30 апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукIана магIарул шагIир, публицист, учитель, насихIатчи КIуядаса МухIамад ХIасановасул творчествоялъул бицунеб гъасде.
Авар адабияталъул унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби, Гъуниб районалъул школазул учительзаби, шагIирзаби ва адабият бокьулел шагIирасул росуцоял, районцоял, къаламцоял, пишацоял, хъизан-лъимал, гIага-божарал.
Дандеруссиналда рикIкIана, цIалана М. ХIасановасул асарал. Байрамалъул хIурматиял гьалбадерида гьоркьор рукIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул аваразул секциялъул нухмалъулев ХIамзат ГIизудинов, профессор, филологиял гIелмабазул доктор МухIамад МухIамадов, Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХIамзалав ХIамзалoв, Гъуниб районалъул ЦДОялъул жавабияв хIалтIухъан, Россиялдаго машгьурав гид МуртазагIали МухIамадов, Шамил районалдаса учитель ва шагIир ХIажи АхIмадов, нашидал ахIулев МухIамад ГъазимухIамадов, МухIамад ГIумаров ва цогидал.
Тадбир нухда бачана районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Рамазан ГъазимухIамадовас. Гьес гIатIидго бицана М. ХIасановасул творчествоялъулаб гIумруялъул хIакъалъулъ.
Тадбиралъе гIуцIарухъанлъи гьабуна Гъуниб районалъул централияб библиотекаялъул директор Аминат МуртазагIалиевалъ.
Ахиралда эмен ракIалде щвезавун тIобитIараб тадбиралъул гIуцIарухъабазе ва гIахьаллъарал киназего баркала загьир гьабуна шагIирасул вас, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасановас.
Абула шагIир кколин халкъалъул микрофонилан абун. Амма гьеб микрофоналъул гьаракь, тIоцебесеб иргаялда, букIине ккола гIагараб росдал дандерижилъун. ШагIирасул гьаракь бищун цебе рагIизе ккола гIагарал мугIрузда, гьезул каранда рарал маржаналлъун рукIине ккола гьесул кочIол мухъал. Гьел мухъазги нилъ рачуна вижараб росдал сухъмахъазде. Гьезие сайгъат гьарурал сариналги рагIазе ккола гIаламалда. Гьеб рахъ босани, талихIаб шигIру буго МухIамад ХIасановасул. Гьесул сариназ беэдулеб буго, росдал парахалъиги цIунун, гьелде тIаде балагьун бугеб КьилимегIерги, гьел сариназухъе гIедегIулеб буго борхатаб Гъунибги, гьезухъ сихIкъотIун гIенеккун буго шагIирасул гIумруялъул кинилъун кколеб КIуядаги. ГIагараб росдал годекIанибе цIидасанги сапар бухьунеб буго гьесул сариназ, умумузул гIакъилал гIумруялъул дарсазухъ цоги нухалда гIинтIамизе. ШагIирасул кучIдузул аслияб тема ккола — гьитIинаб ВатIаналде кIудияб рокьи. Гьеб рокьиги ккола шагIир, М. ХIасановасул микрофоналъул ахIилъун. Иргадулаб нухалдаги бегулеб буго гьесул тIехь — Борхатаб Гъунибги, гьениб тIоцебесеб роржен батарал Расулил хъахIал къункърабиги, гIагараб КIуядаги, росуцоялги, районги росуги машгьур гьабурал ракьцоялги — гьединаб буго МухIамадил шигIру. Гьесул шигIрабазул мацIалдалъун гаргадана байрамалъул гIахьалчагIи гьалбадеридаги.

