Новость на родном

Керимовасул кумек камиларо

        Дагьал церегIан къоязда Махlачхъалаялдаги Каспийскиялдаги гьоркьоб бакIалда, Гlиса аварагасул (гl.с.) цIаралда, халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб рухIияб централде щвана ДРялъул бетIер Сергей Меликов, сенатор Сулейман Керимов ва Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаров.   Гьезда дандчIвай гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмадафандица.   Гьез хал-шал гьабуна рухIияб централда ва гьенибго свалат-салам лъеяв МухIамад аварагасул...

Новость на родном

Туристал кин цIунилел?

     Туристазул гIумруялъе хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал чIезариялде кIвар кьолеб буго республикаялда. Хунзахъ росулъ ккараб гIадаб талихIкъосараб иш ккечIого букIиналъул мурадалда гьарулел тадбирал ккола гьел. Дагьав цеве Хунзахъе щун вукIарав ДРялъул премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги бадибчIвай гьабуна бакIалъулаб нухмалъиялъе рукIине кколел шартIал чIезаричIогойиланги абун.   Щибха гьабулеб бугеб тIадехун бицен гьабураб гIадинаб лъугьабахъиналдаса хадуб туристазул гIумру...

Новость на родном

ТIоцевесев президентги шахматалги

           МахIачхъалаялда, Шахматазул рокъоб, байбихьана ДРялъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасул призалъе гIоло санайилго тIобитIулеб шахматал хIаялъул рахъалъ республикаялъулаб чемпионат. Турнир рагьизе ва гIахьалчагIазе битIккей гьаризе рачIарал гьалбадерида гъорлъ рукIана ДРялъул спорталъул министрасул заместителал Зайнал Салаудинов ва ХIайдарбег ХIайдарбегов, ДРялъул шахматазул федерациялъул президент Жакай Жакаев, Олимпиялъул хIаязул чемпион Загъалав ГIабдулбеков, шагьаралъул спорткомитеталъул...

Новость на родном

ЦIиял анищалгун, цIиял къасдалгун

  Гьал къоязда хиса-басиял ккана «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда. Лъабго соналъ газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуразарулев вукIарав ГIумахан ГIумаханов, жиндиего бокьун, сахлъиялда бан хIалтIудаса нахъе ана. Гьесул бакIалде ячIана газеталда гIемерал соназ хIалтIарай, махщел камилай журналист Зульфия ХIажиева.  Гьайгьай, цIиял анищалгун, цIиял къасдалгун тIаделъаниги, магIарул цIалдолезе бокьулеблъун жакъа газета цIунун бажари — гьеб бигьаяб иш гуро....

Новость на родном

Дир чоца, кIиябго накуги сукIун, Сурмияб хIорил лъелъ кIутIби ччун руго

  Кавказ! Балагье мун, дир Дагъистаналъ Огъохъатиниб лъун зодой борхараб,  Дур пикруялъулги чIухIиялъулги  ЧIагояб матIудахъ! Бакъ щолеб буго!    Гьедин хъвана магIарулазул гьунар тIокIав шагIир ГIумархIажи Шахтамановас «ГIандадерил хIор» абураб жиндирго кочIолъ. Гьеле гьеб «чIагояб матIуялъухъе», гIандадерил хIорихъе, «ГIандадерил буртина» абураб фольклорияб фестивалалде ракIарун рукIана 30-31 июлалда гIемерал магIарулалги чачаналги. ГIандадерил ясал, салам нужеде, Нужеца...

Новость на родном

Аргъванигун Данухъ гьалдолеб пикру

     Араб хамиз къоялъ редакциялъул хIалтIухъабаз сапар бухьана Бакълъулазул ракьалде. Редакциялдаса къватIире рахъинчIого, газеталъул гьурмазда кьезе чIагоял макъалабиги, чIагоял пикрабигун къасдалги рачIунаро ботIролъе. ГIадамазда нилъги, нилъеда гIадамаз гьабулеб яшавги бихьизабизе ккола. Миллаталъул матIулъун кколеб, магIарулазул цо гурони гьечIеб миллияб басмаялъул унго-унгоял ва ритIухъал гьудулзаби магIарухъ руго жакъа. Гьебги хIисабалде босун, подпискадул суалги дагьаб роцIцIинабизе...

Новость на родном

Лъалеб гIелму, бокьулеб хIалтIи

       Росдал магIишаталъул рахъалъ Гумбет район тIадегIанал хIасилал рихьизарулел районазул мухъилъ гьечIониги, цIакъго нахъе ккаразда гьоркьобги гьечIо. Районалда буго 10 СПК, 89 КФХ (фермеразулаб магIишат) ва анлъазаргогIанасеб ЛПХ (хъвай-хъвагIай бугеб жал бетIергьанаб магIишат). Гьелъул аслияб бутIалъун рикIкIуна гIияхъанлъи. Районалда буго 188 азарго бетIер гIи-цIцIаназул (аслияб куцалда — КФХязул ва ЛПХязул). СПКязул цебетIей цIикIкIараб...

Новость на родном

Реццги цIарги тIад буссинабизе хьулгун

     1970 соналда Дагъистаналда ракь багъарана. Гьелъул балагьалъукье ккана чанги районал, гьезда гьоркьоб букIана Гумбет районги. Районалъул школазул цIалдохъаби цIализе ритIана батIи-батIиял бакIазда ругел интернатазде. Гьединазда гьоркьов вукIарав Гъалип Гъалипов – районалъул бетIер – ккана Избербашалъул школа-интернаталде.    «1974 соналда цIидасан багъарана ракь ва росабалъе тIад руссун рукIарал нижер гIадамал нахъеги гочине ккана гIатIиракьалде....

Новость на родном

ЧIагояб къадал чIухIарал къисаби

     ЦIидасанги – магIарухъе. Гьаб нухалда — ЦIумада районалъул Гъоркьияб Гьаквари росулъе, МухIамад ГIабдулхабировасухъе гьоболлъухъ. Лъугьунеб рахIатха тIолабго черхалъе, магIарухъе щолелъул. Гьале – гьаб цояб рахъалда мугIрул сухъмахъал. Гьез рачуна магIарулал мугIрузул тIогьазде. Гьаб цояб рахъалдайин абуни, рикIкIадасан найил тIулбузда жал релълъунел, тIабигIаталъ мугIрузул каранда сокIкIарал хIайранал росаби.       ГIумруялъул цIамги гьел, гьелъул...

Новость на родном

Жамалудинил къисматги ва жакъасеб киноги

     Исана маялъул ахиралда республикаялъул кинотеатразда бихьизабураб «Аманат» киноялда хурхун «ХIакъикъат» газеталда рахъарал Зульфия ХIажиевалъул ва Ашахан Юсуповасул макъалаби цIалидал, диеги бокьана дирго пикру загьир гьабизе.    Дица цIалана РАНалда цебе гIуцIараб Бакъбаккул рахъалъул институталъул Кавказалъул отделалъул заведующая ПатIимат ТахIнаевалъ гьелда тIасан хъвараб рецензияги.       Узухъда, кино дидагоги бихьун букIинчIебани, гьел макъалабазда тIасан...