Анищазул ва кочIол куркьбазда

Араб анкьалда МахIачхъалая­лъул Семендер поселокалда бугеб №58 школалда тIобитIана санайилаб «Анищазул ва кочIол куркьбазда» абураб этнофестиваль. Исана гьеб сайгъат гьабун букIана Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялде. Гьеб къоялъ школалъул азбаралде ва жанахIалъубе, щибаб кабинет-классалде данделъун букIанин гьитIинаб Дагъистанилан абунигицин мекъи букIинаро.

Киса-кирего рукIана мугIрузул улкая­лъул гIамал-хасияталъулги, ма­данията­лъул­ги, адабияталъулги би­цунел къа­дал газеталги выставка­би­ги. Шко­лалъул азбаралъуре лъугьарабго, рагIизе лъугьана Дагъистаналъул халкъазул миллияб музыкаги ахIулел кучIдулги. Гьенибго Дагъистаналъул мустахIикъав артист, палугьан АсхIабгIали ХIасанов хIа­дур­лъулев вугоан жиндирго гIи­синал гьунарчагIигун фестивалалъул гIа­хьал­чагIазда цеве вахъине. Школалъул жанахIалъуб гIуцIун букIана халкъиял махщелазул выставка. Жиндирго цIулал тIагIелалги росун, гьенив гIахьаллъизе вачIун вугоан Унсоколоса машгьурав устар МухIамадгIалиги. Гьенибго бугоан школалъул гIицIго ясаздаса гIу­цIараб музыкалияб ансамбльги. Гьез миллиял музыкалиял алатазда рачунел рукIана Дагъистана­лъул халкъазул бакънал. Гьенибго – кьурди-хъатги. Дандеруссиналда гIа­хьаллъизе рачIаразда гьоркьор рукIана тахшагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Шаганэ Баймурзаева, управлениялъул отделалъул начальник ЗулхIижат ГIабдулжалилова, управлениялъул рахьдал мацIазул куратор МухIамад Манапов, шагьаралъул школазул рахь­дал мацIазул учительзаби, ша­гIир­заби, хъвадарухъаби, журналистал ва Дагъистаналъул миллияб куль­тураялъул адаб гьабулел цогидал дагъистаниялги.

Фестиваль байбихьана гIисинал гьу­нарчагIи-палугьабазул церерахъиналдаса. Хадуб школалъул дан­делъабазул залалда байбихьана фес­тивалалъул аслияб бутIа. Дагъистаналъул миллияб байрамлъун лъугьараб тадбир гьалба­дерида баркана школалъул директор Шамил ГIалиевас ва тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель Муслимат Жамалудиновалъ. Гьез бицана гIун бачIунеб гIелалъе миллиябщиналде рокьи кьеялъул тарбия кинаб даражаялда школалда бугебали. Бихьулеб букIана гьеб тIадегIанаб даражаялда букIинги. Школалъул учительзабазда, цIалдохъабазда, гье­зул эбел-инсуда байрам баркана чан­го соналъ школалъе нухмалъи гьа­бурай Шаганэ Баймурзаевалъ, Зул­хIижат Идрисовалъ. Дандеруссиналда гьединго гIахьаллъана шагьаралъул школазул цIалдохъабиги. Гьез миллиял мацIазда рикIкIана, ахIана кучIдул, рихьизаруна миллиял кьурдаби. Фестивалалъул бищунго тIагIамаб бутIаялъе кIудияб хIадурлъи гьабун бугоан школалъул спортзалалда. Гьениб гIуцIун букIана Дагъистаналъул щибаб миллаталъул хаслъи бихьизабулеб миллияб тепси.

Исана анцIго сон буго гьеб фестиваль тIобитIулеб бугелдаса. Соналдаса соналде цIикIкIунеб буго гIун бачIунеб гIелалъул миллияб тарихалде рокьи. Гьеб буго нилъ рохизе ккараб хIужа. Биччанте №58 школалъул гIадатлъун лъугьараб гьеб этнофестивалалъ данде гьаризе республикаялъулго цIал­дохъаби ва учительзаби. Би­ччан­те анищазул ва кочIол куркьбазда гьелъ дунялго тиризе, Дагъистаналъул халкъазул берцинлъиялъул гIаламалъеги бицунаго.

Шамай Хъазанбиева