«Инсуца абулаан квешаб сурат бахъизегIан, бахъичIого тани лъикIилан»

ЦерегIан соназда къанагIатги букIунароан тумазул миллаталъул фотограф Камил Чутуевасул суратал камураб газет-журнал. Гьесул эмен Аминги лъалаан советияб заманалда ТАССалъул фотокорреспондент хIисабалда.  

Гьединлъидал гьел кIиязулго хIурматиял цIаразулги машгьурлъиялъулги гьаниб бициналъулъ гьедигIан хIажалъи гьечIо. Бицина гIицIго гьал къоязда МахIачхъалаялда байбихьараб Камил Чутуевасул суратазул выставкаялъулги гьесулгун нижер ккараб гара-чIвариялъул.

— Камил, суратал рахъиялде рокьи инсудасан щун батиларищха дуе?

— Дир пикру букIинчIо художниклъун, фотографлъун вахъине, чара гьечIого инсул нухдасан ине. У, цIар рагIарав фотожурналист вукIана дир эмен, советияб заманалда гIезегIан соназ ТАССалъул корреспондентлъунги хIалтIарав. Дир букIана батIияб анищ. Амма гьеб тIубачIо. Гьеб тIубангутIиялъе гIиллалъунги ккана дирго хъизан ПатIимат. Дун рази вуго дирго гIумруялдаса ва цо къоялъниги ракIги бухIичIо къисматалъ батIияб, фотожурналистасулаб нухдасан дунго вачиналдаса.

— Инсуца кинаб къимат кьолеб букIараб суратал рахъиялъе бугеб дур махщалие?

— Гьес кидаго гIайибал чIвалаан дир суратазда. Инсул хIалтIуда гIажаиблъун, хIайранлъун вукIунаан дун. Гьес абулаан квешаб сурат бахъизегIан, бахъичIого тани лъикIилан. Гьеб рагIи гIумруялъего гIуна дие.

— Дуца тIоцебесеб сурат сундул бахъун букIараб?

— Ункъабилеб классалда цIалулеб мехалъ инсуца дие босана суратал рахъулеб аппарат, гьелда абулаан любительскиябилан, жеги ракIалда буго гьелъул цIарги — «Любитель» абун. Дица тIоцере рахъана дирго гьудулзабазул суратал. Цо гьудул вукIана дир Володя Билалов абун, цо къотIнор яшав гьабунги рукIана. Гьеле гьесул сурат бахъана дица тIоцебе.

— Аслияб куцалда магIарухълъиялъулги росабалъ гIумру гьабулел чагIазулги суратал руго дуца рахъун. Амма доб советияб заманалда партиялъул тIалабал батIиял рукIиндалха…

— Дун гьелъухъ киданиги балагьичIо. Дун балагьулаан гIадамасухъ, гьесул хасияталъухъ. Хасго мугIрул руччабазухъ. Гьаб дуниялалда тIад гьечIо нилъер мугIрузул руччабаздаса берциналги лъикIалги руччаби. Гьедун абизе кIола.

— Дур рахъарал руччабазда гьоркьорги гIемерисел руго ригь арал гIадамал. Гьелдалъун щиб бихьизабизе бокьун бугеб дуе?

— Ригь кIудиял руччабигун кIалъалеб мехалъ дида кидаго дунго лъимерилан кколаан. Гьезул дидехун букIунеб адабги хIурматги бихьараб мехалъ, дун пикрабаз вачунаан лъимерлъиялде.

Цо журналисталъ дида цIехана, Камиль, дуца кидаго гьал херал руччаби щай рахъулелан. Гьелда кьабизе квер борхизехъин батана дица, рекIеда ватун вукIинчIевани. «Кинай херай гIадан гьей йикIуней, гьей йиго дир эбел, яц, лъади», – ян абуна дица гьелда. Гьединалги камуларо нилъеда гьоркьор…

— Доб заманалда гIемер рукIана цIар рагIарал фотографал, масала Зимбель, Рудольф Дик ва цогидал. Жакъа къоялда щив дуца гьезда гьоркьоса тIаса вищилев вукIарав?

— Гьай-гьай, Рудольф Дик. Дуца цIехедал, абулеб буго дица гьев тIаса вищилаанин, амма дун гьес гьабураб гьабизейилан киданиги вахъинчIо. Дир дирго букIунаан хатIги, хасиятги, творчествоги. Гьеб жив-живасул жинди-жиндир букIинарищха.

— Дур гIумруялъул бищун дуе бокьулеб ва рекIее асар гьабулеб заман кинаб букIараб?

— БитIараб бицани, дир гIумруго буго гIажаибго хIикматаб. Дие цIакъ бокьула дирго  ватIан, хъизан. Дир руго гIемерал гьудулзаби, гьездасан щола дие кIудияб рохел, лазат. Амма рокьиги рохелги рокъобги дир камичIо. Хъизамалде ва гьелъ дие гьарурал анлъабго лъимадуе буго дир кинабго рокьи ва талихI. Гьеб киназдаго гьединги лъала. Дица щиб гьабуниги, дир хьибил ккун рукIуна гьел.

— Гьаб дурго суратал рахъиялъул творчество букIинчIебани, кинаб махщел дуца тIаса бищилеб букIараб?

— Дун армиялдаса вачIараб заманалда ДГУялда рагьана Электротехникияб абун цIияб факультет. Школалда 6-7 классазда цIалулеб заманалдасанго бокьулаан дие гьаб радиогун бухьен бугебщинаб. Дица бакIарунгицин букIана дитекторнияб приемник, наушникалгун цадахъ. 7 классалда дида цадахъ цIалулеб букIана кIиго гIуруслъимер, гьезул цояв кколаан дир гьудул Балуев, цогидасул фамилия цIар ракIалда гьечIо. Гьез ракIарун рукIана унго-унгоял звукалъул усилителал. Гьездасан ругьунлъана дунги гIезегIан жоялде. Щиб-щибниги гьабизе паяльник, гъалай, канифоль ва цогидаб бакIарулаан дица. Гьединаб гIиси-бикъинаб жо бичулеб тукен букIунаан. Гьединлъидал, гьеб рахъалдехун бугеб рокьиялъ радиотехниклъун цIализе ине анищ букIана. Амма хадуб пикру хисун, гьениве инчIо дун.

Гьедин инсуца дун витIана Дагъистананалъул гIагараб ракь лъазабиялъул музеялде. Гьенив суратал рахъулев чи къваригIун вугоан. Дуда суратал рахъизеги лъалелъул, гьениве аян абуна инсуца. Дица доб мехалъго рахъулаан суратал гьанже ругел унго-унгояб суратал рахъулел чагIаздасаги лъикI. Инсуда тIадги вахъун суратал рахъизе бегьуларелъул, дун ана музелде хIалтIизе. Гьениб бижана дилъ суратал рахъиялде рокьи. Гьелде щвезегIан дирго росу тун батIияб бакIал лъалароан дида. Цинги лъана мугIрулги, мугIрузул росабиги, гIадатиял гIадамалги. Амма бищун аслияб ва гIажаибаб жо букIана дие щибаб росдал махI, гIумру, хаслъи. Гьеб цIакъ лъалаан дида батIа бахъизе.

— МагIарул миллаталдехун кинаб бербалагьи дур бугеб?

— МагIаруллъиялда гъорлъ бищун гIемер гьалбал рукIана дир. Гьезие вокьулаан дун, амма жакъа къоялда гьезул гIемерисел камуна – ковид-унтуца гIемерав чи нухав лъуна, цо-цоял заманаялъ, санаца нухар лъуна. Мунагьал чураги гьезул. Дида кидаго берцин рихьулаан ва хIурмат гьабулаан магIарул (намусал) руччабазул. МухIамад Шамхалов («БагIараб Байрахъ» газеталъул бетIерав редактор – авт.) вукIана дир цIакъ лъикIав гьудул. 1963 соналда гьес лъугьинавуна дун Журналистазул Союзалдеги. Дида доб заманалда цIакъ берцин бихьулаан «БагIараб Байрахъ» илан хъвараб рагIи (дирго гьудулзаби гьенир хIалтIулел рукIиналъищали).

— Жакъа къоялда щиб дуца гьарилеб нилъерго ватIаналъе, халкъалъе?

— ТIоцебесеб иргаялда, дица гьарилаан, СВОги хехго лъугIун, нилъер гIолохъаби сах-саламатго ва бергьенлъигун тIадруссине. Гьединго нилъер тIолабго халкъалъе сахлъи, рохел ва аваданаб гIумру гьарула. Нилъ гьелъие мустахIикъал руго. Жеги бокьилаан нилъер халкъалъ мугIрул яхIги-намусги рехун тунгутIизеги.

Гара-чIвари гьабуна Рукъият ГIалисултановалъ.