Мурад щибдай?

Цодагьабниги пикру гьабулев чиясда бичIчIулеб буго, дол цере рукIарал школалги гьанже ругелги батIи-батIиял бакIал рукIин. Дица школазул минабазулги, гьениб жаниб бугеб ремонталъулги, цIиял партабазулги, интерактивиял доскабазулги гуро бицунеб бугеб. Мурад!? Гьанже ругел школабазул хIалтIул мурад щибдай? Гьанже школалда школайиланцин абулеб гьечIо, гьеб рагIула лъайкьеялъул учреждение.

 

Гьел учреждениязда хIалтIулел учительзаби, жидерго дарсазде хIадуризе ва тIадегIанаб даражаялде дарсал кьезе регIун тун гьечIо, тIаде чваххулеб бугеб кагътил цIадалъ ва рикIкIентун гIемерал тадбираз. Гьеб кагътил къадар дагьлъизабейилан живго Путиница абуниги, щибго хисараб жо гьечIилан абулеб буго учительзабаз. Лъида гьеб бараб бугеб, щив пачалихъалъул тушман гьелда нахъа вугевалиги лъазе кIоларо.

 

Унгоги гьел учреждениязда лъугьа-бахъунебги бичIчIулел, гьелдаги рази гьечIел, гьедин тани гьаб дунял бортун унеб бугеб кIкIалалъул тIинуги бихьулел бищун лъикIал учительзаби, ракI унтун, дару гьечIел унтаби ккун холел руго, яги, хIехьезего кIвечIого, нахъе унел руго. Оц хвани – гьан, гьоко биххани – цIулилан ругел, парахат, малъа-малъарабги гьабун, бакъ аги, къо аги, къоло щуабилеб май хехго щвагийлан руго. Гьеб политикаялъул хIасилалда, соналдаса соналде школазда учительзаби гIоларого ахIиги буго.

 

Дагъистаналда бищунго нилъер ракI унтараб суал – рахьдал мацIазул ахIвал-хIалалъул бицунаго абула, школазе гьел къваригIунищила ругел, директорзабазеги ЕГЭ кьуралдаса нахъе тIокIаб жоялъул ургъел гьечIилан.  Эбел-инсухъ гIенеккани – школалда божунищила ЕГЭ толеб, кьун гIарацгун репетиторал кквечIони, гьеб кьунцин бажаруларилан абула. ЦIех-рех гьабидал бичIчIана, 10-11 классалда ругел цIалдохъаби, гIемерисеб мехалъ школалдецин инчIого, репетиторазухъеги хьвадун, экзаменазде хIадурулел рукIунел руго. Лъай кьезе учительзабиги щолел гьечIони, тарбияги интернеталъ кьолеб бугони, рахьдал мацIги эбел-инсуца малъизе толеб бугони, ОГЭ-ЕГЭги репетиторазухъе хьвадун кьолеб бугони… Щиб гьабулеб бакIха школа-учреждение? Гьелъул мурад щиб?

Баху МухIидинова