ЦохIо спортсменазда сверухъ гурелъулха дунял сверулеб бугеб

 
 
МахIачхъала шагьаралъул №1 больницаялъул бетIерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, ЧIарада районалъул Кьорош росулъа ХIажимурад Маллаев лъаларев чи къанагIатги ватиларо. 
 
 
 
АрбагI къоялъ нижехъе, ай, 16 ноябралда редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIана ХI. Маллаев. Газеталъул коллективалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, магIарул басмаялъул тарихги цIехезе, нужги рихьизе вачIанин бицана гьес. Нижеда ХIажимурад ватана, тохтурлъиялъул рахъалъ махщалилав гуревги, гIадан хIисабалда кутакалда гIадатиявги, рухIияб 
рахъалъ цеветIуравги инсан.  
 
 
 
— Жакъа дир бищунго рахIат хвезабулеб жо ккола рухIияб рахъалъ нилъ мискинлъун рукIин. ГIолеб гIелалъул гъираго гьечIо жидерго росдал, умумузул тарих лъазабизе. Гьез сундулго пикру гьабулеб гьечIо, — ян байбихьана ХIажимурадица нижергун накъит. — Дун гIемер щола дирго ватIаналде, ЧIарада районалде. ЦIуриса бахъараб, нух-нухазда чIван руго районалдаса рахъарал машгьурал гIадамазул суратал. Амма гьезда гьоркьов цониги гьечIо я хирург, я мугIалим, яги гIалимчи, ялъуни хурухъан. Гьенир руго гIицIал спортсменал. Дица, яхIго гьабизе кIвечIого, абуна районалъул нухмалъулесда, щай цогIаги дица рикIкIарал гIадамазул цонигиясул сурат гьениб гьечIебин абун? ЦохIо спортсменалищха ккарал жакъа гIолилас мисал босизе бегьулел чагIи?
 
 
 
Дун спорталде данде чIарав чи гуро. Киналго гIадин вохула ва чIухIула нилъер речIчIухъабаздаса, боксераздаса. Амма цохIо спортсменазда сверухъ гурелъулха кинабго дунял сверулеб бугеб. Интеллект, роцIараб гIакълу, тIабигIаталъ дуда жаниб лъураб пагьму ва гьунар — гьел цIакъ къимат кIудиял, гIажаибаб къуват жидеда гъорлъ бугел рахъал руго Аллагьас инсанасе кьун. Гьел тIабигIатал гъорлъ ругев чи гьаб ракьалда гIадада хутIуларо, гьесул чи вахъуна. Амма щаялиго гьединав чиясул къимат гьабулеб гьечIо. 
 
 
 
ДандчIваялда нижеца ракIалде щезабуна кIиго соналъ цебе пандемия тIадбан бугеб заманалда гьес нухмалъи гьабулеб больницаялда букIараб хIалуцараб ахIвал-хIалги.
Бицана Маллаевас бетIерав тохтурлъун гьениве тIамулаго жинца разилъи кьолеб букIинчIолъиялъулги.
 
 
 
— Бокьун букIинчIо гьеб захIматаб хIалтIи тIаде босизе. Щайгурелъул лъалеб букIана щиб дирго бетIералде босулеб бугебали. Амма хадуб дица дидаго гьикъана: «Кинаб жаваб 
дица метер Аллагьасда цеве вахъиндал кьезе бугеб, «Мун щай хIинкъарав дудаго тIадаб налъи тIубазе», — ян цIехон хадуб? Гьелъ яхI гъуна, — ян бицана ХIажимурадица.
 
 
 
ХI. Маллаевасул нухмалъиялда гъоркь къокъабго заманалда жаниб цIилъун бачIана больница, гъункана коллектив ва гьенире сах гьаризе ине бокьаразул битIахъе иргаби гIуна. Къокъабго заманалда жаниб гьесда кIвана больница церетIурал технологияздалъун хьезарун, улкаялъул батIи-батIиял регионазда хIалтIулел цо-цоял ахIана гьенире. Масала, жакъа рехсараб больницаялда хIалтIулел руго улкаялдаго машгьурлъи щварал тохтурзаби. Гьединазул цояв ккола Гъуниб районалдаса МухIамад Катибов. Россиялда бищун 
лъикIав урологлъун рикIкIуна гьев.  
 
 
 
Маллаев ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатги кколелъул, политикаялда хурхарал суалалги камичIо. ПалхIасил, гIемераб бакIалде щвана пикру ва киналъулго рагIа-ракьанде щун бицине жакъа бакIги гIеларо. Кин батаниги, «ХIакъикъаталъулгун» бухьен къотIизе теларин абураб щулияб рагIиги кьун гьевги ана, гьесул махщалилги, 
гIуцIарухъанлъиялъе бугеб гьунаралъулги, гIадатлъиялъулги бицунел нижги хутIана.