Дагъистан ва Белгород: гIагараб ракь цIуниялъул хIалбихьи

Исана январалдаса байбихьун, Белгород областалда, гьелъул губернатор В. Гладковасул жигаралдалъун, Украинаялъул нацистаздаса гIагараб ракь цIунизе гIуцIулел руго ополчениялъул къокъаби. Жидеего бокьун ватIан цIунизе хIадурал гIолохъаби данделъун, кIвараб хIаракат бахъулеб буго гьез тушбабазул гъарачагIи Украинаялдасан областалдехун рачIин гьукъизе ва гьезие мустахIикъаб жаваб гьабизе. Жакъа гьенир гIахьаллъулел руго ополченцазул 8 батальон.

 

Абизе ккола, цIияб тарихалда Россиялъул ракьалда гьединаб къагIидаялда ватIан цIуниялъул хIалбихьи тIоцебе Дагъистаналда бижанилан. 1999 соналъул августалда
Дагъистаналде тIолгодунялалъулго хъачагъазул къокъа кIанцIараб заманалда кинабго халкъалда ва республикаялъул нухмалъулезда цебечIана ватIан цIуниялъул аслияб
масъала. Гьелдаса нахъе ана 24 сон. Къадалъ чIварал магIал гIадин халкъалъул рекIелъ щулаго хутIун руго рагъулал тIанчал, хваразул гьурмал ва халкъалъул тавакал.
Доб заманалда Россиялъул армиялъул кинаб хIал букIарабали лъаларел байбихьуда рукIарал ратаниги, хадуб киназдаго бичIчIана Ельцинил кадрабаз гьелъул даража
кибе ккезабун букIарабали. Дагъистанги Россияги цIунизе гьезул къуват гIолеб букIинчIо. Киназдаго бичIчIана халкъалъул къуват гьечIого я бакI лъаларел, я рагъизе
гIураб махщел гьечIел рагъухъабазда цебечIараб кIвар цIикIкIараб масъала тIубазе кIвезе гьечIолъи. Дагъистаналъул миллатазул церехъабаз ватIан цIунизе жидер
бугеб гъира загьир гьабуна ополчениялъул къокъаби гIуцIизе кколин абураб пикру нухмалъулезда цебелъеялдалъун. Гьедин нилъер республикаялда гIуцIана ополчениялъул яргъид хьезарурал къокъаби. Дагъистаналъул 38 районалда ва 10 шагьаралда гIуцIарал гьел къокъабаз гъорлъе рачана 26124 чи. Гьез тушманасе нилъер ракьалде жанирегIан рачIине нухал къана ва бахIарчияб къеркьеялде байбихьана. Ополчениялъулаз, яргъилал къуваталгун цадахъ лъугьун, гьабулеб дандечIеялъ террористаз церелъурал, Дагъистан Россиялдаса батIа тIезаби, Россиялда биха-хочи ккезаби ва халифат гIуцIи гIадал масъалаби гIумруялде рахъинчIо. Дол соназ Россиялъул премьерминистрлъун вукIарав В. Путиница гьеб кьеркьеялъе кинаб къимат кьурабали нилъеда киназдаго лъала. Гьес Дагъистаналъул халкъазул бахIарчилъиялъул мисал цогидазеги чанго нухалда загьир гьабуна. Болъихъ, Казбек, Буйнакск, Новолак, ЦIумада районазул ва Буйнакск шагьаралъул ополчениялъул къокъабаз гIахьаллъи гьабуна хIакъикъаталдаги рагъал унел бакIазда. Гьез рухIалда барахщичIого бихьизабураб къеркьеялъул ва бахIарчилъиялъул хIасилалда хъачагъазул мурад, кигIан гьезие къватIисел улкабазул цо чангояз кумек гьабуниги, тIубачIо. ВатIан цIунана, амма гьеб рагъулъ армиялъул солдатазда цадахъ гIумруялдаса ратIалъана 37 ополченец ва 108 щибго гIайиб гьечIел ракълилал гIадамал, лъукъана 720-яв. Гьединго гьеб рагъулъ накълулъана 275 Россиялъул солдат ва офицер, 937-яв лъукъана. Жанисел ишазул идарабазул 53 хIалтIухъанги гIумруялдаса ватIалъана. Террористазулин абуни чIвана 2500 чи. Россиялъул
бахIарзаллъун рахъана ХIажимурад НурахIмаев, Халид Мурачуев, Мутей ГIисаев, Загьид Загьидов, Закир Даудов, МуртазагIали Хъазаналипов, Андрей Орлов. Нилъер
ракьалда гьеб соналъ, гьединго, гIумруялдаса ратIалъана Россиялъул БахIарзал — Магаданалдаса хирург Эдуард Белан, Талды-Курганалдаса медсестра Ирина Янина.
Нилъер эркенлъи цIунулаго, гIумру кьурал гьел киназулго цIарал халкъалда кIочон теларо. Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ 2019 соналда къабул гьабуна Дагъистаналъул ополченцазе «Рагъулал ишазул ветераназул» даража ьчIезабиялъул хIакъалъулъ закон. Август-сентябралда Дагъистаналда ккараб рагъул дарсазул хIисаб гьабуни, тIоцебе цебе бачIуна гIагараб ракь ва ватIан цIунулаго, дагъистанияз бихьизабураб бахIарчилъиги, халкъалъул ополчениеги армиялъул яргъилал къуваталги цадахъ рекъон тушбабазде дандечIей гьабизе бажариги.