КватIун рагьарав шагIир

 

Ваче дун, йокьулей, ваче дун, ваче
Гьаб гьерсил дунял тун даим рикIкIаде.
БакIал ургъелазул гъогъол гохIилъа
РухI кIалзухъ букIаго, ваче дун, ваче.
Ваче дун, ваче дун, ваче дун, дуца
Чудказ балкан гIадин тIетIезе тоге,
ТIогьол байдабазде, ГIободе ваче,
Чуре рекIел ругънал рокьул мацI бицун. 
 
 
 
ТIагьир Къурачевас ахIулеб гьаб кечI це­бего къабул гьабун букIана халкъалъ. Амма, дидаго гIадин, гIемеразда лъалеб букIун батиларо «ГIободе ваче» абун йокьулелда гьарулев шагIир щивали.Араб анкьалъул хамиз къоялъ ахIи бачIана МухIамад ГIободияв­ Шамхаловасул тIехьалъул презентациялде рачIине кколин. Щив гьев, ГIободияв ­Шамхалов, щай гьеб МахIачхъалаялда тIобитIичIеб? Каспийски­ялда бугеб тIахьазул тукадаги кинаб пре­зентация букIунеб? Гьединал пикрабигун, Зульфия ХIажиевагун цадахъ ана гьенире. 
Гьеб тадбир букIинцин рагIичIей Баху Му­хIидиноваги цIана цадахъ. Нухда унаго лъа­на Шамхаловасул тIехьалъе редакторлъиги Бахуца гьабун букIин. 
 
 
 
«Алифба» тIахьазул тукадул батIаго би­цине бегьила, гьайбатаб, гIатIидаб бакI батана. Ниж дагьалъ кватIана. МагIарул миллияб хаслъиялда къачIараб санагIатаб бокIоналда парахат гIодов чIун тадбир ба­чунев вугоан филологиял гIелмабазул док­тор АхIмад МуртазагIалиев, гIодорчIаразул мухъилъги халлъана республикаялдаго лъа­лел магIарулал. 
КочIол роценалда чIамучIаб хабар гIуцIу­лелгицин жалго машгьурлъизаричIого чIо­ларо. Щайха магIарулазда гIатIидго лъалев вукIинчIев ГIободаса шагIир Шамхалов? ТIахьални киса гурин, гьесул гIумруялъул баяналцин ратизе захIмат буго Дагъистаналда.ШагIирасул гIагарав чи МахIач Казиевас хIаракат гьабун буго гьеб тIехь бахъиялъеги. Презентациялда гIахьаллъарав Казиевас би­цана МухIамад Шамхаловасул хIакъалъулъ, гьесул гьунаралъе гьудул­гьалмагълъиялъ кьолеб букIараб къиматалъул.
 
 
 
КIалъазе рахъараз бицунелдасаги би­чIчIулеб букIана Шамхалов шагIир ­къер­кьохъан, жиндиего захIматаб, гIемераздаги вичIчIизе бигьаяб гуреб хасияталъул чи вукIараблъи. М. Шамхаловасулгун рукIарал дандчIваял, бахIсал ракIалде щвезаруна гьенир кIалъазе рахъарал академик Шамил ГIалиевас, гIалимчи Гьарадерихъа МухIамад МухIамадовас, росу­ракьцояз, гIа­га­ожараз. МухIамад чIаго вукIаго Дагъи­станалда гьесул тIахьал рахъун рукIаралани, цIакъго лъикI букIинаанин абуна кIалъазе яхъарай Баху МухIидиновалъги. 
МухIамад Шамхаловасул рокьул кучIдузулъ Сергей Есенинил гIадаб эркенлъи бихьулин жиндаян абуна, Шамхаловасулгун рукIарал данчIваязул бицунаго, ТIагьир Къурачевас. Ни­лъерго республикаялда гьев гьанжелъизегIан рагьичIого хутIиялъул ракIбухIиги загьир гьа­буна гьес: «МухIамад чIаго вугеб заманалда гьадинабго цо чанго тадбир тIобитIарабани гьесул гIумру халалъилаанин ккола дида. Доб мехалъ гIободисез, хундерица, дагъистанияз щибго тIалаб­агъаз гьабичIо гьесул тIахьал рахъизеги, гьунар рагIизабизеги». 
 
 
Г
ьенибго, данделъаразул гьариялда рекъон, ТIагьир Къурачевас ахIана шагIирасул машгьураб «Ваче дун, ваче дун» абураб кечIги.«Хехго ана дунялалдаса шагIир МухIамад Шамхалов. Гьев вукIана рахIат бихьичIеб гIумруялъул, гьелдаго цадахъ БетIергьанас бечедаб гьунарги хасаб пагьмуги кьурав рагIул устар. Цо рахъалъ гьединаб гIумруялъе гIайибияв вукIана гьев живгоги, цогияб рахъалъ – гьесда рачIел, гьесухъа мукIур гьарун бажаричIел гIумруялъул шартIалги». Гьадин ахир лъолеб буго тIехьалъе хъва­раб цеберагIиялъе филологиял гIелмабазул доктор А. МуртазагIалиевас. Гьенир лъурал «Балагьаб, рахIат бихьичIеб гIумруялъул» абурал рагIабазги тIамулел руго цIалдолел 
2013 соналъ Аллагьасул къадаралде щварав ГIободаса МухIамад Шамхаловасул шигIрияб дунялалъул балъголъиялде раккизе.
 
 
 
Баян

 

МухIамад Шамхалов гьавуна 1943 соналъ Хунзахъ районалъул ГIобода росулъ. Москваялда, Максим Горькиясул цIаралда бугеб Литературияб институт лъугIизабун хадуб, гIумру

гьабун гьенивго чIана.Араб гIасруялъул 70-80-абилел соназ гIурус мацIалде руссинарурал МухIамад Шамхаловасул кучIдул рахъана советияб заманалъул литературиял газетаздагун журналазда. Гьел асаразул цо-цоял ахIана СССРалъул цIар рагIарал артистал Муслим МухIамаевас, Валентина Толкуновалъ, Ксения Георгиадица, Гия Бешиташвилица, «Верасы» ансамблялъул солистал Ядвига Поплавскаялъ ва Алексадр Тихоновичас.

 

Интернеталда руго 80-абилел соназ Арсений Тарковскияс ва Андрей Вознесенскияс Шамхаловасул гьунаралъе лъикIаб къимат кьурал мухъал ва гIурус мацIалде руссинарурал гьесул цо-цо асарал. (Ободияв Шамхалов, «Орлы взлетают против ветра): книга стихотворений, перевод с аварского. Москва: Современник, 1988).1982 соналъ магIарул мацIалда бахъун букIана гьесул, «Гьороде данде роржуна цIумал» абураб гьитIинабго тIехь.

 

Гьанже къватIибе бачIун буго 760-ялдаса цIикIкIун гьумер бугеб тIехь. ШагIирасул жанисеб дунял, рекIел хIал, хIасрат рагьила цIалдолезе, батIи-батIиял темабазда хъварал гIемерал асарал жанире рачараб тIехьалъ.