ЦIалдохъанасе лъикIаб бицунев хутIун вуго учитель

Школалде учительлъун дун хIалтIизе лъугьаралдаса нахъе унеб буго 50 сон. Бокьун буго араб гIасруялдаги ва жакъасеб гIумруялдаги учителасдехун бугеб бербалагьи загьир гьабизе.

Советияб заманалда учителасул къиматги, къадруги ва гьесул гьабулеб тIалабги тIадегIанаб даражаялда букIана. Гьесие гьарулел социалиял бигьалъабиги рукIана. Масала, чIобого кьолаан бухIизе цIулги тIурччиги. Гьебги щивасул кIалтIе щвезабулаан. МухIу ГIалиев президентлъун вугеб заманалда учителасе, кигIан бухIаниги, ток чIобого букIана. Гьанже абуни учителасе коммуналиял хIажалъабазе моцIалъе кьола 1300 гъурущ. Харжал абуни, цIакъ­го мукъсанал руго. ГIумру гьа­биялъе хIажатаб гIарцул роцен цIикIкIинабуна, амма учителасул харжал цIикIкIинарулел гьечIо. ГIемерисел шко­лазда завучасул хIалтIи бащдаб став­каялде бачана, амма гьес гьабизе кколеб хIалтIи, цIикIкIун гурого, дагьлъичIо. Бащдаб ставкаялда ругел завучазе щола 14-16 азарго гъурущ. Жакъасеб ахIвал-хIалалда гьеб цIакъ мукъсанаб жо букIин хIакъаб буго.

Цебе учитель лъималазде семизе бегьулаан, хIатта гIинцин кьуру­лаан. Гьелъул хIасилалда цIалдохъабазул гIадлуги букIана. Жакъа цIалдохъабазул гIадлу гьечIо, гьезие гьеб гьабизе учителасул ихтиярги гьечIо. Цере цIалдохъаби учитель вугеб бакIалдаса батIияб свериги бахъун унаан. Гьеб букIана гьезие кьолеб тарбиялъул, гIадлуялъул, гьезулъ куцараб чIахIияздехун бугеб адабалъул хIасил. Гьанже абуни цIалдохъаби учителасул бадире женкIелел рукIуна. Дагьабниги кьварун рагIи абуни, цо-цо цIалдохъабаз хIинкъабицин кьола учителасе. Гьедин гьез гIарзги бахъун, хIалтIудаса нахъе аралги ратизе бегьула учительзабазда гьоркьор. Гьединал цIалдохъабазул умумулги жидерго лъималазда ва гьез гьабулеб мекъаб пишаялда тIадрекъола. Пикру гьабе, гIун бачIунеб гIелалъул жакъа гIадинаб гIадлу хвараб хьвада-чIвади, гьезда гьоркьоб кколеб дагIба-къец букIанищ советияб школалдаяли. ГIадлу буго тарбиялъул аслу.

Жакъа абуни, учитель хутIун вуго цIалдохъанасе лъикIаб бицунев. Гьелъул хIасилги нилъеда якъинго бихьулеб бу­го. Амма лъалеб жо буго, учитель цIалдохъанасде семуларо яги гьесие гIадлу гьабуларо гIицIго гьев битIараб тарбиялде вачин мурадалъ гурого.

Цогидаб рахъ босани, cоветияб школалда рукIана цо авторасул цIалул тIахьал. Гьанже абуни, историялъул букIа, хIисабалъул, гIурус мацIалъул ва цогидал предметазул рукIа, тIахьал руго 4-5 батIияв авторасул. ЦIалул программабиги зама-заманалдасан хисизарулел руго. Дир пикруялда, цебе гIицIго мелги доскаги гурого букIинчIеб мехалъ, цIалдохъабазул лъаялъул даража тIадегIанаб букIана. Хасго ЕГЭ баккун хадуб цIалдохъанасул гIаммаб лъай боси гIодобе ккана. Жинцаго тIаса бищизе бугеб махщалие къваригIунел предметазда тIадчIейги гьабун, цIалдохъанас рехун толел руго цогидал предметал.

Гьанже лъай босиялъе рихьизарун руго цIакъго захIматал программаби. Хасго байбихьул классазул цIалдохъабазе кьолеб буго цебе чIахIиял классазе бихьизабун букIараб материал. ЧIахIиял классазе бихьизабураб материал захIматаб буго цо-цо предметазул. Жидерго рахьдал мацI лъазабиялъе рихьизарурал сагIтал цIакъго мукъсанал руго. Масала, 4-9 классазе анкьие цо сагIат кьун буго рахьдал мацI лъазабиялъе. Цо анкьалъ литература, цогидаб анкьалъ грамматика гьабизе кколеб буго гьеб предметалъул учительзабаз. Жакъа, киналгоязде гIунтIун лъимал гIурус мацIалда гурого кIалъалареб мехалъ, бегьилаан гIурус мацIалъул сагIталги дагь гьарун, гIагараб мацI лъазабиялде кIвар кьезе. Гьеб суал цIакъ хашго тун буго.

Учителасдехун бугеб тIаса-масагояб бербалагьиялъул хIасиллъун ккола цIалдохъабаз къанагIат гурого гьеб махщел гьанже тIаса бищулеб гьечIолъи. Дун пединституталда цIалулеб мехалда физикаялъулгун математикаялъул факультеталда нижер курсалда вукIана 150 студент. Гьанже абуни, рагIана цо группагицин хIалалъ бакIарулилан. Лъаларо, гьеб уяб жойищали. Цо-цо районазул администрацияз, учительзаби гIолел гьечIолъиялда бан, учительлъиялде цIализе лъугьаразе стипендиялда тIадеги щуазарго гъурущ кьолеб буго. Гьедин букIаниги, гьенире цIализе унел къанагIат руго. Гьеб ккола школазда учительзабазе мукъсанабго харж букIиналъул хIасил.

Школалда цIалдохъаби регIизе толел гьечIо жидее рихьизарурал предметазул программаялда рекъон лъай босизе. ЦIалул соналда жанир рачIуна аза-азар кагътал цIалдохъаби батIи-батIиял конкурсазда, проектазда, батIи-батIиял платформабазда ругел олимпиадабазда гIахьаллъизе кколилан абун хъварал. Кинабха кколеб гьел конкурсазулги, проектазулги, олимпиадабазулги хIасил? ГIезегIан лъикIаб ккола. Учительзабаз хIадурула цIалдохъабазе материал, щола гьезие тIоцересел бакIал. Чахъабиги цIунараб, бацIалги гIор­цIараб гIадаб жо ккола.

Лъай кьеялде бугеб хашаб бербалагьиялъул хIасиллъун ккола цIалул сон лъугIараб мехалъ школалъе гIиси-бикъинаб ремонт гьабиялъе гIарцул сурсатал кьунгутIиги. Учительзабаз жидецаго росизе ккола лажбарги, гьеб бахине щеткабиги ва цогидабги. Советияб заманалда, цIалул сон лъугIидал, ремонталъе биччалаан гIарац. РукIуна цо-цо школазда эбел-инсухъа ремонт гьабиялъе гIарац бакIарулеб бугилан гIарзалги. ЧIезабулеб гьечIо учителасе мелги, кагъатги ва гьеб гуребги. Къокъго абуни, бокьилаан тIадал идарабазул хIалтIухъаби учителасул захIматалъе мустахIикъаб къимат кьеялда тIад ургъизе.

 

МухIамад-ХIабиб Халилбегов,

Хунзахъ районалъул

МочIохъ росу