ХIамзатил ХIажияв 1967 с.