«Киналго цадахъ» лъугьун

 
 
«Дагъистан» РИАялда тIоби­тIараб данделъиялда бицана СВОялда гIахьаллъулаго хва­разул гIагарлъиялъе «Киналго цадахъ» абураб гурхIел-­рахI­муялъул фондалъ гьабулеб бугеб кумекалъул хIакъалъулъ. Фонд гIуцIана ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул гIахьал­лъиялдалъун, ва гьелъул учредительги ккола пачалихъ. Фондалъ гьабураб хIалтIул, гьелъие квербакъулел сахаватал гIадамазул ва кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ бицана фондалъул директор Селимхан Мерзихановасги захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министрасул заместитель ГIабдулкерим ГIабдулаевасги. 
 
 
 
«Республикаялъул бетIерасул бихьизабиялда рекъон, тIоцебесеб иргаялда, Фонд гIуцIун букIана СВОялда хварал аскариязул хъизамазе кумек гьа-бизе. Гьанже мобилизациялъ ахIаразул захIматаб хIалалде ккарал хъизамазеги кумек гьабизе рес буго. Гьединго рес буго мобилизациялъ ахIун ва жидеего бокьун СВОялда гIахьаллъизе аразеги социалияб кумек гьабизе. Гьезул хъизамазе цо нухалда 100 000 гъурущ кьола. 16 ноябралде щвезегIан гьеб кумек щвеялъе кьун буго 2600 гIарза, гьезда гьоркьоса 2300 хъизамалъе гIарцулаб кумекги щвана. Гьеб гуребги, СВОялда гIагарав чи хварал хъизамазе социалияб хъулухъги гьабула. 
СВОялда гIахьаллъулаго хваразул эбел-эмен, кумекалъе чи гьечIого хутIун ратани, нижер хIалтIухъабаз рукъалъул хIалтIи гьабунги кумек гьабула гьезие. ЗахIматалъул ва 
социалияб цебетIеялъул министерствоялда буго реабилитациялъулаб хъулухъги. Гьезул лъималазеги квербакъула цIалул идарабазде лъугьунелъул. 
СВОялда гIахьаллъулаго хваразул лъималаз коммерциялъулал гIуцIабазда цIалухъ кьезе кколеб гIарцудаса 10 процент ДРялъул хIукуматалъ кьола», — ян бицана 
ГI. ГIабдулаевас.
 
 
 
Щибаб хъизамалъе кумек гьабизе цо-цо социалияв хIалтIухъанасда тIадкъан буго. Амма цохIо гьелдалъунги лъугIуларо Фондалъул кумек. 
Министерствоялъул хIалтIухъабазул жигаралдалъун, Фондалъе квербакъулел меценаталги цIехола. Масала, Дербент райадминистрациягун цадахъ министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь ругел идарабаз бащдаб лъагIалида жаниб бакIарун буго 500 000 гъурущ.