Марталъул ахиралда, апрелалъул байбихьуда Дагъистаналда ккараб тIабигIияб къварилъиялъ батIи-батIиял пикраби гьаризе тIамулел руго нилъ. ТIоцебесеб иргаялда, гьел хурхарал руго халкъазул, миллатазул гIаданлъиялъул гьоркьорлъабазда. КигIанго вахIшияб, инсанас инсанасдехун гьабулеб адаб-хIурмат гьечIеб капитализм гIуцIулел ругониги, бихьулеб буго гIадамазул гIаданлъиялъул, къо ккаралъуб кумек гьабизе хIадурал рукIиналъул хасиятал нилъелъа тIуранго хун гьечIолъи. Дунялалдаго ва гьединго Дагъистаналъул халкъазда гьоркьорги кколел...










