«ГьитIинав Бахал лъугьа-бахъинал»

 

Фильмалъе сценарий хъвана ВГИКалъул щуабилеб курсалъул студентка Анна Вейнертица. Нижергун бук1араб гара-чIвариялда гьелъ бицана Дагъистаналде ва гьелъул халкъалде бугеб гIащикъаб рокьиялъ бижизабунин фильм бахъизе пикру.

 WhatsApp Image 2022 11 14 at 17.02.18 – «ГьитӀинав Бахал лъугьа-бахъиналъе» дица сценарий хъвана ВГИКалъул тӀоцебесеб курсалда цӀалулеб заманалдаго. ГьабсагӀаталда дун йиго щуабилеб курсалда ва гьеб сценариялда рекъон бахъараб кино гьанжеялдего бихьизабулеб буго кинотеатразда. ГӀажаиблъи гьечӀищ гьеб? Сценарий хъвалаго дун ургъичӀо, кинаб бакӀалда гьеб бахъизе бугебали. Амма бичӀчӀулеб букӀана гьеб Кавказалда бахъизе букӀин. Кинабго тӀубана продюсерас гьеб цӀалидал. Гьесда бичӀчӀана кино Дагъистаналда бахъизе кколеблъи!

Дун гьелдаса цӀакъ йохана. ГьитӀинаб къоялдаса нахъе киокушинкай абулеб каратэялде хьвадулаан. Дир тренер-мугӀалим вукӀана дагъистанияв — Шарип Мазгаров. Нижеда цадахъ цо залалде, тренировкабазде хьвадулаан гьесул яц, вацазул лъимал — АхӀмад ва Шамил. Москваялде гочарав Эмил Жафаров — цӀар рагӀарав каратэялъул тренер- гьев заманаялъ нижер залалде вачӀана. Дир гьесулгунги лъикӀаб гьоркьоблъи букӀана. Дие бокьулаан дагъистаниязул гӀодоре риччай ва сабураб, бихьинаб гӀамал. Дидехун гьезул букӀараб лъикӀаб бербалагьиги, яцалъул гӀадин гьабулеб тӀалаб-агъазги цIакъ бокьулаан. Тренерасул гьез гьабулеб адабги букӀана гӀажаибго хIурматияб, къиматаб ва берцинаб. Дида гьеб кидаго берцин бихьулаан. Гьез бижизабуна дир рекӀелъги Дагъистаналде рокьи.

Дир сценариялъул героясда цӀар буго Баха. Гьесулъ лъуна дица, дидаго лъачӀого, диего рокьулел (доб залалдаса) васазул гӀамал. Амма бер ва гӀакълу цӀодорал продюсерал — Владимир Малышев ва Федор Поповасда, художник Вячеслав Видановасда, режиссер Александр Габилинида бичӀчӀана дир героясулъ т1олабго Дагъистан букӀин. ТӀоцебе дида Ч1охъ росдал сураталги аслияв герой ГӀамирилги суратал рихьидал бичӀчӀана гьениб цо гӀажаиблъи бук1ин. Щайгурелъул гьеб гьумерги, мугӀрулги рукӀана дир пикрабалъ сценарий хъвалаго.

Унго-унгоги гӀажаиблъи гьечӀищха кино бахъи!

Бищунго гӀажаибаб жо, дун жеги Дагъистаналде щвеч1олъи. Дица дирго фильмалда гьеб ракь кӀодо гьабун хъвалеб бугониги, дида жеги гьеб бихьичӀо. Гьединлъидал ракӀалде ккана Дагъистаналдеги щун, «Дагъистан — чӀужугӀаданалъул бераздалъун» абураб видеоблогги бахъизе. Гьеб бак1алъул гьайбатлъиялъулги гьенир ругел гӀажаибал гӀадамазулги ракьалде щвезе ц1акъ бокьун буго. Гьединго МахӀачхъала ва Дербент бихьизеги бокьилаан. РакӀчӀун абизе кӀола, гьеб бихьилалдего, сценарий хъвалелъул дир рекӀелъ бижараб Дагъистаналъул асар гьение щун хадуб жеги цӀикӀкӀине бугеблъи, гьенир гӀемерал берцинлъабиги ратизе ругин, жеги киноялъе сценариял хъвазе.

Дагъистаналъул халкъалда абизе бокьун буго: «Россиялъул культураялъе нуж руго багьа гьечӀел, гӀадлу-низам бугел, кӀудияздехун адаб-хӀурмат цӀунарал, гӀакълу камилал, Россиялъе гьечӀого гӀолорел хараби ругеб, тӀину гьечӀеб кIкIал кинигин Россиялъе хIажатаб Дагъистан! Нилъеда тӀадаб буго Дагъистаналъул культураялъулги, Кавказалъул лебалал васазулги, намусал ясазулги, гьезул эбел-инсулги г1емер бицине.

РакӀ-ракӀалъго къвалги бан къочула дун нужеда!  

 

 

Анищ буго киноактерлъун вахъине

 

Дагьаб цебегIан Гъуниб районалъул ЧIохъ росулъе рачIун рук1ана Россиялъул халкъияв артист ва режиссер Александр Галибинил кинофильмалда аслияб роль хIарай Авар театралъул хIалтIухъан, республикаялъул мустахIикъай ва халкъияй артистка ХIамзатова Зайнаб. Гьелъул васасул лъимадул роль хIана 8 сон барав, №13 школалъул т1оцебесеб классалъул цIалдохъан ГIамир МухIамадовас.

 

WhatsApp Image 2022 11 14 at 17.02.29

Фильмалъул бицунаго, гьадин абуна З. ХIамзатовалъ:

— Кинофильм бахъизе гьезда кин ракIалде ккарабали лъаларо, режиссералгун, сценаристалгун гIемераб халкъ бачIана МахIачхъалаялде. Жидеего данде кколел актерал ралагьизе байбихьана гьез театразде, школазде хьвадун. Дунги ах1ана гьез Г1урус театралде. Гьенире ахIаразда малъулеб букIана щиб гьабизе кколебали, суалал кьолел рукIана, кинаб бугониги роль хIазе тIамуна. Гьеб киналъухъго халги гьабун, жидеего данде кколел ралагьулел рукIана гьез. ТIаса рищаразулгун къотIи-къайги гьабун бицана кире ине ругелали, чан къо базе бугебали.

Кинофильм бахъизе режиссерасда, сценаристасда ва гьел гурел цогидаздаги данде кколеб бакI батун буго ЧIохъ росу. Гьениб бугеб гьава-бакъги, рукъзалги, кинабго данде ккун буго. Гьеб бахъизеги тIаса бищун буго чIунтараб цо некIсияб рукъ. Дагьабго релъен-хъвайги гьабун, жидеего данде кковухъе къачIа-кIат1анги бугоан гьез гьеб.

Цинги байбихьана… Рогьалъилъ щугоялда рахъине кколаан тIаде. СагIат анлъгоялда рачIунаан кIудиял машинаби «выезд-вниз» абун хъварал. Гьездаги рекIун унаан кино бахъулеб бак1алде.

 

— Баха щивха дуе кколев вукIарав?

— ГьитIинав Баха вукIана дир кIудияв васасул вас, нижер хъизамалда гьоркьов гIолев вугев. Гьесда бихьулеб букIана нижер рокъоб лъугьа-бахъунеб щибаб жо. Дир росги хун, кIиявго васги хутIун вугелъул, цояв Москваялда, цогидав гьанив — кинабго жо гьабизе бажаруларев, хадув гъоларев. Росулъ дагьаб жойищха букIунеб магIишат данде бачине ккани. Цинги гьав Баха, щиб нижеца цоцалъ бицунеб бугониги, гьоркьове жувазе бокьун, кумек гьабизе къваригIун вукIунаан. ЦIакъ гIакъилав, цIодорав, щиб гьабунги гьабизе бокьулев вас вук1ана.

 

— Гьеб фильмалдалъун щиб бихьизабизе бокьун букIараб режиссерасе?

— Дида ккола, гьесие бокьун букIун батилин нилъер рокъоб букIунеб хъизамазул гIолеб-гIолареб рахъ, щиб кколев рукъалъул аслияв бетIер, цоцазулгун гьоркьоблъи бихьизабизе. Мискинал ругониги, цоцаздехун хъизамалъул бугеб адаб, рокьи, эбелалъул гьабулеб хIурмат. Гьеб кинофильмалъухъ балагьаразда бичIчIизе буго кинабго.

Режиссерас абулеб букIана, жив цIакъ хIинкъун вукIанила фильм бетIералде бахъиладайин абун. Амма бажаридал, гьесул букIараб рохелха. Жив кутакалда рази хутIанила ва кIудияб асар гьабунила ракI лъикIал, гIадан хириял, гьобол къабул гьавулел гIадамаздасаян вук1унаан. БетIер гIодобе къулун хIурмат гьабулила жинца гьаб мугIрул халкъалъулин абулаан.

 

 

Баха – МухIамадов ГIамир. Гьавуна ва гIуна МахIачхъала шагьаралда. ЦIалулев вуго №13 школа-гимназиялъул т1оцебесеб классалда. ГIамир вуго шагьаралда гIурав, магIарул миллаталъул вас. Гьесул эмен ккола ЧIарада районалдаса, эбел — Юждагъалдаса лезги миллаталъул гIадан.

ГIамир школалде гуребги хьвадулев вуго театралияб студиялде, лъазабулеб буго гитара хъвазе, футбол х1азе, кьурдизе, гимнастика.

 

 

«Бахал» эбел Миланае суалал:

 

— Милана, ГIамир щай гьез тIаса вищарав ва кин гьезда гьев ватарав кинофильмалда роль хIазе вачине?

— Гьев гьениве ккей бараб буго кастинг-директорасда ва режиссерасда. Анна Вейнертица жиндирго сценарий кьуна гьезухъе. Нилъер республикаялда кастинг гьабидал, гьенив бергьана Г1амир. РукIана гIемерал лъимал. Гьесул кинабго гIамал-хасият, къаркъала данде ккана гьезие, хасго гьесул недегьго гьимулел чIегIерал берал.

Рехсараб фильмалда Бахае бокьулаан чIахIиязулгун гьудуллъи ккун, гьезухъ гIенеккизе, пайдаяб жо лъазабизе. Гьес кутакалда кумек гьабулаан инсуе. Гьесие хасго бокьулаан хIайваназулгун, гIанкIу-х1елекодулгун, кутулгун гьудуллъи кквезе. Гьесул лъикIаб гьудуллъи бук1ана бачилгунги. Гьебгун гаргадулаан гьев.

 

— Фильмалдаго гIадав вугищ Г1амир гIумруялдаги?

— Вуго. ГIамир вуго гIажаибав, гIадамалги рокьулев, гIадамазеги вокьулев, гIамалги берцинав вас. Режиссерасеги ц1акъ вокьана гьев. Гьес абуна камералъеги вокьанин гьевин абун. Гьев нижер берзукь вукIине кколин, нуж васги вачун Москваялде гочайин.

 

— БукIанищ ГIамирие роль хIазе зах1малъиго ва гьесие бищунго захIмалъараб щиб букIараб гьеб фильмалда?

— ГIамирил букIана цIакъ захIматаб роль. Амма захIмалъиялъухъ балагьичIого, режиссерасухъги гIенеккун, гьес малъухъе гьабуна кинабго. Гьесие бищун захIмалъараб жо букIана ахиралда букIараб сцена. Щайгурелъул гьес къад сагIат лъабго тIубаралдаса рогьалил хъахIлъи рехизегIан жиндаго тIадаб хIалтIи гьабизе кколаан. Гьев вукIана чваххун балеб цIадакь хIалтIулев. (ЦIад базабулеб бук1ана ц1а свинабулел машинабазул кумекалдалъун). Гьеб букIана август моцIалъул 31-абилеб къо, росулъ къасимех, цIорораб гьури пулеб сордо. Вас вукIана квачан, цIоролев. Амма гьес гьеб хIехьана. Дун хIинкъун йикIана гьев унтилилан. Аллагьасе рецц, унтичIо.

Баха вугоан гIажаибго рекIелъе вортулев, ракI жубарав, рази-ракияв, жиндирго берцинлъиялде тIаде гIамалги берцинав, кидаго гьимулев вас. Бихьулеб бук1ана ГIамирие роль хIазе бокьулеб букIинги, вагъа-вашаригицин бугоан гьесул унго-унгояв актерасул г1адинаб. Дица гьесиеги кьуна чанго суал.

 

— ГIамир, роль хIазе захIмалъанищ?

— Байбихьудаса цIакъ захIмат букIана, цинги хадуб ругьунлъана.

 

— Мун щай гьез тIаса вищарав гьеб роль хIазе? Дудаго кин кколеб?

— Щайгурелъул гьев вас вукIун дида релълъарав.

 

— Дуе бокьанищха роль хIазе?

— Гьайгьай, бокьана. Дие бокьун буго киноактерлъун вахъине. БатIи-батIиял шагьаразде, пачалихъазде ине.

 

— Разилъанищ дудаса режиссер?

— РакIалде ккола разилъун ратилин абун. Щайгурелъул тIадал масъалаби гьел разияб хIалалда т1уразаридалха дица.

 

— Мун киноялдасан вихьун хадуб щиб гьоркьоблъи букIараб гьудулзабазулгун, цадахъ цIалулезулгун?

— Гьел цин дида божуларого рукIана, мун гурин гъов, цогидав вугин, дуца гьереси бицунеб бугилан абулаан. Хадуб кинабго бич1ч1идал, диргун гьудуллъи жеги цIикIкIана гьезул. Дир лъикIал гьудулзаби руго. Фильмалдаса хадур жеги цIикIкIана гьел.

 

— ТIоцеве мунго дудаго киноялда роль хIалев вихьидал, кин букIараб? Бокьанищ дуе дурго роль?

— Бокьана. Гьеб бихьидал цин дир берал чIахIалъана, дун божулевцин вукIинчIо. Эбелалъ абуна гьадав вас мун вугин. Цинги божана дунги ва цIакъ бокьана гьедин вихьизе.

 

— Дурго анищазул бицани…

— Дир мурад буго киноактерлъун вахъин ва гIемерал пачалихъазде щвей. Гьединго бокьилаан гIемерал чагIазулгун лъай-хъваял гьаризе ва гьудулзабазул къадар цIикIкIине.

 

— Аллагьас нух битIаги, дуе, гьитIинав Баха.