ГIезегIан сонал ана ХIамзатил ХIажияв нилъедаса ватIалъаралдаса. Амма гьанжеги цебеса унаро гьесул гьимараб, баракатаб сипатги, кIочон толаро рекIелъе бортулеб дурусаб, цо батIияб гугьаргун бицунеб букIараб магIарул каламги, гIакъилал, жиндихъ гIинтIамурав асир гьавулел камилал пикрабигун насихIаталги. КIудияб даражаялъул инсан ва гIалимчи жив вукIаниги, ХIажиясулъ букIана гIажаибаб гIаданлъиги, инсан хиралъиги, чиясул къимат гьабиги. МагIарулазул аби буго, вижараб бакIалда бараб букIунила инсанасул гIамал-хасиятилан. Гьединлъидал 1926 соналда ЦIадаса ХIамзатил кIудияб хъизамалда гьавурав, гьениб тарбия-лъай щварав, гьитIинго магIарул махIги рухIги жиндилъ бессарав, хадусеб гIумруялда кIуди-кIудиял, хIурматиял ва жавабиял хъулухъаздеги цIараздеги вахарав ХIажияв батIияв чилъун лъугьине рес букIинчIо.
Амма хIурматияб гIелмияб даражаялде вахиналде цеве, гьес нахъа тана халатаб гIумруги гIелмиялгун пачалихъиял хъулухъалги. БатIи-батIиял соназда гьев вукIана СССРалъул ГIелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул Тарихалъул, мацIалъул ва адабияталъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан, «БагIараб байрахъ» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель, МахIачхъалаялъул телевидениялъул директор, Дагъистан АССРалъул Министрабазул Советалда цебе букIараб Радиовещаниялъул ва телевидениялъул комитеталъул председатель, культураялъул министр, СССРалъул ГIелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул Тарихалъул, мацIалъул ва адабияталъул институталъул директор, Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул президиумалъул председатель, Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул директор ва гь.ц.

Живго ХIажияс жиндир гIумруялъул ишлъун кидаго рикIкIунаан Дагъистаналъул халкъазул адабияталъул гIелмияб цIех-рех гьаби. Хасаб кIвар кьолаан гIалимчияс магIарул адабияталде, гьелъул классикияб бутIаялде. Гьесул хIаракаталдалъун, гIелмиял хIалтIабаздалъун Дагъистаналъул адабияб гIелму бахана тIолгороссиялъулаб даражаялде. Гьеб лъугьана Северияб Кавказалъул киналго гIалимзабаз жиндаса мисал босулеб школалъунги.
Баянаб букIахъе, цIакъ гIолохъанго, цудунго лъугьана ХIажияв филологияб гIелмуялде гъорлъе. Ва гьелъие аслияб квербакъилъун лъугьана гьесул гIумруялъул хасал шартIал. ЦIадаса ХIамзатил вас хIисабалда гьесие жеги гьитIинго гьуинлъана, хиралъана рахьдал мацI, бичIчIана къиматги къадруги гIагараб каламалъул. Ва гьеб, гьитIинго чорхолъ бессараб асар, гьесулъ хутIана тIолабго гIумруялъ. Филологияб гIелмуялде тIамурал тIоцересел галаби ХIажиясул рукIана жиндирго инсул, ЦIадаса ХIамзатил асаразул редактор, корректор, таржамачи ва мажмугIал данде гьарурав чи хIисабалда. Гьес хъвалеб буго: «Дун вукIана гьес (инсуца. – А.М.) гьабураб назму тIоцебе гьанжесеб хъвай-хъвагIаялде бачунев, гIурус мацIалде гьелъул магIна буссинабулев, гьеб батIи-батIиял басмаханабазде яги редакциязде нухарегIулев чи. Дица данде гьарун ва баянал кьун риччарал руго 40-абилел соназдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан магIарулги гIурусги мацIазда рахъарал инсул гIемерисел асарал».
Заман анагIан камиллъулеб ва бечелъулеб букIана ХIажиясул таржамаялъул хIалбихьи. Гьелъие нугIлъи гьабула гьес 1950-абилел соназда магIарул мацIалде руссинарурал батIи-батIиял асаразги хIалтIабазги. Гьезда гьоркьор рукIана партиялъулгун пачалихъиял документал, Ленинилгун Сталинил, марксизм-ленинизмалъул классиказул хIалтIаби, гIурус ва къватIисел пачалихъазул хъвадарухъабазул хабариялгун драматургиял асарал. Масала, гьес магIнавияб таржама гьабуна ЦIадаса ХIамзатица магIарул мацIалде руссинарурал А.С. Пушкинил тIасарищарал шигIрабазул. Жинцаго руссинаруна гIурус драматург Б. Лавреневасул «Америкаялъул гьаракь», М. Лермонтавасул «КIиго вац», М. Горькил «ТIиналда» ва «Херав», П.О. Бомаршел «ГIадалаб къо, ялъуни Фигарол ригьин», Лопе де Вегал «Фуэнте Овехуна», А.Н. Островскиясул «Хайирияб бакI» абурал пьесаби ва чехазул хъвадарухъан Ю. Фучикил «Горбода кIичIгун репортаж» абураб ракIалдещвей.
1960-абилел соназдаса байбихьун, ХIажияв загьирлъана рахьдал мацIалда хъвадарулев публицист хIисабалдаги. Гьесул макъалабазги басмаялда рахъарал хIалтIабазги бечед гьабуна нилъер миллияб публицистика. ГIагараб калам камилго, гъваридго лъаялъ, гьелъул киналго ресаздаса пайда босизе бажариялъ, гьеб жиндие рухIгIан хирияб букIиналъ, мацIалъулги, хатIалъулги, хIасилалъулги мантIикъгун магIнаялъулги рахъалъ ХIажияс хъварабщинаб жо ккола, кин жакъа нилъер гIалимзабиги интеллигенцияги рахьдал мацIалда ургъизеги хъвадаризеги кколелали бихьизабулеб мисаллъунги дарслъунги.

1970-абилел соназда ХIажияс гали тIамуна кIудияб филологияб гIелмуялде жанибе. Гьениб тIоцебесеб, кIвар бугеб гIелмияб хIалтIилъун лъугьана «ЦIадаса ХIамзат. Революциялда цебесеб гIумру ва хъвадарухъанлъи (1877–1917)» абураб тIехь. Гьеб букIана авторас жиндир инсул, Дагъистаналъул халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатил гIумруялъулги адабияб хIаракаталъулги цо кIудияб ва бищунго кIвар бугеб бутIаялъул гьабураб гIелмияб цIех-рех. Гьелъул хIакъалъулъ ХIажияс хъвалеб буго гьадин: «Дир тIоцебесеб гIелмияб тIехь ва тIоцебесеб диссертация букIана инсул гIумруялъулги хъвадарухъанлъиялъулги хIакъалъулъ хъвараб. Абизе бегьула гьеб тIехьалъ вачанин дун хIакъикъаталдаги гIелмияб дунялалде ва адабияб лъаялъул агьлуялде гъорлъе», – ян.
Гьеб, тIоцебесеб кIудияб хIалтIудаса хадуб ХIажияв, гIалимчи хIисабалда, тIуванго машгъуллъана тIолгодагъистаналъул адабиял масъалаби гъваридго цIех-рех гьариялда тIаде. Гьесул пикру буссана Дагъистаналъул халкъазул адабиятазул тарихалде, гьезул типологиял ва хасал суалазде, теориялъулгун методологиял масъалабазде, художествияб адабият бижиялъулъ кIалзул гьунаралъ кколеб бакIалде, гIараб ва бакъбаккул культураялъ Дагъистаналъул халкъазул маданияталъе гьабураб асаралде, гIурус адабияталъги культураялъги Дагъистаналъул халкъазул гIумруялъулъ кколеб бакIалде ва гь.ц.
Гьелги гьездаса кIвар бугелги суалаз ккуна гIалимчиясул хадусел хIалтIабазулъ аслияб бакI. Гьел хIалтIабазул цIаралги, сияхIги буго кIудияб. Гьанир гьел киналго рехсон бажариларо, амма аслиял монографиял хIалтIабазул цIарал ракIалдещвезаризе ккелин ккола. Гьале гьел: «Революциялда цебесеб заманалда Дагъистаналда гIемермиллияб адабияб система куцай», «Октябралда цебесеб заманалда Дагъистаналъул халкъазул адабият», «Жакъасеб заман ва художествияб ирс», «Къуркьизаби. Бахин. ЦIилъи», «Дагъистан: тарихиябгун адабияб процесс», «ГIакълудул калейдоскопалда жаниб миллияб художествияб культура», «ЦIилъиялъул дагъистаналъулаб феномен», «Дагъистан: рухIияб ва художествияб ирс».
ХIамзатил ХIажияс жиндир гIелмиял хIалтIабазулъги цIех-рехазулъги мухIканго тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул халкъазул, тIоцебесеб иргаялда магIарулазул рухIияб культураялъул азарсонилаб тарих букIин. Гьелъие батIи-батIиял халкъазул адабияталъ, культураялъ, мацIаз лъалеб асар гьабуниги, гьеб жиндирго ракьалда, Дагъистаналда бижараб ва цебетIураб букIин.
ГIалимчиясул киналго хIалтIаби тIолгодагъистаналъулал масъалабазда тIасан цIех-рех гьабурал ругониги, гьезулъ аслияб, кIвар бугеб бакI ккола магIарул адабияталъулги, культураялъулги, тарихалъулги материалалъ. Гьеб баянаб жоги буго: цогидал миллатазде дандеккун, нилъер маданият гIемерго бечедабги, некIсиябги, гIемергъатабги буго. Гьедин, «Октябралда цебесеб заманалда Дагъистаналъул халкъазул адабият» абураб монографиялда жаниб тIоцебе бихьизабун буго Инхоса ГIали-хIажиясул адабияб гьунаралъул лъай тIибитIизабиялъул рахъ, рагIа-ракьанде щун цIех-рех гьабун буго ХъахIабросулъа МахIмудил романтизмалъул, баян гьабун буго ЦIадаса ХIамзатил реализмалъул хIасилги, куцги, поэтикаги.
ГIемерал соназ гIалимчи хIисабалда ХIажияс цогидал суалазда цадахъ кIвар кьолеб суаллъун букIана методология, ай адабияталъул цIех-рех гьабиялъул гIелмиял къагIидабазул нухазул масъала. Гьелги гьел гурел цогидалги суалал рорхараб хIалтIилъун ккола «ГIакълудул калейдоскопалда жаниб миллияб художествияб культура» абураб тIехь. Гьениб тартибалде бачун, пикру гьабун буго Дагъистаналъул халкъазул гIасрабазулаб, гIемергъатаб художествияб хIалбихьиялъул, гьелдаго гьоркьоб магIарулазулги. ГIалимчияс хъвалеб буго: «Дагъистаналъул халкъазул культураялъул тарихалъулъ ругел мухIканал баяназги асаразги рес кьолеб буго ХVII гIасруялъул ахиралдехун ХVIII гIасруялъул байбихьиялдехун гьаниб эстетикияб пикруялъул хIакъикъат хIисабалда хъвавулаб адабият букIанилан чIезабизе», – ян.
Революциялда цебесеб заманалда магIарулазул миллияб адабияталъул мацI букIинчIилан абураб пикру нахъчIвалаго, гIалимчияс гьадин хъвалеб буго: «Революциялда цебесеб магIарулазул адабияб ирс гIуцIараб буго тIолгохалкъалъулаб мацIалда, жиб киналго лугъатазулги сверелазулги вакилзабазда бичIчIулеб», – ан. Дагъистаналъул культураялъул ва жамгIияб пикруялъул тарихалъул хIакъалъулъ бицунаго, тIохьода рехсон руго Кавказалда гурелги, тIолабго бусурман Бакъбаккуда машгьурал кIудиял магIарул гIалимзабазул цIаралги: Харахьиса ТIайгиб (ХVI), Къудукьа Мусалав (ХVII), ГIободаса ШагIбанкъади (ХVII), МохIоса Дамадан (ХVII), Хунзахъа Дибир-къади (ХVIII), ГIаймакиса Абубакар (ХVIII), Кудалиса ХIасан (ХVIII), ГIурадаса Ибрагьим (ХVIII) ва ц.
Россиялъул филологияб гIелмуялда жаниб кIудияб лъугьа-бахъинлъун ккана ХIажиясул «ЦIилъиялъул дагъистаналъулаб феномен» абураб тIехь. Гьеб хIалтIуе критикаялъ кьуна тIадегIанаб къимат. Масала, гIалимчи Камил Ханмурзаевас: хъвалеб буго: «Руго гIелмиял хIалтIаби, жибго проблема цебе лъеялдалъун, захIматал философиялгун теориялъулал суалал ричIчIизе гIололъун гьел хъваразул жибго хIаракаталдалъун кIваркьеялъеги хIурматалъеги мустахIикъал. Академик ХIамзатил ХIажиясул монография ккола гьединазда гьоркьоса цояб. ЦохIо гьелъул – «ЦIилъиялъул дагъистаналъулаб феномен» абураб цIаралъ хIухьел кквезабула жо лъалев цIалулесул», – ан.
Академик ХIамзатил ХIажиясул адабияб хIаракаталъги, гIелмиял хIалтIабазги, цIех-рехазги, тIахьазги бечед гьабуна магIарул адабияб гIелму ва критика, публицистика, батIи-батIиял адабиял жанрал: проза, поэзия ва драматургия. ГIалимчи хIисабалда гьес кIудияб бутIа лъуна миллияб кIалзул гьунаралъул, лексикографиялъул, лингвистикаялъул ва цогидалъулги цIех-рехал гьариялъулъ.
Исана 5 маялда 100 сон тIубала Россиялъул гIелмияб академиялъул Северияб Кавказалдаса тIоцевесев академик, кIудияв гIалимчи ХIамзатил ХIажияв гьавуралдаса. Гьесул гIумруги гIелмияб ирсги абадиялъ хутIила магIарул халкъалъул тарихада жаниб.
АхIмад МуртазагIалиев

