ЦIалдолезул гIемерал кагътал рачIуна МахIачхъалаялда бугеб Республикаялъул урологияб централъул тохтурзабазе (РУЦ) баркала кьурал, гьезул жавабчилъиялъул, лъай-махщалил бицун хъварал. Цебеккунги гIемер хъвана нижеца гьеб больницаялда хIалтIулел тохтурзабазулги, нухмалъулезулги, гьенир гьарулел захIматал операциязулги хIакъалъулъ. Цоги нухалда тIадруссаниги, мустахIикъал руго гьел жидер хIакъалъулъ хъвазе. Гьединазул цоявлъун ккола Болъихъ районалъул Гъагъалъ росулъа Гъайирбег Биларовги. Гьев ккола Республикаялъул урологияб централда ...








