Кинабго бараб буго бакIалъулаб нухмалъиялда

Гьал къоязда МахIачхъалаялъул №57 школалда тIобитIана республикаялъул жамгIиял хIаракатчагIазулги лъидаго рачIел СМИязул журналистазулги дандеруссин. Гьелда гIахьаллъана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумаханов, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляева, МахIачхъалаялъул №1 больницаялъул бетIерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ХIажимурад Маллаев, ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министрасул тIоцеесей заместитель Аида ТIалхIатова.

Данделъиялда бицана сахлъи цIуниялдаги лъай кьеялдаги ругел масъалабазул хIакъалъулъ. Аида ТIалхIатова: «Нижеца муниципалитетазул лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулезухъе кагътал ритIана, гIицIго рахьдал мацI хIисабалде босараб цIалул план тIаса бищеян абун. Амма чанги школалъ тIаса бищун буго рахьдал мацIалъе дагьал гурони сагIтал рихьизаричIеб цIалул план, ай инкар гьабун буго рахьдал мацI малъиялдаса. Нижеца гьединал школазул нухмалъулелгун хIалтIи гьабулеб буго».

Сайгидпаша ГIумахановас гьелда гьикъана, школазда Дагъистаналъул тарих малъулеб бугищан. Гьелъ жаваб кьуна Дагъистаналъул тарихги географияги Россиялъул тарихалъулги географиялъулги дарсазда цадахъ малъулин абун. «Географиялъул дарсида 30 минуталъ бицуна улкаялъулго ва 15 минуталъ – регионалъул географиялъул хIакъалъулъ. Гьединго малъула тарихги. Росун руго гьел дарсал кьезе цIалул тIахьалги», — ян жаваб кьуна гьелъ.

Амма гьеб жавабалда разилъичIо С. ГIумаханов: «Федералиял программаби ругинги абун, тIаса бихьизабизе бегьуларо гьеб масъала. Дида кинго бичIчIуларо, щай батIаго букIине бегьулареб гIагараб ракьалъул тарихалъулги географиялъулги дарсал? Кинго разилъуларо дун, анкьида жаниб цо дарсги кьун, рахьдал мацI малъулеб къагIидаялда. Гьеб ахIвалхIал битIизабиялъе хIаракат гьабизе ккела министерствоялъ», — ан абуна гьес.

Школалда цIали гIуцIиялъул иш хIакъикъаталдаги бараб буго муниципалитеталъул ва школалъул нухмалъиялда: гьез тIаса бищула цIалул план ва гьабула хIукму – регионалияб компоненталъе бихьизабураб заман кинаб дарсие кьелебали.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА