Новость на родном

Багьаялда рекъараб къадру букIине гIоло…

1988 соналъ бахъизе байбихьун букIана «Аргументы и факты» абу­раб газета. Байбихьудасаго цIар ана гьелъул. Доб заманалда «АиФ» рикIкIунаан лъикIаб газеталъун. Гьединлъидал нижеца, студентазги, гьеб гъираялда цIалулаан. Дун абуни «Аргументы и факты» газета цо­ниги гьоркьоса биччачIев ва политикияб рахъалъ гьелъул битIахъегояб кумекалдалъун гIуцIарав чи ккола. Унгоги хIасилги къокъго кьолел, кьучIаб баянги щолел макъалаби рукIунаан гьелда. Гьанже...

Новость на родном

Баба, долъул ругел хIеренал кверал!

Нусго, азарго… кверазда гьоркьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечIониги, лъимада ратIа гьаризе лъалеб куц эбелалъул кверал.     ГIадалъ кьабураб тIилгIан бакIлъана Разиятие гьитIинав МахIачица, мадугьалихъ йигей Ра­исатил доваса векерун вачIунаго, «Баба, Раисатил ругел хIеренал кве­ралин» абурал рагIаби. — ЛъикI рагIула. Квералги чурун, кваназе гIодов чIа, — ян абуна гьелъ.   Гьелъухъ гIинги тIамичIого, цIидасанги байбихьана...

Новость на родном

Кинабго иш школалде рехун тезеги бегьуларо

Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал школа бана 1975 со­налда. ГьабсагIаталда гьенив цIалулев вуго 340-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан. Школалъул директор, математикаялъул учитель Умалат Хангишиевас бицухъе, школалда руго киналго хIажатал махщелчагIи.     Умалат, РФялъул Лъай кьея- лъул министерствоялъ хIукму гьабуна учителасул моцIрол харж кIиго бутIаялдаса гIуцIизе. Учи­тельзаби рази ругищ харж кьолеб къагIида хисизабиялдаса? — Гъира базабиялъул бутIаялъул роцен...

Новость на родном

ТIадчагIазул иман- халкъалъул талихI

Исанасеб кIалбиччанкъоялъ цIунизе ккараб гIадатияб гуреб ни­зам гIемерав чияс батIи—батIияб къагIидаялъ загьир гьабуна. Дир хIисабалда, тIолабго дунялалда пашманлъи тIибитIараб гьаб замана­ялъ, рокъоб гIидалъул къо тIобитIи—гьеб магIу гьабизе ккараб захIмалъи гуро. Гьеб къоялъ, хIалтIул жавабчилъи цIикIкIиналъ, рокъоре ракки­зе щвечIелги, рукъго гьечIелги, рикъзи къанагIаталги бусурбаби да­гьал гьечIелъул ракьалда. Сабруго хварал магIаби тIиритIизаричIого, ракIазе бигьалъи кьолеб каламалъулго кири...

Новость на родном

Туркиялъа кумекги тIаде щвана

Туркиялъулазгун гьенир ругел нилъер ватIанцояз дарабаздалъун ва медицинаялъул къайи-цIаялдалъун гьабураб кумек тIаде щвана. Ай, 26 маялъул къаси МахIачхъалаялде щвана гьеб къайидал цIураб кIудияб машина.   Гуржиялъулгун РФялъул гIорхъоде (Северияб Осетиялде) гьелда дандчIвазе республикаялъул тIалъиялъ витIун вукIана ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул рахъалъ министрасул заме­ститель Гьарун Давыдов.     Коронавирусалда бан киналго па­чалихъаз гIорхъаби къан ругелъул,...

Новость на родном

Огь, баркаман, нигIматазул цIакълъи!

Дица рикIкIуна росдал магIишаталда хIалтIулел захIматчагIи жидерго ватIаналъул унго—унгоял патриотал кколилан. Щибха Аллагьасул рахъалдасан кириги гIадамазул рахъалдасан баркалаги цIикIкIараб букIинеб, рацIцIадал, хIалалал кванил нигIматаздалъун гIадамал хьезариялдаса? Румазул император Гай Юлий Цезарица абу­леб букIун буго: «Провинциялда тIоцевесевлъунго лъикI, шагьаралда кIиабилевлъуналдаса», —ян. Дагьал церегIан соназцин гьеб пикруял­да советияб лъайгун тарбия щварал разилъулел рукIарал ратани, жакъасеб гIелалъе бокьулеб...

Новость на родном

Баркала, АхIмад афанди, сахлъи кьеги дуе!

18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница видеоконферен­ция тIобитIана нилъер республикаялъул нухмалъигун. Гьединго гьелда гIахьаллъана муфтий АхIмад—ХIажи афандиги. Республикаялда лъу­гьун бугеб захIматаб ахIвал—хIалалда тIасан хабар ккана гьениб. КIвар бугел суалалги рорхана. РагIи—рагIиккун гьениб бицарабщинаб жо жакъа газеталдасан кье­ялъул магIна бихьуларо. Гьелъул нусго батIияб свери гьабун кьуна теле­эфираздасан, интернеталъ ва социалиял гьиназги.     Къокъ гьабун республикаялъул...

Новость на родном

ГIумруялъе хIинкъигун къеркьолел руго тохтурзаби

Инсанасул сахлъи цIуниялъул фронталда тушманаб коронавируса- лъулгун цебесеб кьерда рагъ балеб буго жакъа тохтурас.   Тохтурасул махщел ккола бахIарчилъиян абулаан машгьурав хъвада­рухъан ва тохтур Антон Чеховас. «Тохтурасул махщелалъе кидаго хIажатаб буго пикрабазулги рекIелги бацIцIалъи. Тохтур вукIине ккола гIакъилавлъун, рухIияб рахъалъ вацIцIадавлъун ва къамартIавлъун», — илан абуна гьес.     Коронавирусалъул пандемиялъул квачIикье ккана БежтIа участока-...

Новость на родном

КIодохIмал хабар

Доб букIана 1966 соналъул июнь моцI. Туркмениялъул Мари шагьа­ралда хIалтIулев вукIарав дун, лъади ячине вачIаян инсуцаги ахIун, от­пускги босун, «Ташкент-Кисловодск» поездалда сапаралъ вахъана.    Босараб белтида рекъон, вагоналъуве лъугьунаго, гьений дандчIварай 18-19 сон барай гIолилай йихьидал, дун чIун хутIана. ЧIахIиял чIегIерал берал, мугъзадаса гъоркье биччараб бицатаб гъал, узданаб лага-черх, би-рахь жубараб гIадаб кьералъул гьумер. Къокъго...

Новость на родном

Гьудуллъиялъул багьа

Щуго соналъ цадахъ цIаларай, щуго соналъ цадахъ гIумру гьа­бун йикIарай Раисатил васасул берталъе МахIачхъалаялде ине къо­ял рикIкIуней йикIана Хамиз. Гьенир данделъизе къотIи гьабун букIана цогидал курсцоязги. Хамизил цIакъ гъира букIана лъеберго соналъ йихьичIей гьудул йихьизе. Гьелда рагIун букIана Раисатил бечелъиялъул бицунебги. Божизе бокьун букIинчIо бечелъиялда ца­дахъ Раисатил гIамал кIодолъун бугин гIадамаз рицунел харбазда.   Хамизица,...