ЦIадаса ХIамзат — херехьдерил тарихалда

Исана 147 сон тIубала ЦIадаса ХIамзат гьавуралдаса. ШагIирасул гIумруялъул ва творчествоялъул бицун, гьев ракIалде щвезавиялъул мурадалда, чанго соналъ цебе гьесул хIакъалъулъ дица цIехон букIана Харахьиса НурмухIамадова ПатIиматида, Заирбегова Аминатида ва цогидазда. Масала, НурмухIамадова ПатIиматица бицана жий гIемер кколаанин унтарав васги вачун МахIачхъалаялде, больницаялде.

— МахIачхъалаялда Харахьиса цохIо Заирбегил хъизан гурони букIинчIо гъоб заманалда гIумру гьабун. Гьединлъидал кидаго гьезухъ рещтIунаан. Гьезухъе вачIунаан ЦIадаса ХIамзатги. Гьес гIемер абулаан: «Нуж, херехь, махсара гIемерал, рагIи бегIерал чагIи руго», — ян. Дун ячIиндал Заирбегил хъизан СагIидатица абулаан ХIамзат ахIизе кколин, магIарухъа чагIи рачIиндал хабар-кIалалъе жиндаги лъазабеян абулин ХIамзатицаян. Гьев вукIана гьобол-гьудул гIемерав, гIадан хирияв чи. Гьесухъ рещтIунаан МахIачхъалаялде магIарухъа рачIарал, сордо базе бакI гьечIел чагIи. Гьезда лъалаан ХIамзатица гьоболлъи гьабулеблъи, — ян бицунаан НурмухIамадова ПатIиматица.

Заирбегил яс Аминатицаги бицана жиндир рекIелъ гьев хутIанила гIаданлъи бугев, гьобол-гьудул хирияв, кепаб хабаралъул чи, гъваридаб магIнаялъул рагIул устар хIисабалда. Жий доб мехалъ йикIанила жеги гьитIинай гIадан, йикIаниги гIезегIан лъикI ракIалда вугила. Лъимал гьесие цIакъ рокьулаанила, тIаде вачIаралъув гьенир лъимал ругони, гьел аскIоре ахIун, гьикъа-бакъарулаанила. Гьединго Аминатица бицана гьес абулаанила Хъандулалда алъул кьибил-тухум Харахьиса кколин абун.

ЦIадаса ХIамзатил вукIана гIемерав гьобол­ги гьудулгиян бицунаан Дагъистаналъул муста­хIикъав учитель, гIемерал соназ авар мацIалъул мугIалимлъун хIалтIарав Харахьиса мунагьал чураяв Маликил Басирицаги.

Гьесул гIаданлъиялъги, гъорлъ восиялъги, каламалъул бегIерлъиялъги ватила гьев бачIинахъего гIадамазул рекIелъ восулев вукIарав. Гьес гIадин асарал хъвалев чиги вукIинчIо ва вукIинги щакаб бугоян бицунаан Басирица.

ГIараб гIелму цIалулев Сивухъ вугеб мехалъ гьесул лъикIав гьудул вукIана Харахьиса Жамалудин, имам ГъазимухIамадгун Генуб къварилъухъ гъазаваталда хварав, гьесул мурид ГIалихIажил наслуялъул чи.

Жамалудинил яс Хадижатица бицунаан оцги бачун вачIунаанила ХIамзат Харахьиве, жиндир инсулги букIанила оц, кIиябго оцги пурцида бан, рекьарулаанила Жамалудинги ХIамзатги, цинги унаанила цадахъ ЦIадареги рекьаризе.

Хъандулалъул кIудияв эмен вукIана Харахьиса, ЦIадаве вачIун, гьенив чIарав чи. Гьелъ гIагарлъиги букIана ХIамзатил Харахьиб.

ХIамзатил кучIдул, гьел гIадатиял кучIдул гуро. Гьел руго «гIакълудал гъамсал», тарбия кьеялъул кьучIал, гIелмудал ралъадал, гIакълудал гIорал, рагIул ва пасихIлъиялъул рорхатал мугIрул.

ХIамзатица къалмиде босичIеб, квешабги лъикIабги доб заманалда ккараб лъугьа-бахъин хутIичIин абизе бегьула. Гьесда лъалаан кигIан пашманабги лъугьа-бахъин копоего сверизабизе.

БатIи-батIиял росабалъ ккарал лъугьа-бахъиназде гьес хехго гьабулаан кечI. Гьесул цо чанго кечI буго Харахьир ккарал лъугьа-бахъиназда хурхаралги.

Цебе гIака бугезухъа бахъулеб букIун буго нахул налог. Нах бакIаризе ва районалде щвезабизе тIадкъарав чиги вукIана, ХIамзатгун цадахъ Сивухъ мадрасаялда цIалулев вукIарав гьесул гьудул ва гьобол Маликил Жамалудин.

1935 соналда Харахьиве боцIул хъвай-хъвагIай гьабизе чи вачIиндал, ГъазимухIамад абулев чияс, бокьосаги бачун, бахчун буго бече рокъоб. Исана нижер гIакдаца бечеги гьабичIин, бечIчIулебги гьечIин абун буго гьес. Амма рокъосан, тIаде рачIарал иналде, гIергIедун буго бече. Гьеб бицен рагIидал, ХIамзатица гьабун буго гьадинаб кечI:

 

Исана гIадинаб сонго лъаларо,

Лъабго моцI балелде бече кIалъараб.

Мегеж хъахIлъизегIан рагIараб гуро

МагIарул мацIалда боцIи кIалъараб.

 

Росулъ хIайваназул хIисаб хъвалелъул,

Къаси ургъун вуго ГъазимухIамад,

Бригад вачIиналде чIухIараб рокъоб

Къан нуцIбигун бече бахчун лъикIилан.

 

Исана дир гIака хIорлъанин абун,

ХIилла-макруялда кIалъан вуго ав.

Асул рагIиялде гIамалги гьабун,

Бригад унев мехалъ ахIи бан буго.

 

«Эбелалда цадахъ дунги хъвайилан»,

НуцIида гьоркьосан гьаркьахун буго.

Лъаларо, бригадги гIакайилан ккун,

ГIергIедун батизе нух буго элъий.

 

Цогиги буго ХIамзатил Харахьиб ккараб лъугьа-бахъиналде гьабураб, «ГIакIаде кини бахъи» абураб кечI.

Лъеберабилел соназда ликбезги рагьун, кириллица малъизе рачIинарулел рукIана киналго. Гьедин лъабго лъимадул эбел Хъанича, гIисинал лъималги рукIун, ячIун гьечIо къасимехалъ рукIунел рукIарал гьел курсазде, гьелда гьитIинаб къоялдаса нахъе лъикI лъалеб букIун буго гIараб хъвай-хъвагIай, гIажам, цIалулеб букIун буго Къуръан. Гьенире рачIинчIезде гIакIа къотIулеб букIун буго. Гьедин Хъаничал гъобаса гIакIаде бахъун ун буго кини, моцI бараб лъимерги кинитIаса нахъе бачун.

ЦIадаса ХIамзатица кечI гьабураб гьеб кини цIунун буго гьабсагIатги росдал музеялда.

 

Дир гьитIинаб гIарза завОНОясде,

Зулмуялъ къвал байдал, къватIиб рехараб.

Къалмил мацI пулхараб гьалагаб кагъат,

Гьарщулеб магIица багIар белъараб.

Букъараб заргIанаб ГIисаевасул

«ГIадлудал» кутакалъ квегъулел руго,

«Красный партизан» ЗайнулгIабидил

Зулму бергьун буго гьаб нижер росулъ.

 

Радал ликпункталде кватIунин абун,

Кини ана бахъун, бехъерхъун босун.

Карандаса тIечIеб лъимерги рехун,

ЛъикIго йикIа абун, кIал гьикъун тана.

 

Дун, моцI бачIеб лъимер карандеги къан

КидалъагIан, ОНО, адин йикIиней?

Кинида гурони макьу щоларин,

Щиб дица гьабилеб гьаб рижиялда?

 

Авги «хIукуматалъ кверщел кьун тарав»

Кутак чи рагIулин, гIайиб щиб бугеб.

«Кинабго ихтияр жиндихъ бугилан»,

Живго мукIурлъанин, кIалъан пайда щиб.

 

КIиго къо иналде прокурорас

Киниги баччун ав тIаде ахIана.

ТIокIаб гьадинаб иш гьабиларедухъ,

Гьале туснахъилан, тункун рехана.

 

ЦIадаса ХIамзатил руго пьесабиги. Гьес гьенирги къватIир чIвазарулел руго рокьукъаб гIамалги, рекъечIел гIадаталги, хашаб яшавги. Гьесул руго лъугIичIел пьесабиги. Масала, «Генуб къварилъухъ» абураб. Гьениб гьес хъвалеб буго: «Пардав рагьарабго бихьизе буго гендерил кIкIалахъ ГъазимухIамадил хIужраги гьелда цебе гьабураб щулалъиги. Гьенир данделъиялда 15-гIан чиги. Гьезда гьоркьор ГъазимухIамад, Шамил, Харахьиса ГIалихIажияв, Инхоса НурмухIамад, гIалимчи ХIариколоса СагIид гьел цогидалги…», — ян.

ГIалихIажияв кколаан имам ГъазимухIамадил мурид, гIалим. Гьенибго гьес бихьизабулеб буго Генуб къварилъухъ ккараб рагъул хIакъикъат: «ГIалихIажияв, гIодов ккарав чи, хъат цIураб ракь речIчIулев вукIана, «гьаби», «малгIунал», «тушбаби» абун ахIулаго…», — ян.

ХIамзатица магIарул мацIалде руссинаруна Пушкинил, Жуковскиясул ва цогидазулги асарал. Таржама гьабулаан гIараб мацIалдасаги.

ГIасругIанасеб заман аниги, ХIамзатил гIеме­ри­сел асарал руго жакъа гьаруралгIанги нилъер гIумруялдеги дандекколел. Гьесул жиб-жиб кечI буго гIумрудул хIакъикъат рагьараб.

Бицуна ХIамзатица абулаанин шагIирлъун жив халкъалъ гьавунин абун. «ШагIирлъун вахъинавуна халкъалъ ва дир библиотека бу­кIана халкъ. Дир гьабураб хIурматги буго халкъалъул гьабураб хIурматлъун. Щайгурелъул, дун вуго халкъалъул чи ва ярагъги дихъ буго хал­къалъ чархида ккураб», — ан хъван буго ХIам­затица.

Гулишат Ильясова,

Харахьи росу