МухIамад Рамазанов: «КIиго рахьдал мацI буго нилъер»

Лъималазда магIарул мацIалда кIалъаниги, жаваб гIурусалъ кьолин абун зигара-бакъ букIуна гIемерисел умумузул. Кин батаниги, гIурус мацIалдаса инкар гьабизеги рес гьечIо, магIарул мацI цIуничIогоги гIоларо. Щибха гьабилеб? Гьеб суалалъе жаваб батун буго педагогикиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад Рамазановасда. Гьес тахшагьаралда рагьун буго «Кавсар» абун цIар лъураб лъималазул ах-школа. Гьенир гьитIичал ругьун гьарула магIарул мацIалда кIалъазе, малъула гIараб, ингилис мацIалги. «КIиго рахьдал мацI дандчIвала нилъер гIумруялда. ГIурусги миллиябги гъорлъ жубан буго. МагIарул мацI цIунизе ккани, пикру гьабизе ккола гIурус мацI цадахъ гьечIого гьеб лъималазда батIаго малъизе кинго рес гьечIеблъиялъул. Жакъа гIурус мацI буго гIемер миллатал ругеб шагьаразда гIадамал цоцазда ричIчIизеги цогидал рукIа-рахъиналъул суалазулъги хIажалъулеб мацI», — ан бицана МухIамадица.

Гьесда магIарул мацI малъун буго украинайлъун кколей эбелалъ. Елена Васильевнаялда талихI батана Дагъистаналда, Шамил районалъул Хьиндахъ росулъ. Гьелъ, дарсал кьун, цIалдохъабазул чанго гIелги куцана. «Дагъистаналда батана дида талихI» абураб 1999 соналда бахъараб документалияб фильмги Елена Васильевнаялъул ва гьелъул хъизамалъул хIакъалъулъ буго. «Кавсар» лъималазул ахги МухIамадил эбел-эмен Багьавудин ва Елена Рамазановазул цIаралда буго. Еленаца ислам босана Багьавудиние индал. Гьей КъахIиб районалъул комсомолалъул обкомалда лъабабилей секретарьлъун хIалтIизе йитIун ячIун йикIана доб заманалда. Багьавудин рагъде индал, гьей тIамуна учительлъун хIалтIизе.

 

ГIемерал мацIазда кIалъай захIматаб иш гуро

ЦIакъ захIматаб жо буго гIурус мацIалъул кумекалдалъун магIарул мацI лъазабизе. Гьедин малъана нижедаги эбелалъ магIарул мацI. Гьебги жиндирго цIалдохъабаздаса ва тIахьаздаса лъараб букIана гьелда. Эмен регIулароан нижеда магIарул мацI малъизе. Гьанжесеб гIелалъул лъималазда гьеб къагIидаялъ малъун гурони батIияб рес гьечIо магIарул мацI лъазеги. «Россиялъул халкъал» абураб ТIолгороссиялъул форумалда гIахьаллъулев вукIана дун. Гьеб форумалда киназего гIаммаб ургъел батана — миллиял мацIал тIагIунел рукIин. Щиб гьабизе кколеб мацIал цIунизеян абураб суал борхун букIана гьениб. ГIурус мацI киназего рахьдал мацIлъун лъугьунеб буго, щайгурелъул эбелалъул ургьибго лъимада рагIулеб бугелъул гьеб. Дица дидаго цебе масъала лъуна гьанже щивасул гIумруялъулъ гIурус мацI щулалъараб мехалда, гьелдаса рорчIизе бакIги гьечIелъул, бачIунеб гIелалда кIиябго мацI малъизе кколин абун. Гьедин ракIалде ккана магIарул мацI малъулеб лъималазул ах рагьизеги. Гьеб ккола рахьдал мацI цIуниялъе гIуцIараб гIелмиябгун педагогикияб эксперимент. ГIелмияб рахъалъги халгьабуна дица гьелъул. Инсанасухъа бажарула лъабго-ункъо мацIалда эркенго кIалъазе. Лъимер кибе щваниги, гьелъ бокьараб миллаталъул мацI босула», — ян бицана М. Рамазановас.

 

Кавсар – алжаналъул лъар

ГIараб мацIалдаса буссинабуни «Кавсар» рагIул магIна ккола Алжаналъул лъарин абураб. МухIамад Рамазановас «Кавсаралда» лъималазе рухIияб тарбия кьеялде цIикIкIун кIвар кьола. Гьениб гьитIичазе гIуцIун руго цIакъ лъикIал шартIал. ГьитIичазги хIаракат бахъулеб буго магIарул хIарпал битIун рахъизе. Бихьулеб букIана дарсида малъун гурони, гьел рокъор магIарул мацIалда кIалъалареблъи. МугIалималъ магIарул мацIалда кьурал суалазе жаваб кьезе бажарулеб бугоан гьитIичазухъа. «Кавсаралъул» нухмалъулей Барият Рамазановалъ бихьизабуна нижеда гьитIичазе дарсал кьолеб къагIида. Щибаб дарсил план буго гIурус ва магIарул мацIазда. Цин магIарул мацIалда бицун, цинги гIурусалде таржама гьабун малъулеб буго мацI. Байбихьул классазул лъималги хьвадула гьенире магIарул мацI лъазабизе. ГIемерисеб мехалда кIодоэбелалъ яги кIудадаца щвезарулин лъимал «Кавсаралдеян» бицана Бариятица.

«Руго жидедаго магIарул мацI лъаларел, амма лъималазда гьеб лъазабизе бокьарал эбел-эмен. Гьединал хъизамаздаса лъималазда рахьдал мацI малъулелъул, гIурусги магIарулги мацIал цадахъ хIалтIизаризе ккола. ТIабигIат лъазабиялъул дарсидацин щибаб рагIи цин магIарул мацIалда малъула, хадуб гьеб гIурус мацIалда кин абулебали бицуна.

Лъималазул ах рагьаралдаса лъагIелги бащдаб ана. Нижеца хIалбихьана цадахъ хIалтIулел гIадамазул лъималазда магIарул мацI малъизе. Шагьаралда гIумру гьабун ругезе цIакъ захIмалъула лъималазда мацI малъизе. Хасго гьезул хъизам батIи-батIиял миллатазулаблъун бугони. Масала, дир бетIергьанчи ккола магIарулав, амма гьесул диалект батIияб буго. Гьев ккола ЧIарадаса, дун Шамил районалдаса. Гьединлъидал нижер лъималазда лъалароан магIарул мацI. Сверухъ ругел гьеб мацIалда кIалъалел гьечIони, лъималаздаги ракIалда чIолеб гьечIо. Байбихьуда, лъимал ругьунлъизегIан, лъабго моцIалъ ниж кIалъалаан гIурус мацIалда. Хадуб байбихьана гIурус мацIалда абурал рагIаби, гьеб бакIалдаго магIарул мацIалде руссинаризе. Гьанжеяйин абуни лъималазда магIарул мацIалъ нилъеца бицунеб жо бичIчIулеб буго, амма кIалъазе бокьулеб гьечIо. Кьурал суалазе жавабал кьола, амма жидедаго гьоркьоб бицине нечола. ЗахIмалъулел руго магIарул хIарпал рахъизеги. Гьединлъидал лъимал гIурус мацIалда кIалъазе лъугьани, нижеца гIурус мацI бичIчIулареб ххвел гьабула. Жидее къваригIараб жо щвезе бокьани, магIарул мацIалда кIалъачIого рес щибха гьезул. Гьедин ругьун гьарула мацI бицине. «Кавсаралъул» хIалтIухъаби цоцазда магIарул мацIалда гурони кIалъаларо. Гьелъги рес кьола лъимал магIарул каламалде ругьун гьаризе».

 

Профессорасул педагогикиял хIалбихьиял

МухIамад Рамазанов: «Цо-цо гIолохъанал улбузе ургъел гьечIо лъималазул тарбиялъулги лъаялъулги. Гьез цIехола вахта бугищ, лъимал нахъе кида рачине кколелин абун. МагIарулазе рахьдал мацI къваригIун батани, гьеб гьитIинго малъизе ккола. Дида Болгариялда бихьана цIалул тIахьазда цояб рахъалда гIурус, цогидаб рахъалда рахьдал мацIалда хъван. Гьединабго къагIида хIалтIизабулеб буго нижецаги». МухIамад Рамазановас гIуцIана ва гIумруялде бахъинабуна социалиябгун педагогикияб кIваралъул чанго проект. Гьеб ккола дунявиябгун динияб лъай кьолеб «Земфира» школа, «Амина» абураб лъималазул журнал ва «Педагогикияб квербакъи» абураб телепередача. Гьале гьанже «Кавсар» — кIиго рахьдал мацIалъул лъималазул ахги рагьана гьес. Гьел проектазул аслияб мурадлъунги ккола бачIунеб гIелалъул рухIияб рахъ цебетIезаби. «Земфира» школалъул директор, «Кавсар» лъималазул ах гIуцIарав, социалияб ва юридикияб факультеталъул хIалтIухъан МухIамад Багьавудиновичасул хIакъалъулъ «ХIакъикъат» газеталда чанго соналъ цебеги хъван букIана. 80 сонил ригьалде ваханиги цIакъ роцIцIараб гIакълуялъул, бокьараб ишалъе жигар бугев магIарулас бачIунеб гIелалъе гIуцIулеб бугеб рухIияб бечелъиялдаса мисал босизе бегьила нилъецаги.

ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА