Жакъаги чIаго буго гьудуллъи-вацлъи

Умумузул букIараб гIадат-гIамал цIунизе ккеялъул гIемер бицунелъул, ракIалде щвана БежтIа росулъа лъабго хъизамалъул тарих.

 

Дир эбел ГIайшатил гьудул йикIана Анжоева Аминат. Нижер тухум-кьибилалъул хIакъикъат лъаларел росуцояз абулаан, Аминат дир эбелалъул яц ятилин абун – гьедигIанги цоцалъ журан рукIунаан гьел.

Аминатил бетIергьанчи Рамазаница тIоцее лъадилъун ячун йикIун йиго Жаннат. Цо ясги гьаюн (Райгьанат), гьел ратIалъун руго. Ва Жаннат лъадилъун ячун йиго дир имгIалас – Хизриев МухIамадхIажица. Нижерги Анжоевазулги хъизамал цоцада рухьинарураб «синулъун» лъугьана гьеб эбелалъул вацасул хъизам. Лъабабго хъизамалда букIана микь-микь лъимерги. Аминатилги дир эбелалъулги гьудуллъи киданиги биххичIо. ЛъикIаб гьоркьоблъи букIана Аминатилги Жаннатилги. Цоцазул ракIхвараб ишго ккечIо гьезда гьоркьоб. Гьанжеян абуни, нагагь ригьин биххани, тухумазулго гьоркьоблъи хола.

Райгьанатица эбелилан абулаан Аминатидаги Жаннатидаги. Гьей йикIунаан кIияйго эбелалда аскIой. КIиябго рокъоб гьелда батулаан гьуинлъи-хинлъи: яцлъун къабул гьаюна гьей Анжоевазулги Хизриевазулги лъималаз. Киназдасаго кIудияй йикIиналъ, гьелъул адабги гьабулаан, къваригIараб бакIалда кумекалъеги рахъунаан. КIиябго хъизамалъул пашманлъи-рохел бащадго гIахьал гьабулаан гьелъги. КIудияб хъизамги нахъа тун, гIолохъанго хвана дир имгIал. Гьебмехалда жеги цIикIкIун тIалаб гьабуна Райгьанатица чохьол эбелалъулги гьелъул лъималазулги. Бажарухъе квер чIвалаан гьелъ Аминат-эбелалъул хъизамалдаги.

Нижерги Анжоевазулги минаби рукIана мадугьалихъ. Дарсаздаса эркенаб заманалда ниж, лъимал, кидаго цадахъ рукIунаан. Къаси улбул ракIарулаан гъасде, гьез хьухьунаан щватаби, мачуял. Ниж рукIунаан расандулел. Жакъаги нижеда гьоркьоб цIунун буго вацлъиялъулаб гьеб асар.

Аминатил хъизамалда камиялги ккана: хвана бищун кIудияв вас Асилдар – дир вац МухIамадил гIелцояв, хадуй – ГIайшат (дир яц Аминатил гьудул) ва дагьалъ цеве къадаралде щвана дир вац ШапигIил гIелцояв МикагIил. Ниж школалда цIалулеб заманалдаго абадияб рокъове ана гIумруялъго рохьихъанлъун вукIарав Рамазан-даци ва анцIгогIан соналъ цее ахираталде ана лъималазул ахикь тарбиячIужулъун хIалтIарай Аминат-адаги. Аллагьас ахират лъикIаб кьун батаги гьезие.

Хизриевазулги, Анжоевазулги ва Сулеймановазулги хъизамазул гьудуллъи чIаго буго жакъаги. Амма хвана хъизамазул бутIрул – кидаго цоцалъ рекъон гIумру арал нижер эменал. Хвана имгIаласул чIужу Жаннатги – лъабго лъимадул рухIел баччизе кканиги, кIалдиса махсараги гьурмадаса гьимиги тIагIине течIей нижер хирияй ада. Дун йихьарайго, гьелъ абулаан: «Кавсаралъул лъим щваяй, ГIаршалъул рагIад щваяй» абун. Гьел рагIабазул магIна бичIчIуларелъул, лъимерлъуда дир гьелде чанги ццимги бахъунаан…

Амма хвечIо лъабабго хъизамалъул гьоркьоблъи. Ниж цоцазухъе уна, пашманлъи-рохел гIа­хьал гьабула, вац-яцаз гIадин ургъел бикьула.

РакI батиялъе чи гьечIолъиялъ гуро – умумуз нижер ракIазулъе тIу­раб рокьулги адабалъулги къатI­рацин билизе бокьунгутIиялъ.

 

Кавсарат Сулейманова