КочIохъаби чIвала, кучIдул хутIула…

Щибалиго гIуцIиялъ лъаларо, пачалихъалъ лъаларо, 21 абилеб март бихьизабун рагIула Халкъазда Гьоркьосеб Поэзиялъул Къолъун. Гьедин хъван бугоан календараздаги. Гьеб къо поэтазул къо бугин, календаралъухъги ралагьун, рахъ-рахъалде ахIун баркулел гIадамалги руго. Гьел баркабиги къабул гьарун жал поэталин чIаралги руго. Амма дида цебе тIамизе захIмалъулеб буго гьедин жинда баркун букIарабани, щиб абилеб букIараб ХъахIабросулъа МахIмудицаяли. Санцин гьаричIого, Бекьилъе валагьун инаан цо Муида бер чIвалел авал балагьун.

Расулица щиб абизе букIарабали цебе тIамизе бигьалъула. Гьес абилаан поэзия щугосонил планалда рекъон хIалтIуларин. Гьелъие хасаб къоги моцIги гьечIин. Гьеб бугин чиясе талихIлъунги, тамихIлъунги, гьеб бугин рекIее роххелги пашманлъиги, поэзия бугин тIабигIат ва гьеб букIунин батIи-батIияб. Ва тIабигIаталъул гьечIин берцинаб гурони заман абун. Гьев витIун вукIинаан гьеб къиматалъулъ. Поэзия буго рекIел асар ва гьеб загьир гьабулеб къагIида. БукIунаро поэзиялъул хасаб къо, ригь, заман, цIараб болжал ва нилъеца ахIун бачIин ва нахъе хъамун нилъедаса ин.

Гьеб бачIуна бакъ гIадин, цIад гIадин, накIкI гIадин, хаселгун их гIадин нилъеда гьикъичIого. Нилъ рухIдал ва хIайран гьарула гьелъул кьераз, гьелъул бакъназ, гьелъул гьаркьаз, гьелъул асаралъ ва гьеб кинабго загьир гьабизе кIолел махщелчагIаца: релъаби ратулел суратчагIаз, рагIи батулел шагIирзабаз, гьаркьал ратулел кочIохъабаз, бакънал рахъулел композитораз. Гьезухъеги гьеб бачIуна зобалаздаса, гьезда гьикъичIого. Унго-унгояб поэзия гьединаб буго, гIодовги чIун цо пуланав чияс ургъун рахъарал рагIабазул дандраял гурелха. Гьелъие цо мисал.

Машгьурав гIурусазул шагIир Михаил Светловас сардилъ сагIат кIиго тIубарабго ворчIизавун вуго телефоналъги кIалъан, цо жиндир гьудул, жинца хъвараб цIияб кечI цIализеян.

— Дуца бицунеб щиб? Гьаглъун вугищ мун? Гьаб чан тIубараб заман, сагIтихъ валагье, – ян абун буго гьудулас.

— ТIаса лъугьа, дида кколаан мун дир гьудул вугин ва гьеб «гьудуллъи» абураб жо цIараб заманалда ва болжалалда гуреб, заманалъухъ балагьичIого кидаго букIунеб жойилан, — жаваб кьун буго Светловас.

Ва тIокIалъ кIалъан гьечIо дов чиясухъе. Гьеле поэзия!!! Гьеб шигIру бачIинги, гьеб хъвайги, хъван бахъарабго сардилъ ахIиги, инкар гьабурасе кьураб жавабги, гьеб кинабго буго унго-унгояб ПОЭЗИЯ!

РекIел асар ва гьеб загьир гьаби. Ва гьеб поэзиялъул къо баркизе ккола унго-унгоял, кучIдул хъвачIого чIезе кIоларел поэтазда гуреб, гьез хъварал асарал цIалулел, гьезул гьунаралъул къимат лъалел, гьез хъвараб цоцахъе кьолел нилъеда, нилъер миллаталъул гьединал рагIул устарзаби, шагIирзаби, поэтал рукIин. Гьез кумек гьабула нилъее дунялги, нилъгоги рихьизеги ричIчIизеги. Жалго шагIирзаби, гьунарал сверухълъиялъе канлъиги кьун бухIун тIагIунеб хIедул чирахъ гIадин уна, амма цIар, асар, пикру ва рагIаби хутIула. ШагIирас абухъе:

КигIан гIемераб гъегъ гIурде баниги,

ГIурччинлъи ганчIалъе гъорлъан баккула.

Гьедин лирикагун чан дуэль ккараб

КочIохъаби чIвала, кучIдул хутIула…

ШигIрабазул къогун нужеда, хIурматиял магIарулал!

 

МухIамад БисавгIалиев