КIалбиччанкъоялъ ятарай ункъачо

Щибаб къоялъ, радал яхъанщинахъе, яккулаан Фатима шифоньералъуе – гьениб бан букIана КIалбиччанкъоялъ ретIине бугеб хъахIаб гурде, аскIобго — тиризе унелъул, босизе бугеб хъахIаб кье- ралъул, бантиказ угьараб, накъищаз къачIараб сумкаги.

Зама-заманалдасан тIад кверги бахъулаан гьелъ гурдеялда. КIалал кквезеги цIакъайха йикIарай щуго сон барай Фатима. Цо къоялъ гьелъ дахIабабада гьикъана КIалбиччанкъо щвезе чан къо хутIун бугебилан.

— АнцIго къоха, дир месед, -илан жаваб кьуна Салиматица. Ургъалилъе ккарай гIадин лъу-гьана Фатима. Нахъисеб къоялъ бакъанида, Салиматида аскIоегиячIун, гьелъ абуна:

— ДахIабаба, дица жакъа ккуна щуго кIал. Цо къоялдаса гурищха гьанже дун тиризе ине кколей? — илан.

Гьедин, къоял инаризе кIо ларого йикIана Фатима, хъахIаб гурде ретIине къваригIун. Гьединабго гурде гьелъ дахIабабада букъизабун букIана жиндирго гьудул Саратие. Ясли-ахалда бищунго гIедералгиха гьел рукIарал. Гьенир малъарал кьурдаби, рокъое щварайго, Фатимаца дахIабабадаги малъулаан.

Салиматги сверизе кколаан Фатимада цадахъ, кьурди гьабулаго. КIалбиччанкъоялъ ретIине ругел гурдазда «сверулел» гурдалилан цIар лъун букIана ясаз. Гьале тIаде щвана, ретIун хъахIал гурдалгун, ясал тиризе унеб къо. ХъахIал гурдалги, гьездаго рекъарал шалалги, хъахIал сумкабиги, хъахIал мачуялги, бантикалги ругел хъахIал носкабиги – жибго бакъуцагицин салам кьолеб букIана кIиго хъахIмиккиялъе. НакIкIалцин хIинкъана гьеб къоялъ бакъуде аскIоре къазе, нагагь бакъул чIоралги тIагIун, ясазул талихI тIуркIилилан. РогьинегIан макьуги кибха гьезда щолеб. Нух битIаги, бабал тIанчIийилан, нухарегIана Саратил эбел Аминатица ясал. Данде ккаразе жидерго гурдазул «балъголъиги» рагьулаан гьез – балагье цо нижер гурдал «сверулел» куцилан, цоцазул квералги ккун, кьурдулаан ясал.

Заманалдаса зобгIан хъахIилал, цIолбол гаралгIан гургинал Фатимал беразде пашманлъи рехана – гьелъул рахIат хвезабулеб букIана Саратил сумка цIолеб букIиналъ. Гьелъ хIикмалъи гьабулаан щай киназго гьудулалъелъикIа-лъикIал сайгъатал кьолел, жиндие конфеталги, вафлабиги кьолел ругелали. Сарат Фатимада дагьай гIамал кIодогоцин кIалъазе лъугьана. Жийго гьитIинай йигониги, Фатимал ботIролъе чIахIиял пикраби рачIунел рукIана:

— Дица дахIабабада Саратиеги букъизабуна диралдаго релълъараб гурде, росизаруна диего гIадал шалги, сумкаги, носкабиги. Цинги щайха ай елъанхъизе кколей дир чIобогояб сумкаялда? – ян ракIалде кколеб букIана гьелда.

Гурдазул «кьурдиги» тIокIалъ лъиениги бихьизабичIо Фатима-ца, кверги кквечIо гьелъ Саратил.

— Вай, дуе щвараб берцинаб ясикIо. Диеги бокьун буго гьадинаб, — илан жиндие ункъачоца кьураб ясикIо Фатимаца кодобе босидал, хапун гьелъул кодоса гьеб бахъана Саратица, дурго ункъачода кьезабейиланги абун.

ЦIакъго рекIее гIураб къагIидаха Фатимае ясикIо – жиндирго гIадал бералги, кIур-кIургIарал ра-салги, хъахIаб гьурдеги, хъахIал туфлабиги.

Рек-рекизарун кIутIбигун, гIодилаго, рокъое ана Фатима. ЦIураб сумкаги баччун, Саратги ана рокъое.

Азбаралъуе лъугьунаго, дахIабабада берчIвайдал, Фатимаца гIекI-гIекIиялда гIодилаго, гьикъана жиндир щай ункъачо гьечIейилан, ва, гIодун яхъиндал, бицана жиндиргоги Саратилги ккараб.

Жиндирго квенчIелалда кьижун ккарай ясалъул ясалъул лахIчегIераб рас лъухьулей йикIана Салимат.

КIалбиччанкъоялъ кидаго ракIбакъвалаан Салиматил. Гьеб къоялъ юкъана Салиматица жиндирго яс, Фатимал эбел Жапарат.  КIалбиччанкъоялъ щвана гьалъухъе рос кьурулъе вортун вугин абураб ругьелги. Амма йохизе гIиллаги букIана гьалъул — КIалбиччанкъоялда хурхараб– гьеб къоялъ гьаюна дахIабабал Фатима. Фатимаца кIоченабуна гьелда къварилъи-пашманлъи.

ГIодой кIусахъе гъапуллъун ккарай Салимат йорчIизаюна, рокъор ругелищ гIадамалилан ахIделаго ячIуней Аминатил гьаркьица. Цадахъ Саратги йикIана гьелда. Кодоб ккун Фатимал рокьи ккараб доб ясикIоги букIана.

ЯсикIоялъул горбода бан букIана Аминат–ункъачоца Фатимае КIалбиччанкъо баркун кьураб меседил рахас. ЯсикIоялда берчIварабго, жеги макьидаса тIуянго йигьинчIей Фатимал берал кенчIана, аммагьей ясикIоялде аскIое къазе хIинкъана, нагагь гьанжеги Саратица кьечIонийилан. Амма Сарат жийго ячIана Фатимаде аскIое ва, гьелъул кIаркьадаги баун, ясикIо гьудулалъухъе кьуна. Аминатицаги, ясикIоялъул горбодасаги бахъун, рахас Фатимал горбода бана. Рахасалда цадахъго кулонги букIана. Гьелда, рикIизеги рикIун, рахъун рукIана Фатималги Саратилги суратал.

Гьединаб берцинаб сайгъат хIадурун батана Аминатица ясалъул гьудулалъе. Гьеб Саратидацин лъалароан. Гьединабго рахас букIана Саратил горбодаги. Ва къалъудаса хадурги, ретIун хъахIал гордалгун, Фатимаги Саратги щвараб бакIалдасан тиризе ана. Гьаб нухалда Фатимае ургъел букIинчIо, Саратие лъица щиб кьуниги. Гьелдаги ята на дунялалдаго бищунго лъикIай Аминат ункъачо. Амма КIалбиччанкъоялъ кьураб сайгъаталда лъугIичIо Аминатил лъикIлъи.

Ахираб заманалда унтун йикIарай Салиматида хадуб хъулухъ гьабизе чиги вукIинчIо. Аминатицаги гьелъул рос АхIмадицаги жидерго доре рачана дахIабабаги Фатимаги. Саратицаги дахIабабайилан абулаан Салиматида. Цадахъ школалдеги уна ан ясал, дахIабабае кумекги кIиязго цадахъ гьабулаан…

КIалбиччанкъоялъ ятарай ункъачоца жиндаго аскIоса киениги йиччаларин къотIи гьабуна дахIабабаги хун хутIарай Фатимае.

 

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА