ГIарцухъ кучIдул хъвазе мукIурлъичIо дун

ГIолилазулъ рухlияб рахъ загlиплъун бугин, искусствоялдеги, литератураялдеги, культураялдеги руссунел дагь ругин гIемер абулеб рагIула. Амма къо бахъанагIан, гIезегIан дандчIвалел руго творчествоялдехун гьетIи бугелги.

 

 Масала, гьединавлъун вуго гIолохъанав шагIир МухIамад Мусаев. Гьев ккола ЦIумада районалдаса, гIуна Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ. ТIолгороссиялъул «Мцыри» абураб гIолохъанал шагIирзабазул литературияб фестивалалда, дагьаб цебегlaн лъабабилеб бакlги босун тIадвуссана МухIамад.

 

КIиго соналъ цебе къватIибе бачIана гьесул «Скупая круговерть» абун гIурус мацIалда хъварал кучIдузул мажмугIги.

 

Снимок экрана 2022 11 20 в 14.15.14

 

Жакъа нижеца кьолеб буго гIолохъанав шагIирасулгун гьабураб гара-чIвари.

 

 

— МухIамад, баркула дуда бергьенлъи! Разиго хутIанищ фестивалалъул хIасилаздаса?

 

— Баркала. Узухъда, дун вохарав вуго Москваялъулгун гьоркьоблъи къо бахъанагIан лъикIлъулеб букIиналдаса (велъулаго). Чанго нухалда гьенир тIоритIарал къецаздаса бергьенлъабигун тIадвуссана дун.
Жибго фестивальги букIана цIакъ интересаб. ТIоцебесеб къоялъ анцIго литературияв критикас нижер асаразул анализ гьабуна, гIолел-гIоларел рахъазул бицана. Гьединлъидал, бергьенлъи боси гуребги, лъаялъул хулжалги цIезаруна нижеца гьенир. 

 

— Кида байбихьараб кучIдул хъвазе?

 

 

— БитIун бицани, хъвадаризеги тIад чIун художествиял тIахьал цIализеги цого заманалда байбихьанин абизе бегьула. Гьеб букIана 17 сон бараб заман. Поэтасе гьеб кватIун бугин рикIкIуна дица. Дица абиларо дие школалда гIурус мацIалъул ва адабияталъул дарсал рокьулаанинги.
Школалда цIалулеб мехалъго хIалбихьана дица тIоцебе кечI хъвазе. Нижее кьун букIана терроризмалъул хIакъалъулъ сочинение хъвазе. Амма кинго дихъа гьеб хъван бачIунеб букIинчIо. Гьеб мехалда пикру ккана гьеб кочIодалъун загьир гьабизе.

ИчIго классги лъугIун Нижний Новгородалде, медколледжалде цIализе лъугьине щведал, гьениб бищун цебе дица балагьана тIахьал ричулеб тукен. ЦIакъ хIасрат букIана тIехь цIализе. Дица босараб цо чанго тIехьалда гьоркьоб букIана Мария Петровых абурай гIурусазул шагIиралъул кучIдузул мажмугI. Гьей гьедигIан машгьурай шагIир гьечIо, амма тIоцере гьелъул кучIдул цIалидал, тIамуна дунги ракIалъ кечI хъвазе. Дир тIоцебесеб кечI букIана философияб магIна бугеб. Гьениб дица гьадинаб суал борхун букIана: «Щай нилъеца цоцазул ракI хвезабичIого гIумру гьабизе бегьулареб», — абураб.

 

 

— МагIарул мацIалда кечI хъвазе хIалбихьанищ?

 

— Цо чанго кечI буго магIарул мацIалда хъварабги. Амма гьел загIипал руго. Дие бокьун букIана байбихьудасанго рифмаялда хъвазе. МацI гъваридго, камилго лъангутIиялъ захIмалъулеб буго магIарул мацIалда кучIдул хъвазе. Рифмаялда хъвазе байбихьидал, цIакъго захIмалъана.
МухIамад АхIмадовасги гIемер абула дида магIарул мацIалда хъвазе хIалбихьеян. ГьабсагIат рагIабазул нахърател бечед гьабиялда тIад хIалтIулев вуго дун. РакIалда буго магIарул мацIалда хъвадаризеги хIалбихьизе.

Гьединго бокьун буго нилъер гьанжесел хъвадарухъабазул асарал гIурус мацIалде руссинаризеги.

 

— ГIурус мацIалда пасихIго хъварал асарал руго дур. Гьедин кучIдул хъвазе гIурус мацI кин дуда лъараб?

 

— Дагъистаналдаги Россиялъул цоги шагьараздаги бицунеб гIурус мацIалъулъ батIалъи буго. Дида гьеб я телевизоралдасан, я фильмабаздасан лъараб жо гуро. Жакъа дида лъалеб, дирго асаразулъ хIалтIизабулеб гIурус мацI буго гIурусазул классиказул асараздасан лъараб мацI. Гьанжесел хъвадарухъабазул асаралги дица гIемер цIалуларо. Гьединлъидал дир кучIдузулъ гIемер дандчIвала жакъа гIадамаз, хасго гIолохъанаб гIелалъ, гIемер хIалтIизаруларел рагIаби.

 

 

— Кинал поэтазул асарал бищунго рокьулел?

 

— Лермонтовасул, Есенинил. Хадур — Маяковский, Блок. Жакъа дие рекIее гIола И. Бродскиясул асарал. Амма цо ккурав поэт вокьулин аби битIун букIинаро. Щивав хъвадарухъанасул руго рокьулел асарал.
МагIарул литератураялдаса рекIее гIола ХъахIабросулъа МахIмудил творчество. ГIицIго магIарул мацIалда хъварал асарал. Гьединго ХIамзатил, Расулил асаралги. Таржамабиги шагIирас хъваралги асарал дандеккведал, узухъда, кIудияб батIалъи буго. Дир пикруялда,
батIияб мацIалде руссинарураб мехалъ, кучIдузул тIагIам хола.

 

— Жакъа гIолилазул литератураялдехун кинаб бербалагьи бугеб, гIолилал-шагIирзабазул церетIеялъе шартIал кинал ругел?

 

— Хъвадарулелги тIахьал цIалулелги гIолилал кидаго дагь рукIуна. ЧIахIияб гIелалъ гIайибги чIвала гьезул гьелдехун интерес гьечIин абун.
Амма, дида ккола, жакъа тIахьал цIалулелги хъвадариялдехун интерес бугелги гIолилал гIезегIан ругин. ТIехь бахъизе санагIалъи гьечIониги, социалиял гьиназдасангIаги жидерго асарал тIиритIизаризе рес буго гьанже. ТIоритIула гIолохъанал шагIирзабазул семинарал, съездал. Масала, риидал дун ун вукIана
З. Прилепиница жиндирго хуторалда тIобитIулеб «Мастерская Прилепина» абулеб данделъиялде. Улкаялдаса гIемерал гIолохъанал хъвадарухъаби рачIун рукIана гьенире. Гьениб бараб чанго къоялда жаниб щивасул асаразул анализги гьабуна, гIемераб цIияб-лъикIабги лъана.
Дирго гIакълучилъун, мугIалимлъун дица рикIкIуна МухIамад АхIмадов. ГIезегIан лъикIал дарсал щвана литературовед Муса Асельдаровичасухъанги.

 

 

— ЛъикIал асарал хъвазе ккани, гIумрудул хIалбихьи къваригIунин толищ дуца?

 

— ГIицIго бечедаб гIумрудул хIалбихьиялъул кумекги гIоларо асарал хъвазе. КъваригIуна лъайги. Хъвадарухъанасда лъазе ккола щиб хъвазе кколебалиги ва кин хъвазе кколебалиги. Гьеб кIиябго гьечIони, асар букIуна щвалде щвечIеб.

 

— Аслияб къагIидаялъ, сундул хIакъалъулъ дуца хъвалеб?

 

— Дир творчествоялда кIудияб бакI ккола рокьул темаялда хъварал кучIдуз. ХIалбихьула цо-цо батIи-батIиял темабаздаги хъвадаризе. Буго «Хасалихълъиялъул макьу» абураб хабарги. Кин бугониги, дие цIикIкIун поэзия гIагараб буго.
Дица асарал гIадамазда лъикIаб-квешаб малъун гуро хъвалел. Дица хъвала хъвачIого чIезе кIвечIеб жоялъул хIакъалъулъ. РекIел ахIиялдалъун.

 

— КучIдул хъваялдалъун бетIербахъи гьабизе бегьулин рикIкIунищ дуца?

 

— Дун хIалтIулев вуго копирайтерлъун. Дица даран-базаралъул гIуцIабазе (гьабсагIаталда — рестораналъе ва заводалъе) текстал хъвала. Дида чангояз гьарулеб букIана гIарцухъ, ай заказалда рекъон, кучIдул хъваларищан. Амма гьелъие мукIурлъизе дида кIвечIо. Дирго рекIелъан биччачIеб жоялъул хIакъалъулъ хъвазе бажаруларо. Кив вугониги, щивгун дандчIваниги, дица абула дун поэт вугилан. Гьеб буго бищунго дир рекIее гIагараб пиша.