ГIатIиракьалда — Афгъаналъул бахIарчиясул цIаралда турнир
Лъабабилеб маялда нижеца сапар бухьана Бабаюрт районалда бугеб Хунзахъ районалъул тIанусдерил хъутаналде. Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго къадаралде щварав, «БагIараб ЦIва» орденалъул кавалер, ГIалиханов Шамилил цIаралда волейболалъул турнир тIобитIана гьениб.
Шамилил хIакъалъулъ нижеца газеталда цебеги чанго нухалда хъван букIана. Къого сон барав гIолохъанчи ккана гьев Афгъаналъул цIа боркьараб рагъул корониве. Ва гьениве щун кIиго моцIцин балелде къадаралдеги щвана. Исана 40 сон тIубала гьев гIумруялдаса ватIалъаралдаса.
Шамил ГIалихановги ракIалде щвезавун, ЦIияб ТIанусиб щибаб соналъ тIоритIула волейболалъул къецал. Ковидалъул заманалдаса нахъе гьоркьоб къотIи ккун, чанго сон ун букIана гьел гьаричIелдаса. Ва гьале, исана хIукму гьабуна гьел цIигьаризе.
Волейболалъул удаманал
ТIанусдерил хъутаналде ниж щвана ихдалил бакъ лъарагIлъиялда тIад тIибитIизе байбихьараб гIужалъ. ТIатIалаго рарал цIадаз лъикIаб регьелги кьун, гIурччинлъун букIана сверухълъи.
Хъутаналда нижеда дандчIвай гьабуна «Знатные люди» СПКялъул нухмалъулев Зиявудин МухIамадовас. Унго-унгояв магIишатчи, гIуцIарухъан, гIи-боцIиги хирияв, гьезие кIвахI тун хъулухъги гьабулев гьесул хIакъалъулъ нижеца газеталда цебеги хъван букIана. Зиявудингун цадахъ щвана гIиял къавудеги. КватIичIого магIарухъе, риидалил мучIдузде сапар бухьиналде, гьенир тIадран къунцIарилел ругоан гIухьби.
ТIанусдерил СПКялъул, гIухьбузулгун гьабураб гара-чIвариялъул ва живго Зиявудинил хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ гIатIидго кьезе буго газеталъул хадусеб номералда. Тадбир байбихьизе заман щолеб бугилан ахIиги бачIун, ниж школалде гIедегIана.
Щуго соналъ цебе бараб, жаниб кинабго хIажатабщинаб къайи-цIа чIезабураб школа буго ЦIияб ТIанусиб. Жакъа гьенив цIалулев вуго 70-гIан цIалдохъан.
Волейболалъул турнир байбихьана, школалъул азбаралда лъун бугеб Шамил ГIалихановасул мемориалияб монументалда цере тIугьдулги лъун. Гьеб хIурматияб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ТIануси росдал администрациялъул нухмалъулев ХIажи ГIабдулхаликъовас, «Знатные люди» СПКялъул нухмалъулев Зиявудин МухIамадовас, Шамилил вац ХIажимурад ГIалихановас ва цогидазги, ай тIанусдерил жамагIаталъул вакилзабаз.
СагIат анцIила цоялдехун киналго ракIарана спортзалалде. Турниралда гIахьаллъи гьабуна: ТIануси-магIарухъ, Хъутан, Гъизилюрт ва МахIачхъалаялда гIумру гьабун ругел гIолохъабаздаса гIуцIараб ункъо командаялъ. ЦохIо росдал ункъо батIияб командаялда гьоркьоб тIобитIараб спортивияб тадбиралде тIоцеве ккана дун гьеб къоялъ ва кIудияб асар гьабуна гьезул хIаялъ.
Турниралда тIоцебесеб бакI ккуна Гъизилюрталдаса тIанусдерил командаялъ. КIиабилеб, лъабабилеб ва ункъабилеб бакIал рикьана: хъутаналъул, магIарухъ росдал ва МахIачхъалаялъул командабаз.
Киназего кьуна къиматал шапакъатал, кубокал ва гIарцул сайгъатал. Тадбиралъул ахиралда киназего баркала кьуна Шамил ГIалихановасул гьитIинав вац ХIажимурадицаги.
ТоргIоялъухъ «рокьи ккарал»
ТIанусдерие волейбол буго, Канадаялъе хоккей, Бразилиялъе футбол гIадин, хирияб спортивияб тайпа. Мисалалъе, жакъа къоялъги бицуна, Бразилиялда щибаб шагьаралъул къватI-къоноялда футбол хIалеб, гьелъул гурони мацI лъалареб кидаго гьелде машгъуллъун букIунеб гIел бугин абун. Гьелъухъего, кини таралдаса нахъе волейболалъухъ рокьи кколин тIанусдерил щибаб лъимералъулин бицуна гьезул чагIаз.
Жакъа тIанусдерил гIолохъаби хIалел руго республикаялъул тIасабищараб командаялда, гьединго Москваялъул спортивияб клубалдаги. 1960-абилел соназдаса нахъего гьез гIахьаллъи гьабичIел къецалги бергьенлъи босичIеб гьитIинабги кIудиябги турнирги хутIичIин абуни, гьереси букIинаро. ГьедигIанги хирияб буго тIанусдерие волейбол. Гьеб цоги нухалда якъинлъана лъабабилеб маялда гьезул хъутаналда букIараб тадбиралдаса хадубги. Гьениб букIана унго-унгояб хIай: гъорлъ жахIда-хIусуд, цоцаздехун ракIхвей гьечIеб, кIиябго командаялдаса кинавго чи цоцазе гьимулев ва иргадулаб хIай лъугIун хадуб бергьаразда къураз гьеб ракI-ракIалъго баркулеб. Гьединаб ракIрагьараб, рекIее лъикIаб асар гьабулеб хIал букIана залалъуб. Гьеб киналдаго хадуб халккун, къеда бараб кIудияб баннералдаса гьезухъ валагьун вукIана, Афгъанистаналъул бухIараб ракьулъ жиндирго гIолохъанлъиги тун, даимлъиялде арав Шамилги.
РакIалдещвеязулъ цIа бакун тарав
Гьеб къоялъ дир лъай-хъвай ккана Шамилгун цадахъ цIалулел рукIарал: кидаго гьединаб лъугьа-рухьиналъулъ гIагараб росдае кумек гьабулев, хъутаналда цIияб школа базеги кIудияб бутIа лъурав ГъазимухIамад МухIамадовасулгун ва гьеб школалъул директор Абулпазлуева ГIайшатилгун. Гьелъул кабинеталда нижеца ракIалде щвезавуна мунагьал чураяв Шамил, гьевгун цадахъ цIалулел рукIарал сонал.
Росулъ школаги лъугIизабун, Шамил цIализе лъугьана Каспийскиялъул ПТУялде. Ва гьенисан, 1985 соналъул октябралда, ахIула армиялде. Анлъго моцIидасан учебкаялдаса хадув витIула Афгъанистаналде. Минометчиказул взводалда цадахъ рагъулаб тIадкъай тIубазабизе арав чи къадаралде щола. Гьединаб ккана Шамилил гIумрудул ахир. Исана декабралда гьев гьавуралдаса тIубала 60 сон. Гьаб ихдал 40 сон тIубала гьев гIумруялдаса ватIалъаралдаса. Амма росуцоязе гьев хутIила 60 сон барав гIолохъанчилъун, ВатIаналъул тIадаб борч тIубазе жиндирго бахIарчилъиялда барахщичIев, умумузул мисалалъе ритIухъав васлъун. Жакъа гьесул цIар лъун буго ХIажимурадил васасда.
МахIачхъалаялдаса нижги рачун, эменгун цадахъ машина бачунев вукIана гьев довеги нахъеги. Жакъа Шамил ккола жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ Россиялъул чемпион. Анлъго сон баралдаса нахъе гьелъие ругьун гьавулев вуго гьев. ЦIар лъурасда релълъарав, гьесулго тIабигIат-гIамал чорхолъ бессарав гIолохъанчи вугин тана дица Шамил.
Гьединаб букIана ЦIияб ТIанусибе гьабураб нижер сапар. РекIее гIуна кинабго. ГIатIиракьалда ругониги, росдал тIабгIги ккурал, гьобол-гьудулги хириял, ракI аваданго дандчIвайги гьабулел чагIи руго хъутаналда гIумру гьабун ругел тIанус. Гьеб гьез загьир гьабуна кинабго рахъалдасан. Гьарзаго букIана гьалбадерие хIадурараб квен-тIехги, аваданаб букIана бицунеб хабарги, цоцазе гьабулеб махсараги. Гьелъ рекIее гьабураб лазатаб асаралда гъоркь къватIире рахъана ниж тIанусдерил хъутаналдаса. Хадуб балагьун тана гIатIидал мучIдузул ва рагIа-ракьан бихьулареб гIатIилъиялъул лъарагIлъи.
Ашахан Юсупов, ЦIияб ТIануси-МахIачхъала
Авторасул суратал

