Пихъ гьарзаяб ахлъун буго дур шигIру

24 апрелалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъул пагьму-гьунаралъул «ШигIрабазул гъасда» абураб цIалдолезулгун дандчIвай. Унго-унгоги гьеб сверана магIарул адабияталъул байрамалде. ШагIиралъул шигIрияб улкаялде гьоболлъи базе рачIун рукIана магIарул шагIирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, цIалдохъаби, учительзаби, шагIиралъул шигIрабаз жидее асар гьабулел магIарулал.

Баян:

Дагъистаналъул халкъияй­ ша­гIир. Дагъистаналъул Пача­ли­хъияб премиялъул лауреат. Залму Батирова мустахIикъ­лъа­на Дагъистан Республикая­лъул би­щунго тIадегIанаб ша­пакъата­лъе — «За заслуги перед Респуб­ли­кой Дагестан».

Гьединго халкъияй шагIи­ралъе щвана «Орден Дружбы народов», «За доблестный труд», И. Бунинил ва А. Пушкинил, Имам Шамилил медалал, «ХъахIал къункъраби» ва «Слово» премиял.

 

Тадбир нухда бачана филологиял гIелмабазул доктор, профессор М. И. МухIамадовас. Гьес гIатIидго бицана З. Батировалъул гьунаралъул нухазул, гьаб ахираб заманалда къватIире риччарал тIахьазул, гьелъие щвараб «Слово» премиялъул хIакъалъулъ. Дагъистаналъул халкъиял шагIирзаби Марина АхIмадова ва Залму Батирова ккола гьеб премия щварал тIоцересел шагIирзаби-дагъистаниял.

М. АхIмадовалъ гIурус мацIалде буссинабун буго З. Батирова­лъул «Баху-бика» трагедия. «ХIа­къикъат» газеталъул коллективалъул рахъалдасан шагIиралда байрам баркана газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасановас. Гьединго гьес бицана Залмул асараз жиндие гьабулеб асаралъул хIакъалъулъги, цIалана гьелъул кечIги.

З. Батировалъул кучIдул цIала­на машгьурав шагIир Шамил Му­хIидиновас, «Дагъистан» басма­ха­­наялъул магIарул мацIазда ри­­­ччалел тIахьазул редактор, прозаик ГIайшат ГIалиевалъ, магIарул ма­даният-адабияталде щулиял галабиги лъолаго, рачIунел ругел, ма­гIарулазда гьоркьор машгьурал гIолохъаби Рамазан Халидовас, Ма­хIмуд МухIамадовас, Шамил Зай­нулгIабидовас, МагIарул театралъул актераз, ИЯЛИялъул фольклоралъул отделалъул хIалтIухъан Рашидат Майиндуровалъ, «МагIарулай» журналалъул редактор Баху Му­хIи­диновалъ, Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи» газеталъул редактор Фатима МухIамадовалъ.

КIалъазе рахъанщиназул цIарал рехсезе гьаб гьитIинабго макъалаялда рес рекъоларо. Киназулго букIана цохIо пикру, Залмул асарал наслабазда кIоченарин, гьекъон къеч хьвалареб гьелъул шигIрабазул иццухъе унеб нухда хер бижизе гьечIин абураб.

Халкъияй шагIиралъе музыка­лияб саламги кьолаго, гьелъул рагIабазда кучIдул ахIана «КочIолаб ЧIарада» хоралъ, М.-ТI. Синдикъовас, ГI. МухIамадмирзоевас, А. ГIумархIажиевас, С. Камиловас, Къ. КIулизановас, ХI. ХIамзаловас, Шамил районалдаса ХIажи АхIмадовас, Хунзахъ районалдаса А. ХIайбулаевалъ ва М. ГъазимухIамадовалъ.

ШагIир ГIалихIажи МухIамадо­вас магIарул щвантIихалда рачарал бакъназ кIудияб асар гьабуна байрамалъул гIахьалчагIазе. Гьединго Залму Батировалъул кучIдул рикIкIана, цIалана, ахIана «ХIакъикъаталъул» тадбиралъул кидагосел гIахьалчагIи, тахшагьаралъул №35 школалъул цIалдохъабаз ва учительзабаз, №18 ва 41 школазул цIалдохъабаз, Хунзахъ районалъул ЦIада росдал ясли-ахалъул лъималаз, ХIариколо росдал гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабаз бихьизабуна «Баху-Бика» трагедиялдаса бутIа.

ХIурматияй Залму Батирова, «ХIа­­къикъат» газеталъул божарай гьудул!

Баркула дуда гьаюраб къо. Дур пагьму-гьунаралъ ракI-ракIалъулаб хъулухъ гьабуна ва гьабулеб буго гIагараб магIарул миллаталъе гуребги, Дагъистаналъул тIолабго хал­къалъе. Гьелъул гIузрабиги ургъе­лал-рохелалги дураллъунгоги ккун, бицунеб буго дуца дурго асаразулъ гьелъул бечедаб тарихалъулги гIажаибго берцинал гIадатал-гIа­малазулги хIакъалъулъ. Жеги чанги нас­лабаз гьоболлъи бала, сапарал рухьина дур хIикматаб шигIрияб улкаялде.

Сахлъи дуе, халкъияй шагIир!

Баркигун ва адабгун «ХIакъикъат» газеталъул коллектив